Муса аварагасул гIансаялъул хIикмат

ШугIайб аварагасул гIияда вехьлъун анцIго сон байдал, эбелалъухъе щвезе ракIги бан букIун, Муса аварагасе бокьана Мисриялде тIадвуссине. ШугIайб аварагас изнуги кьун, жиндиего щвараб гIиги бачун, хъизамгун цадахъ Муса щвана ТIува абураб кIкIалахъе. Гьениб гьабуна ТIадегIанав Аллагьас Муса аварагасулгун тIоцебесеб Калам. Гьениб ретIана Муса аварагасда рисалат-нубуваталъул халгIатги, ай тIадкъана рисалаталъул амру.
Гьеб бакIалда абуна БетIергьан Аллагьас Муса аварагасда: «Дур кваранаб квералъухъ бугеб жо щиб, я Муса? ГIанса гурищ?» - абун. Муса аварагас абуна: «Гьаб буго дир гIанса, вилълъанхъун унаго дица гIунтIулеб. Дица жиндалъун гIиязе гъотIодаса тIамахги гъине гьабулеб. Ва гьединго дие руго гьаб гIансаялъул гIемерал пайдаби-маслахIаталги», - ян.
Цинги ТIадегIанав Аллагьас Мусада абуна: «Дуца гьеб гIанса гIодобе рехе, я Муса», - абун. Мусаца гIанса гIодобе рехана ва гьебсагIат гIанса кутакалда кIудияб, цебе батараб жо кIкIунеб борохьалде сверана. Гьеб бихьидал Муса хIинкъана ва, гьелдаса мугъги бан, тIурана. Цинги БетIергьан Аллагьги ракIалде щун, Досдасаги нечон, чIана.
Гьанже БетIергьан Аллагьас абуна: «Я, Муса, мун тIадвусса, гьеб дуца кодобеги босе, мун гьелдаса хIинкъизеги хIинкъуге, гьеб цебе букIухъе гIансаялде сверизе буго», - абун. Кодоб букIараб гIансаялъул додигIанго кIудияб, ццидалаб борохь лъугьун бихьидал, Муса гьелдаса хIинкъаравинги буго, гьанже диде Аллагьасул ццин бахъин щванин абунги ккун.
БетIергьан Аллагьас мун хIинкъугеян абидал, ццин бахъин гуреб, нигIматлъун гьеб букIинги лъан, гIодовеги виччана. Мусаца борохь кванараб квералъ босана ва букIарабго гIанса лъугьана. ХIасил, тIадегIанав Аллагьасе бокьидал гIансаялдаса чIахIиял, гIажаибал мугIжизатал загьир гьаризе, тIоцебе Мусада абуна:
«ХIакълъунго, ай мухIканго гьеб дур кваранаб квералъухъ бугеб жо бугищ жиндаса заралги гьечIеб, хайирги гьечIеб, бакъвараб цIуллъун горони», - ян.
Цинги гьеб гIанса сверизабуна кIудияб борохьалде. Гьелдалъун Муса кантIана ТIадегIанав Аллагьасул камилаб къудраталдеги, хIикматалъул рагIа-ракьанде щвеялдеги. Цоги, Муса борхьидаса хIинкъи, гьелъ Адам аварагасе гьабураб ракIалде щун букIарабинги абуна. Ахиралдаги, БетIергьан Аллагьас, махлукъаталдасан лъугьине рес гьечIел чIахIиял мугIжизаталги рихьизарун, Муса къачIана, хIадур гьавуна пиргIавнгун дандчIваялъе.
Мусахъе гIанса щвеялъул къиса
Муса аварагасул гIансаялда тIасан гIалимзабазда гьоркьоб хилаф ккана. Цояз абуна; «ШугIайб аварагас жиндирго яс йитIана, ай гьелде амру гьабуна гIунсби ругеб рокъоса, гIи хьихьизе кумекалъе букIине, Мусахъе кьезе цо гIанса босун ячIайин. Ясалъ гIансаги бачIана. Гьеб гIанса букIана ШугIайб аварагасухъе инсанасул сураталда вачIун цо малаикас вадигIатлъун, ай цIунизе кьураб гIанса.
Гьединлъидал ШугIайб аварагас ясалде амру гьабуна гьабги доба лъун, добаса цоги гIанса босун ячIайилан абун. Гьанжеги бачIана ясалъ добго гIанса. Гьеб хIалалда чанго нухалъ тIадюссун йитIаниги, яс гьебго гIансаги босун ячIана. Цогидаб гIансаялде квер бегьанщинахъе ясалъул кодобе бачIунеб букIана цого-цо гьеб гIанса. Ахирги ШугIайб аварагас гIанса Мусахъе кьуна. Хадубги, аманатлъун кьураб букIиналъ ракIалдаги бухIун, ШугIайб аварагас Мусахъа гIанса нахъе тIалаб гьабуна.
Мусаца абуни гIанса нахъе кьезе инкар гьабуна. Ккана кIиясулго къотIи тIоцеве тIаде вачIарав чияс гьабураб хIукмуялда разилъизе. Цинги вачIана гьезда тIаде гIадамасул сураталда малаик. Малаикас гьабуна гьезие хIукму гIанса гIодобе рехизе, цинги гьеб тIаде борхизе кIварасе тезе. ШугIайб аварагасда гьеб борхизе кIвечIо. Мусацайин абуни цояб квералъ босана. Гьелдалъун гIансаги Мусае тана».
Цоги риваяталда буго: ШугIайб аварагас гIанса босизе яс гурей, живго Муса витIун вуго. ШугIайб аварагасда лъалеб букIун буго гьеб гIанса лъихъе букIаниги жинца кьезе кколеблъи. Амма лъалев вукIун гьечIо чIванкъотIун гьеб кьезе бугев чи. ЧанцIулго тIад-тIад вуссун витIаниги, Мусаца гьебго гIанса гурого бачIинчIеб мехалда, ШугIайб аварагасда лъан буго гIансил бетIергьан Муса вукIин ва абун буго босейилан абун.
Гьеб гIанса Муса аварагасухъе, Мисриялдаса сардилъ балъго Мадянялде унаго, ЖабрагIил малаикас кьурабинги буго. ГIемерисел гIалимзабаз абухъе, гьеб гIанса букIана Адам аварагас Алжаналъуса бачIараб. Аварагзабаз цоцахъе ирсалъе кьолаго ШугIайб аварагасухъеги жиб щвараб. Гьеб гIансаялъул халалъиги букIана Мусал борхалъиялда бащадаб, ай анцIго натI бугеб. ГIансаялъул цIаралда тIасанги буго хилаф. Жубайрил вас СагIидица абуна «Маса» букIанин. Мукъатилица абуна «НафгIат» букIанин. Ибну ХIиббаница абуна «Гъаяс» букIанин. Цогидаз абуна «ГIаликъ» букIанин.
ГIансаялъул гIажаиблъаби
ТIадегIанав Аллагьас Мусае мугIжизатлъун кьураб гIансаялъулъ лъун рукIана Жиндир къудраталде тIоритIел гьабулел, Мусае пайда-хайиралъе, кумекалъе ругел рикIкIун хIал кIоларелгIан гIемерал гIажаиблъаби.

Гьале гьезул цо-цоял:
- ГIанса букIана тIасияб рахъалдасан кIигIаркьелаб.
- Къаси моцIги гьечIеб бецIаб сардилъ гIалахалдаса унаго гIансаялъул кIиябго гIаркьелалъ, ракарал чирахъаз гIадин, бералъ босарабгIан манзил гвангъизабулаан.
- Гъуй гъваридаб букIун, лъеде квер гIунтIулеб гьечIони, гIанса биччалаан Мусаца жанибе. ХIажат бихьун, гIанса халалъизеги халалъулаан. ГIансаялъул кIиябго гIаркьелалдаги лъугьунаан лъим бахъулеб гелалда релълъараб алат, гьелдалъун лъимги бахъулаан тIаде.
- Квине жоялде хIажат ккараб мехалъ Мусаца гIанса ракьалда кьабулаан, гьенисан гьеб къоялъе гIураб квине жоги баккулаан.
- Цо кинаб букIаниги пихъалде хьул лъураб мехалда Мусаца гIанса ракьулъ чIвалаан, цинги гьениб бижулаан доб пихъил гъотIол гIаркьел. Гьелда тIад пихъги балаан.
- Тушмангун Муса дандчIварав мехалда гIансаялъул кIиябго гIаркьел, кIиго кIудияб борохьлъунги лъугьун, тушмангун багъулаан.
- Муса аварагас гIанса кьабулаан къвакIараб, борхатаб мегIералда, кIудияб кьуруялда, заз-хъарахъ бугеб бакIалда, гьенисан нух лъугьунаан.
- Гамаги батичIони, гIор бахине бокьани, Мусаца гIанса кьабулаан, гIурулъан нухги лъугьунаан.
- ГIансаялъул кIиябго гIаркьалил цоялдаса гьоцIо, цогидалдаса рахь гьекъолаан.
- Сапаралъ унаго свакараб мехалда Муса гIансаялда рекIунаан бокьараб бакIалде щвезегIан.
- Мусаца гIансаялдасан тIалаб гьабуни берцинаб махI, гIансаялъ гьеб махIги гьабулаан. Гьелдалъун жиндагоги жиндир ратIлидаги Мусаца махIги гьабулаан.
- ГIансаялдалъун гъинабулаан гIиязе гъотIодаса тIамах. Гьелдалъун нахъчIвалаан гIияздаса гIалхул жанаварал. Гьелдалъун чIвалаан борохь ва цогидал рухIчIаголъаби.
- Сапаралъ унаго гьеб лъолаан кIигъажалда ва гьелда балаан лъим, квен ва цогидал жал.
ГIансаги кIудияб борохьги
Ибну ХIиббаница абуна: «ШугIайб аварагас жиндир яс лъадилъунги кьун, гIияда вехьлъун тедал, Мусада малъана: «Мун а гьаб гIиги бачун кваназабизе. Нух кIибикьулеб бакIалде щведал дуца ккве квегIаб рахъалде унеб нух. Кваранаб рахъалде ани, дуеги гIияеги хIинкъи буго гьеб рахъалда бугеб кIудияб борхьидаса», - ян.
Нух бикьуде щведал гIи кваранаб рахъалде буссана. КигIан Мусаца жигар бахъаниги, гIи квегIаб рахъалде буссинабизе кIвечIого, биччан тана аралъубе. Цинги, авлахъалда кваналеб гIиги букIаго, Муса кьижун ккана. БачIун доб кIудияб борохьалъ гIияде къасд гьабулаго, гьелда данде лъугьана Мусал гIанса. Багъана кIиябго унго-унгояб хIалалда. Ахиралда гIанса, гьеб борохьги чIван, Мусаде аскIобеги бачIун чIана. Муса кьижаралъуса ворчIидал, чIван рехун борохьги бихьана, бидул цIун аскIоб гIансаги батана».
«КЪУРЪАНАЛЪУЛ АХIУДЕ ГIАВАМАЛ КАНТIИЗАРИ» ТIЕХЬАЛДАСА