Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Дир гIагарлъи какула

 

 

Росас какула дир эбел-эмен ва гIагарлъи. Гьезда цевесан гьимун кIалъала, амма нахъасан хIажат гьечIеб хабар бицуна. Гьеб иш сабаблъун нижеда гьоркьоб дагIбаги ккола. Бокьилаан лъазе щиб дица гьабилебали?

 

Х., МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Гьединаб гьоркьоблъиялъе къимат кьезе цIакъ захIмат букIуна цо рахъалъул гурони пикру лъалареб мехалда. Гьединлъидал кIиябго рахъалъухъ гIенеккизе ккола.

Дур суалалдасан бичIчIулеб буго рос гIамал мекъав чи вукIин. Амма гьесулъги ратула лъикIал хаслъаби. Нилъее лъикIаб рахъалдехун чи хисизавизе бокьидал, цохIо гьесул гIунгутIабазда мугъчIвай гьабиялъ хIасил кьоларо.

Бокьараб масъала тIубалелъул лъазе ккола дур щиб мурад бугебали. Мурад батани гьоркьоблъи цIуни, хирияв чи лъикIаб нухде вачин, гьеб мехалда гьелъие рес балагьизе ккола. ТIоцебесеб иргаялда, росасулгун дагIба гьабуге. Гьелъул бакIалда гьесда бичIчIизабе эбел-эмен ва гIагарлъи каки ТIадегIанав Халикъасда цебе кIудияб мунагь букIин. Жиндирго эбел-эмен унго-унголъун рокьулев чияс киданиги квешаб рагIи абуларо чияр эбел-инсул хIакъалъулъги.

Нужее лъикIаб букIина гьеб суал росдал имамасда дандбани. ЛъикIаб букIина росгун цадахъ кIиялго гьесухъе ани.

 

Психологасул жаваб

Росас дур гIагарлъиялъул рахъалъ квешаб рагIи щай абулеб бугебали бичIчIизе ккани, халгьабизе ккола щиб гьесие данде кколарого бугебали. Рес буго гьез абурал яги гьарурал цо-цо жал гьесие рокьичIого рукIине, амма батIи-батIиял гIиллабаздалъун гьесда кIоларо гьел гьедин ругин абизе. Гьединлъидал, гьес жиндирго кинабго разилъигьечIолъи дудехун буссинабулеб буго.

Щиб лъалеб, росасда ракIалде кколеб батила мун гьесдаса цIикIкIун дурго гIагарлъиялъухъ гIенеккулей йигин абун. Гьединаб гIилла батани, гьеб ккола нужеда гьоркьоб цоцазда ричIчIи гьечIолъи. Росасе кIвар бугеб жо ккола нуж цо хъизан букIин бичIчIи, гьесул пикруялъул адаб гьаби ва гьеб хIисабалде боси.

Узухъда, гьелъ гьесул хьвада-чIвади ритIухъ гьабуларо. ЧIужуялъул гIагарлъиялъул мугъзада нахъасан квешаб кIалъай гьаби мекъаб жо ккола. Амма росасде хIалихьалъиялъул гIайиб гIунтIизабизе мун лъугьани, гьелъ нужер гьоркьоблъи жеги квешлъизе рес буго. Гьесул дагьабги ццим бахъине бегьула ва нужер гара-чIвари дагIба-рагIиялдалъун лъугIизе бегьула.

Гьединлъидал бищунго лъикIаб жо, берцинаб калам гьаби, сунца рахIат хвезабулеб бугебин цIехе. Гьелдаго цадахъ хIаракат бахъе щив витIарав ва щив мекъав вугевали лъазабизелъун дагIба гьабичIого тезе. Росасда бичIчIизабе дур гIагарлъиялъул хIакъалъулъ гьес лъикIаб гуреб хабар бицунеб мехалъ, расги лъикIаб хIал букIунареблъи. Масала, дуца абизе бегьула: «Дир хъизамалъул хIакъалъулъ дуца лъикIаб гуреб хабар бицунелъул, дир рекIеда хIунсула. Дица дур адаб гьабула, амма дир гIагарлъиялъул чагIиги дие хириял руго. Дие бокьун гьечIо гьеб нилъеда гьоркьоб дагIба-рагIиялъул кьучIлъун лъугьине», - ян.

Бищунго аслияб жо ккола цоцазда кIалъазе ругьунлъи. Щибаб гара-чIвари дагIба-рагIиялде сверизабичIого, росасги лъадуцаги хIаракат бахъизе ккола цоцазул рекIел хIал бичIчIизе.

 

хIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...