Аслияб гьумералде

СагIид-афандиясде (къ.с.)

СагIид-афандиясде (къ.с.)
РахIму-цIоб гIемерав, гIалам бижарав,
ГIатIидаб тавбуги нижее кьурав,
Авал-ахир гьечIев, Гьади-Щакурас
Шагьидлъарав инсан кIодо гьавуна.
Шагьидлъарав инсан хун гьечIин абун
Хирияв Халикъас аят кьун буго.
Анищ шагьидлъизе жиндир букIарав
ТIагьаясул варис - СагIид-афанди.
Меседил силсила гвангъарав устар,
Унти бачIарасе гIазизав тохтур,
Чанги жагьиласул гIалим гьавурав,
Гьидаятлъун кьурав гIалам бижарас.
ВачIа, нижер муршид, Дагъистаналде,
Диналъе рухI кьурал шагьидзабигун.
ВачIа, нижер къутIбу, кIочон ниж тоге,
АхIмад-хIажиясе кумек гьабизе.
Гьаб гIемераб квешлъи, квешаб унтиги
ТIаса босейилан дугIа гьабизе.
Дурго муридазул ракIал чучизе,
Чорокаб гIамалги рикIкIад гьабизе.
ВачIа, нижер къутIбу, урхъун ниж ругин,
Дуде балагьизе анищ ккун бугин.
Квешго къулубазе унти ккун бугин,
РухIияв инсуца сапар бухьиндал.
Бокьараз босизе гIелму хIадурун,
ХIажатаз цIализе тIахьал хIадурун,
ТIолабго ракьалда чирахъал ракун,
ТIубана кIудияс ахирисеб парз.
Чанги рохел буго дур дин ккурасе,
Касбу-ахлакъатги берцин гьабулеб.
Чанги жагьилчиги вацIцIад гьавулеб,
БацIцIадаб гIелмуги дур нухда буго.
Дунял-гIаламалъе ТIагьа вижарав,
ТIолго умматалъе рахIматал кьолев.
Нижеда гурхIулев, хирияв Аллагь,
Кьеги нижер ахир тавбу къабулаб.

РАМАЗАН КАВХАНОВ, ДИУЯЛЪУЛ МУТАГIАЛИМ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...