Аслияб гьумералде

Мажгит - Аллагьасул рукъ

Мажгит - Аллагьасул  рукъ
Аллагьасул рукъилан
Расуласго бицараб,
Цудунго вахъунесул
Сас жаниб къотIулареб. 
ТIалибинал ругьунаб,
Исламалъул нур бараб,
Бугебха цогиги рукъ
Мажгитилан цIар бугеб.
Жаниве вачIарасул
Малаиказ цIар хъвалеб,
Хирияв БетIергьанги
Гьелъие нугIлъун чIолев.
Найил тIала гIадинан
ГIамалазе гьарзаяб,
ГIадилал имамзабаз
Бусурбаби къачIалеб.
Мажгиталъ чи куцала
Амру-нагью гьабула,
Гьалаглъизе течIого
Чангияв хвасарлъула.
Мажгиталъул агьали
Къиямасеб къоялда,
ШафагIаталъ росулин
Вагьбудасан рехсана.
Ралъдалъ ччугIа кинигин
Мажгиталда вукIунев,
Муъминав инсанилан
Набиюназ бицана.
Мажгит тахIият гьабун
Аллагьасе как балеб,
Кири цIикIкIараб щвезе
Мажгит сабаблъун кколеб.
Мажгиталда адабгун
Аллагьасде вуссунев,
СахIихIаб сипаталда
Барзахалда вукIунев.
Мажгиталде зиярат
Зияратазул тIокIаб,
Аллагьу тагIалаяс
Гьелъий икрам гьабулеб.
Мажгиталде хьвадизе,
Зияратал гьаризе,
Гьарараб къабуллъизе
Къойилго жигар гьабе.

МУХIАММАДХIАБИБ КАЛАСОЕВИЧ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...