Аслияб гьумералде

ХIакъир гьаруге

ХIакъир гьаруге

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеде амру гьабуна эбел-инсул адаб-хIурмат гьабеян. Хирияб Къуръаналда амру гьабулеб буго эбел-инсул адаб гьабеян.

 

Муъминчияс эбел-инсул адаб гьабизе ккола гьел исламалда гьечIониги.

Исламалъул къануназда рекъон, лъимал эбел-инсуе мутIигIлъизе ккола, гьез хIарамаб жо тIалаб гьабулеб гьечIебгIан заманалъ.

Къуръаналда, «АхIкъаф» сураялда Аллагьас ﷻ абулеб буго эбел-инсул адаб-хIурмат гьабеян. Щайгурелъул, хасго эбелалда кIудияб къо бихьун букIуна лъимер гьабулаго.

Эбел-инсул адаб гьабичIого, гьел хIакъир гьари, гьезие къварилъи ва зарал гьаби ккола исламалда бищун кIудиял мунагьазул цояб.

Эбел-инсуе мутIигIлъичIого, гьезие къварилъи гьабурав чи дунялалдаги ахираталдаги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдаса махIрумлъула, Къиямасеб къоялъ Аллагь гьесухъ валагьуларо.

Щивав чияс эбел-инсул ургъел гьабизе ва гьезул къадру-къимат цIунизе ккола. Лъималаз эбел-инсул хIакъалъулъ квешаб рагIи абизе яги гьезда цо кинабалиго гIайибчIвазе рес бегьулеб жо гьабизе бегьуларо.

ГIабдуллагь ибн ГIамрица бицараб хIадисалда буго, цо нухалъ Аварагас ﷺ абунин: «Бищун кIудиял мунагьазул цояб ккола инсанас эбел-эмен каки», - ян. АсхIабзабаз абула: «Я, Аллагьасул Расул, бегьулищ чияс жиндирго эбел-эмен какизе?» - ян. Гьес абула: «Гьедин букIине бегьула, гьес чияр эмен какула, дов чияс гьесул эмен какула, гьес чияр эбел какула, дов чияс досул эбел какула», - ян. (Имам АхIмад, Муслим)

Чиясда бичIчIизе ккола жинца квешаб жо гьабулеб мехалъ гьесул эбел-инсуде ва яц-вацасде гьеб щвезе рес бугеблъи.

Эбел-инсудехун инсан лъикIаб куцалъ вукIин тIоритIел гьабула гьесул гIамал-тIабигIат лъикIаб букIиналъ. Эбел-инсул ургъел, гьел рази гьари ккола Алжаналъул кIул щвеялъе бугеб сабаб. Эбел-инсул ургъел гьабулел лъималазе кинабго жоялда жаниб Аллагьасул квербакъи ва кумек щола, гьезул гIумру бигьалъула. Эбел-инсул разилъи Аллагь разилъиялда хурхараб буго.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...