ГIалимзаби - бусурбаби

ГIелму лъазабиги лъай тIалаб гьабиги буго щивав бусурбанчиясда тIадаб борч. ГIелму бугелъулха нилъ канлъуде рачунеб нух, жагьиллъиялъин абуни рачуна бецIлъуде. Бусурбаби кидаго рукIана церетIурал, лъай бугел, гIелмуялда тIадчIараллъун.
Амма гьаб заманалдайин абуни, ай бусурбабаздехун рокьукълъи загьир гьабулезул гьаракь борхалъараб мехалда, цо-цо «гIалимзабаз» хIаракат бахъула исламалъул нух ккурал лъавукъал ва щибго жо бажаруларел чагIи рукIараблъи ва ругеблъи бихьизабизе. ХIакъикъатин абуни тIубанго гIаксияб букIин, гьайгьай, хIакъаб буго ва гьеб гьедин бугеблъи бусурбаби рихараздаги лъала.
Амма лъаниги, гьезул мурад батIияб бугелъул, гьединаз хIаракат бахъула хъахIаб чIегIераблъун бихьизабизе. РачIаха бусурбабазул гIалимзабаз батIибатIияб заманалда, батIи-батIиял гIелмиял бутIаби церетIезариялъулъ лъураб цо гьитIинабго лъалкI бихьизабизе. Гьебгиха, Европа лъавукълъиялъул ва бецIлъиялъул нухда букIараб мехалда. Абизе ккола, исламиял гIалимзабазул кумекалдалъун цебетIеялъул нухде гали бегьанин Европаялъиланги.
ГIелму – гъветI, гIамал - пихъ
ГIелму цебетIезе ккани хIажалъула кагъат. Гьебгиха, гIемераб кагъат. Гьединаб куцалда кагъат гьабизе къваригIуна фабрика. Гьебги бичIчIун, 794 соналъ Багъдадалда тIоцебе гьединаб фабрика барав чи ккола ибн Фазил (739-805). Гьев вукIана доб заманалда халифлъун вукIарав Гьарун Рашидил вазирасул вас. Гьеб заманалда европаялъулазда кагъат гьабулеб къагIида лъазего лъалароан. Хадуб гьединабго фабрика бана Египеталда (800 сон) ва Андалусиялда (950 сон). 1100 соналъ кагъат гьабулеб фабрика бана Византиялда, 1102 соналъ – Сицилиялда, 1228 соналъ Германиялда ва 1309 соналъ – Англиялда.
ХIакъаб жо, кагъат гьабулел фабриказул кIудияб кумек ккана гIелму цебетIезабиялъе, батIибатIиял тIахьал хIадур гьариялъе. 891 соналъ цохIо Багъдадалда рукIана тIахьал хъвалезул 100-ялдаса цIикIкIун чи. Ал-Вакъиди (747-823) абурав машгьурав тарихчи хведал, гьесул нахъарокъоб батун буго 600-ялдасаги цIикIкIун гIелмияб тIехь жаниб бугел сандукIал. Щибаб сандукIалъул бакIлъиялъулги бицуна гьеб щуго чиясда хIалица гурони багъаризабизецин кIолеб букIинчIолъиялъул. АнцIабилеб гIасруялда гIумру гьабун вукIарав СахIип бин ГIибадал библиотекаялда букIун буго доб заманалда Европаялъул тIолалго библиотекабазда рукIараздасаги цIикIкIун тIахьал.
Бусурбабаз гIелму цебетIезабиялъулъ лъураб бутIа борцун хIалкIолеблъун букIинчIо. Гьел сундулго рахъалъан рукIана цебесеб кьерда ва медицина, физика, математика, химия, гьединго цогидалги гIелмабазда росана чIахIи-чIахIияб бергьенлъаби. Масала, местIер ва философ ибн Синал (Авиценна) хIакъалъулъ бицунев рагIичIев чи дунялалдаго ватиларо. Гьесул «Къанун» абураб тIехь кколаан медицинаялъул бутIаялда хIалтIулелщиназ пайда босулеблъун. 600 соналъ гьеб тIехьалдаса гIелму лъазабулаан Европаялъул университетазда цIалулезгун хIалтIулез.
Медицина
Ббн Синадего вахарав чилъун рикIкIуна тIадерахъиялъул хIакъалъулъ тIоцересел хIалтIаби хъварав Разиги (864-925). СултIан ФатихIил мугIалим Акшамсудиница (1389-1459) тIоцебе хъвана микробазул хIакъалъулъ. Азарго соналъ цебе барас унтул ва гьеб сах гьабулеб къагIидаялъул бицана ибн Жассарица. Ибн ХIатIипица (1313-1374) гIелмияб къагIидаялдалъун чIезабуна къавуда бахунеб унти кколеблъи.

Гьеб гуребги, беразул унтабазул ва гьел сах гьарулел къагIидабазул хIакъалъулъ хъварал чагIиги ккола бусурбаби. Ибн Рушдица (1126-1198) ва ХI гIасруялда гIумру гьабун вукIарав ГIали бин ГIисаца беразул унтабазул хIакъалъулъ хъвараб «Тазкира» абураб тIехьалдаса пайда босулаан гьанже нахъалъизегIанцин. ИчIго гIасруялъ цебе гIумру гьабун вукIарав ГIаммар абурав гIалимчияс берал унтаразе гьабулаан операция. ГIали бин ГIабасицайин (994 соналъ хвана) абуни ракалъ унтарал сах гьарулаан операцияги гьабун.
Гьесул «Китабул Маликил» абураб тIехьалъ жакъаги тамашалъизарула гIалимзаби. Абулкъасим аз-Захравица (963-1013) хирургия хасаб гIелму кколеблъиги чIезабун, ургъана операция гьабиялъе хIажалъулеб 20-ялдасаги цIикIкIун тIагIел ва мухIканго бихьизабуна щиб сундуе хIажалъулебали. Ибн Нафисица (1210-1288) европаялъулаздаса 300 соналъ цебе бихьизабуна би хьвадулеб къагIида ва гьеб лъугьана хадусеб гIелалъе цIакъго къиматаб хазиналъун.

Гьединго, 706 соналъго Дамаскалда рагьун букIана больница. Европаялъулаздайин абуни больница щибжо кколебали доб заманалда лъалебцин букIинчIо. 978 соналъ гьеб больницаялда хIалтIулел рукIана 24 батIияб махщалил тохтурзаби. ХI гIасруялда Къагьиралдаса гIалим ГIали бин Ризваница бетIерлъи гьабулаан тохтурзабазул гIуцIиялъе ва гьес хъвараб гIелмияб хIалтIудаса жакъаги пайда босула гьанжесел тохтурзабаз.
География
Географиял гIелмабазда абадияб лъалкI тараллъунги рехсола бусурбаби. Масала, гIалимзаби Эвлий Челеби (1611-1682) ва ибн Батут (1304-1369) ккола дунялалдаго цIар рагIарал гIалимзаби ва бицун хIалкIолареб гIелмуялъул гвангъараб чирахъ наслабазе тарал чагIи. Христофор Колумбица (1446-1506) хъвалеб буго Америкаялъул хIакъалъулъ жинда лъанила бусурбабазул гIалимзабаздасан. Хасго жиндие кумек кканила ибн Рушдил тIахьазул.
Масала, алБируница (973-1051) Америкаялъул хIакъалъулъ хъван буго анцIила цоабилеб гIасруялъул авалалдаго. Васко Де Гамада Индиялде (1497- 1499) нух малъарав чи ккола цо гамил капитанлъун вукIарав ибн Мажит. Гьес ургъарал прибораздаса пайда босулаан европаялъулаз.
Аль-Идрисица (1100-1166) 800 соналъ цебе бахъана дунялалъулго карта ва гьеб рикIкIуна гьанжесел картабазда цIакъго релълъараблъун. Америкаялъул картайин абуни бахъана Пири Раисица 400 соналъ цебе. Гьесдасаги 52 соналъ цебе Средиземнияб ралъдал карта ургъарав географ ккола Ибрагьим абурав бусурбанчи.
Ботаника ва зоология
Гьоркьохъел гIасрабазда гIумру гьабун вукIарав цIар рагIарав ботаник ва фармацевт ибн БайтIарил (1190-1248) хIалтIабазулъ батула 1400 чIахI-хералда цIар ва щиб унтуе гьел хIажалъулелали хъван. Гьесул тIахьаздаса пайда босулаан 300 соналъ. ХIV гIасруялда гIумру гьабун вукIарав Демирица хъван буго 1069 рухIчIаголъиялъул хIакъалъулъ ва гьев рикIкIуна зоология цебетIезабиялъулъ бергьун кIудияб бутIа лъурав гIалимчилъун.
История ва архитектура
Философиялъул тарихалда ибн ХIалдун (1332-1406) машгьурлъана «социология» абураб гIелмуялъе кьучI лъурав чи хIисабалда. Гьесул хIалтIабазулгун лъай-хъвай гьабун хадуб, Европаялъул гIалимзабаз гьесда абулаан гьев кколин «ГIарабазул Монтескье» абун. Жиндир заманалда дунялалдаго машгьурав ва жинде вахарав цогидав чи гьечIев архитектураялъул гIалимчи вукIана Хважа Синан (1489-1588).
Химия

Жабир бин ХIаянида (721-805) абулаан «химиялъул эменилан». Гьевин абуни машгьурав вуго гьесдаса хадуб заманалда гIумру гьабун рукIарал гIалимзаби Пристлидаса (1733-1804) ва Лавуазьедаса (1743-1794). Европаялъулазда лабораториял щибжоялицин лъалареб заманалда, гьес ран рукIана лабораториял ва гьенир гьарурал гIелмиял цIехрехаздалъун дунялалдаго цIарги рагIана Жабирил. ЦIар рагIарав химик Абубакар ар-Рази (864-925) ккола, европаялъулазда гьев лъала Разес абураб цIаралда гъоркь, тIоцебе серная кислота ва бацIцIадаб спирт ургъарав чи. Брандтидаса цебе гьесда лъана фосфор гьабизеги. ГIарадабазе тункIиххер ва гумпараби ургъаралги ккола бусурбаби. Миномет ургъана ФатихIица (1432-1481).
(Хадусеб букIине буго)
ХIАБИБ МУХIАММАДОВ