Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Къуръаналда Лукъманил цIар чан нухалда рехсараб?

– КIиго нухалда, «Лукъман» сураялда, аят 12, 13.

2. Щибаб аят «с» хIарпалда лъугIулеб сура щиб?

– Сура «ан-Нас».

3. Къуръаналда рехсараб алжаналъул гъотIода цIар щиб?

– ТIуба.

4. «ФатихIаялдаса» хадуб рещтIараб аят щиб?

– Сура «ал-Масад».

5. «Аминул вахIйи» абун ЖабрагIил малаик чан нухалъ рехсарав Къуръаналда?

– Лъабго нухалъ.

6. Шагьаразул (росабазул) эбел абун сунда абураб?

– Маккаялда.

7. ЦIваби чан нухалъ рехсарал Къуръаналда?

– КIиго нухалъ.

8. Къиямасеб къо чан нухалъ рехсараб?

– 48 нухалъ.

9. ХIеж абураб рагIи чан нухалъ рехсараб?

– 11 нухалъ.

10. Сура «Ихласалъул» чан рагIи бугеб?

– 15

11. Аллагьасул цIар Салам Къуръаналда жаниб чан нухалъ бачIараб?

– Цо нухалъ.

12. Ислам абураб рагIи чан нухалъ бачIараб?

– 53 нухалъ.

13. Къуръан абун чан нухалъ бачIараб?

– 68 нухалъ.

14. Имам Нававил хIадисазул машгьураб тIехь щиб?

– «Риязу СсалихIин ва СахIихIу Муслим».

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...