Тарбия
МухIаммад ﷺ аварагас абуна: «Къиямасеб къоялъ гIамал цIалеб цIадироялда тIад гIамал берцинлъиялдаса бакIаб жо букIине гьечIо», - абун. Гьединал рагIабаз рекIее асар гьабичIони нилъер иш кин битIун ккелеб?
ГIамал берцин гьабиялъул иш жакъа кидагоялдасаги нилъеда цебе чIараблъун буго. Жакъа гIадамазул хьвада-чIвадиялъулъ бихьулеб буго хъачIлъи, рахIму гьечIолъи, адаб-хъатир гьабунгутIи, ццим бахъин, хехдари ва сабру гьечIолъи.
Цебе гIолеб гIелалъе мисаллъун чIахIияб гIел букIараб батани, жакъа чIахIияз бихьизабулеб мисал дагьлъун буго, рекъечIеб хьвада-чIвади бихьизабулелги камулел гьечIо. ГIажаиблъи, нилъеца гIайиб заманалде рехулеб буго, амма ракIалде ккола, заман кин хисаниги бусурбанчиясул гIамал берцинаб букIине кколин абун.
Тарбия кьей, гIадан куцай байбихьула гьавураб къоялдаса. Нилъеца кинабго рехун тун буго ясли-ахаздеги школалдеги. Нилъецаго, ай эбел-инсуца, яцаз-вацаз, чIахIияз щиб гьабулеб бугеб гIун бачIунеб гIел куцаялда хурхун? Чан эбел-эмен унев ясли-ахазде, школазде, тIадегIанал цIалул идарабазде жидерго лъималазул ахIвал-хIал лъазабизе.
Дир пикруялда, кидагоялдасаги жакъа хIажат буго цIалиялдасаги тарбия кьун гIадан куцаялда тIад хIалтIизе.