Аслияб гьумералде

Аллагьасул къадар

Аллагьасул къадар

Аллагьасул къадар

Аллагьасул къадаралда сверухъ бахIс гьаби ккола Гьесул сипатазда тIасан бахIс гьабилъун. Гьениб цоцоял мекъиги ккана гъварилъуде раккидал. Бичасул расуласги абуна Аллагьасул къадаралда тIасан гIемерал бахIсал гьаругеян. Гурони, нилъ щаклъиялде, нилъер гIакълу хадуб гъолареб бакIалде ккезе руго.

Гьединлъидал, щаклъи бачIунезе лъикIаб буго иманги лъун, божун рукIине. ГIакъидалъул тIахьазда хъван букIуна, щаклъи бачIунесе ва гьединго гIакълу хадуб гъоларесе хIарамаб бугин гъваридго гьеб (гIакъидалъул) гIелмуялде ваккизе. Щайгурелъул гьесие гьелъ зарал гьабизе рес букIиналъ, хIатта вачине бегьула иман жагъаллъиялде. Гьеб буго цIакъ захIматаб, гъваридаб суал. Хасго гIолохъаби лъугьине бегьуларо кIиго-лъабго тIехьги цIалун, захIматал суалазда тIасан бахIсал гьаризе.

Аллагьасул къадаралда иман лъейилан абураб жоялъул магIна ккола, гIаламалда жаниб лъугьунебщинаб жо, ай лъикIаб букIа, квешаб букIа, инсанас гьабураб букIа, хIайваналъ гьабураб букIа, тIабигIаталъ гьабураб букIа, кинабго жо Аллагьасе бокьун, лъан, Гьесул къудраталдалъун, Гьес бижиялдалъун лъугьунеб букIиналда ракI чIезабейилан абураб. Гьелъул магIна кколаро ТIадегIанав Аллагьас лагъасухъа ихтиярги бахъун, гьанжесеб мацIалдалъун абуни, робот гIадин гьев хIалтIизавулев вугилан абураб.

Аллагьасда кIолаан инсан хIалицаго квешлъи гьабизе тIамизеги, лъикIлъи гьабиялдаса гьукъизеги. Амма ТIадегIанав Аллагьас гьедин гьабичIо. Аллагьасе бокьана лъикIалъулги квешалъулги цояб тIаса бищулевлъун живго лагъ вукIине. Гьелъ абулеб буго инсанас гьабурабщинаб жо Аллагьасе бокьун ккараб бугилан. Цинги инсанас цояб тIаса бищун хадуб, гьеб тIубазабизе лугбалги, алаталги, ресалги, шартIалги Аллагьас рекъезарула.

Гьелъ абула инсанасул ихтиярги Аллагьасул къадарги цадахъ хIалтIулилан. Гьединго абула инсанасул фигIлуги Аллагьас бижараб бугилан. Инсанасухъе лъикIалъулги квешалъулги цояб тIаса бищизе ихтияр кьун букIинчIебани, Аллагьас аварагзабиги ритIилароан, тIахьалги рещтIинароан.

Гьанже аварагзабиги ритIун, тIахьалги рещтIун, пуланаб иш лъикIаб буго, гьеб гьабурасе гьадинаб ажру-кири буго, пуланаб иш квешаб буго, гьеб гьабурасе гьадинаб гIазаб бугин, пуланаб жо гьабуни Дун разилъулин, пуланаб жо гьабуни Дир ццим бахъунин лъазабуна ТIадегIанав Аллагьас , гьеб батIа бахъизе инсанасе гIакълуги кьуна.

Гьединлъидал квешлъи гьабун хадуб инсанасул тамихIалдасаги, Аллагьасул гIазабалдасаги, живго ворчIизе бокьарав чиясе ихтияр гьечIо, жинца абизе Аллагьас дие гьадин хъван букIун буго, дир гIайиб щибха бугебилан абун. ШаригIаталъ гьесда абула, мун Аллагьасул балъгояб къадаралде ваккун вукIинчIо, Аллагьас дур ихтияралда тIад хIалги гьабун букIинчIо, квешлъи гьабичIого тезеги ихтияр духъ кодоб букIана.

Дуца квешлъи тIаса бищидал, гьелъухъ буго дуе тамихI гьабулеб. Дуда бихьуларищ хIайваназеги, балугълъичIезеги, гIакълу гьечIезеги, Авараг вачIинчIеб къавмалъеги Аллагьас ахираталда гIазаб кьезехъин гьечIо. Щай абуни, хIалбихьиялъеги шаргIияб тIадкъаялъеги агьлулъун гьечIого рукIун. Аллагьасул къадаралда иман лъезе ккола ракIалъ. РакI жанисан хъвагIадун ва кIалалъ рази вугин дие кколебщинаб жоялда аби, мунго дуцаго гукки ккола.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...