Сафар 1443 с.
№19 (2021-10-01)

Хваразде зиярат

Нилъер гIагарал хваразде зиярат гьаби аварагасул суннаталдасан ккола. Исламалъул авалалда аварагас гьукъун букIана хабал агьлуялъухъе зиярат гьаби....

ГIалимзаби - бусурбаби

ГIелму лъазабиги лъай тIалаб гьабиги буго щивав бусурбанчиясда тIадаб борч. ГIелму бугелъулха нилъ канлъуде рачунеб нух, жагьиллъиялъин абуни рачуна...

ГIицIал хIатIал рихьидал…

БачIун буго мода бохдул рихьулеб, Рии-хаселалъе батIалъи гьечIеб. БотIрол рас гьурщараб, габур баккараб, Черх цебе лъураб ретIел ретIараб. БачIун...

ГIумрудул гIажаиблъи

Унго, гӀажаиблъи гьаб гӀумруялъул, ГӀадан херлъанагӀан хиял цӀилъулеб; Хвел гӀагарлъанагӀан гӀишкъу цӀикӀкӀунеб, ГӀедегӀун анагӀан инсан...

Инхоса ГIали-хIажиясул асарал

ГьаракIуниса СагIидил кIудав эмен Абубакар, МухIаммадил хIадисалъе мутабахIир вукIанила. Гьаб халкъалъул хIисаб гьабун, хIадисалде...

Муса аварагасул гIансаялъул хIикмат

ШугIайб аварагасул гIияда вехьлъун анцIго сон байдал, эбелалъухъе щвезе ракIги бан букIун, Муса аварагасе бокьана Мисриялде тIадвуссине. ШугIайб...

СагIид-афандиясде (къ.с.)

РахIму-цIоб гIемерав, гIалам бижарав, ГIатIидаб тавбуги нижее кьурав, Авал-ахир гьечIев, Гьади-Щакурас Шагьидлъарав инсан кIодо...

Аллагьасул къадар

Аллагьасул къадаралда сверухъ бахIс гьаби ккола Гьесул сипатазда тIасан бахIс гьабилъун. Гьениб цоцоял мекъиги ккана гъварилъуде раккидал. Бичасул...

Исламияб тарбия – талихIалъул кьучI

Аллагьасе рецц буго нилъее наслу кьурав. Жеги рецц буго Аллагьасе нилъее гьеб наслу бокьизеги гьабурав. Гьедин гуребани дунялалда гIумруго...

Метер, метер...

Абадияб ахираталде дандеккун, кигIан гIумру халалъаниги, ракьалда балеб заман буго цIакъго дагьабго жо. Инсан вуго гьабулеб ишалъулъ кIвахIалав,...

Нужее баяналъе

1. Къуръаналда Лукъманил цIар чан нухалда рехсараб? – КIиго нухалда, «Лукъман» сураялда, аят 12, 13. 2. Щибаб аят «с» хIарпалда лъугIулеб...

Аварагасул гIумруялдаса суалал

1. Аварагас эбелалъул ургьиб чан моцI бан хадуб гьесул эмен хварав? Эмен хведал, Аварагасул эбел, гьев гьавизе кIиабилеб моцIалда йикIана....

Мажгит - Аллагьасул рукъ

Аллагьасул рукъилан Расуласго бицараб, Цудунго вахъунесул Сас жаниб къотIулареб. ТIалибинал ругьунаб, Исламалъул нур бараб, Бугебха цогиги...

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Дун кьарияй йиго Дир буго 23 сон. Руго кутакалда лъикIал эбел-эменги. Амма дирго гIумру гIадада унеб буго. ГьитIинаб къоялдаса нахъе дун гIемер...

Ракьалда лъикIаб лъалкI тарай

Татаразул машгьурай журналистка Альмира Адиатуллина къадаралде щвана Гьал къоязда, 84 сонил ригьалда, Аллагьасул къадаралде щвана татаразул...

КIодоэбел ва лъимал

КIодолги ясалъулги накъит Яс: ало, кIодоэбел, лъикI яхъарай! КIодо: йорчIами, дир яс! Кин бугеб дур ищ? Яс: кIодо, дадацаги бабацаги дие изну кьуна...

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Щиб хIикмат бугеб авараг хабзалалъ вукъичIого ГIаишатил рокъов вукъиялъулъ? Авараг Маккаялда гьавурав вукIаниги, гьесул хирияб жаназа гьенибе...

ЦIалдолезул пикраби

Иргадулаб номералъе гьабуна «Щиб гьабиялдалъун нужее хIалхьи, черхалъе рахIат щолеб?» - абураб суалалда хурхун цIех-рех. Гьелъие рачIарал жавабал...

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...