Аслияб гьумералде

Метер, метер...

Метер, метер...

Абадияб ахираталде дандеккун, кигIан гIумру халалъаниги, ракьалда балеб заман буго цIакъго дагьабго жо. Инсан вуго гьабулеб ишалъулъ кIвахIалав, гьабизе тIаде босараб метералде тIамун толев ва напсалъ гуккидал пашманлъиялде кколев. Аллагьасул лагъ вуго жинда адабалда тIадчIей гьабеян абурав чи. Гьесул напс буго жинда тIадкъаралъул гIаксалда хIалтIизе бокьулеб. Гьеб буго инсанасул бищун кIудияб тушманги. Аварагасул хIадисалда абулеб буго: «Дур тушбабазул бищун кIудияб тушман, кIиябго хьолбода гьоркьоб бугеб напс буго», - ян.

Гьаб дарман хIалтIизабе, гьади-гьадинал нигIматалги кванаге, дуе сахлъи лъугьина, малъаралъул гIаксалда хIалтIани унти тIаса инаро жеги квешги лъугьинаян цо тохтурас абуни, кин гьабилеб чияс? Хадусеб гIумру сахлъиялда ине сабруйищ гьабилеб ялъуни дагьал къояз унти хIехьезе кIвеларинги ккун напсалъе бокьухъейищ гьабилеб? Щивас абила сабру гьабилин, гьеб битIарабги буго. Напсалдехун хилиплъи гьабиялъулъ буго гIемераб лъикIлъи.

Гьелъ малъаралда тIадрекъон нахъвилълъиналъулъ буго киналго квешлъаби лъугьинги, гьедин букIиналда гIалимзаби тIадрекъонги руго. ТIубараб гIумруялъ напсалъулгун рагъ гьаби буго бусурбанчиясда тIадаб масъалаго. Гьелде ахIулел рукIана аварагас асхIабзабиги. Напс буго инсан квешлъиялде вачунеб ва гIибадат гьабиялдаса тохлъизавулеб, нахъбахъун теялде тIамулеб жо.

Напсалдехун рагъ гьабиялъул кIвар цIикIкIараб букIиналъ абураб буго аварагас асхIабзабазда капурзабазулгун рагъги гьабун тIадрусссун щвараб мехалъ: «Гьанже нилъ руссана гьитIинаб жигьадалдаса кIудиялде», - ян, ай напсалъе рокьулел лазатаздехун рагъ гьабиялде (Дайлами). Цоги хIадисалда буго: «ХIакъикъияв жигьадчи вуго жиндирго напсалъулгун рагъ гьабулев», - ян (Тирмизи).

Капурзабазулгун рагъ гьабиялде гьитIинаб жигьадинги абуна гьенив тушман вихьулев ва данде вахъун къезавизе кIолев ялъуни гьес чIван шагьидасул хвел щун алжан насиблъизе рес бугелъул. Напсалъулгун рагъ гьабиялда кIудиябин абуна, гьеб чIвазе щолареб ва гIумруялъго данде къеркьон дуда жаниб бугеб бугелъул ва гьелъие гIадлу гьабиялъулъ тохлъани инсан гьалаглъулев ва БетIергьанасул гIазабалдеги кколев вукIиналъ.

Напсалда хадуб халкквеялде Къуръаналъги ахIула нилъ. «ХIашр» сураялъул 18-абилеб аяталда буго (магIна): «Я иман лъурал гIадамал! Нуж Аллагьасдаса хIинкъа, метерисеб къоялъе гьабун таралъул халги гьабе», - ян.

Напс буго шайтIаналдасаги квешаб тушман. ШайтIаналъ квешаб гIамал гьабиялде гьесизарун толел ратани, напсалъ гьеб гьабизеги тIамула жеги, мунагьаллъун жал гьечIел гIамалал ратаниги, хадурккун пашманлъиялде кколел ишазде рачуна. Мисалалъе, гьабсагIатго гьабизе рес бугеб иш нахъбахъун тей. Щивасда лъала кигIан жив напсалъ гIамал гьаби нахъбахъиялде тIамулевали. Нахъбахъула ва къиматаб жавгьарлъун бугеб заман щибго пайда гьечIебги гьабун гIадада борчIун ккола.

Гьелдаса кIудияб талихIкъей щиб бугеб? Умумуз абулаан гIолохъанго вукIаго гьабизе хIалкIвечIеб, херлъидалги гьабизе кIоларин, хасго гIибадат-гIамал. Херлъидал черхалъул тату хвей гуребги, зикру-тасбихI бачине мацIалъегицин бокьуларо. Щайин абуни, гIолохъанлъи борчIун арал херал чагIаз жакъасеб къоялъ гьедин бицунеб бугелъул. ГIатIго букIаго гъотIол гIаркьел гьетIизабизе кIолебго гIадин, гIолохъанго черх гIибадаталда, мацI Аллагь рехсеялда ругьун гьабун куцани, херлъараб къоялъ гьабулеб иш бигьалъула.

Напсалда кIалгьикъи гьабизе ккола: «Дуца пикру гьабуларищ, напс, кигIан заман бугеб дуца метер гьабилин абун гIибадат нахъбахъулелдаса. Гьале, сон дуца метер гьабилин абураб жакъа къо щвана, амма гьабулеб гIамалалъулъ хисараб жо гьечIо.

Сонисеб къоялъул къисмат гьалъиеги лъугьине гурин, кантIе, воре, жакъаги тохлъизе чIоге», - ян абиялда релълъараздалъун. ХIинкъи кье ахираталда БетIергьанас гьабизе бугеб гIазабалъул.

Ахир гьабунги рехсела Малик ибну Динарил рагIаби: «Аллагь гурхIаги жиндир напсалда гIайибал чIван гьелъул кIалгьикъи гьабулесда, цинги Къуръан-хIадисалъ бихьизабухъе хьвадизе гьесизабун гьеб куцалев чиясда», - ян. Аллагьас кумек гьабеги щивасе напсалъулгун рагъ гьабиялъулъ ва гьабулеб иш нахъбахъун течIого, бугеб ресалдаса пайда босун гьабсагIаталдаго гьабизе!

Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Ана цоги лъагIел …

ХIурматиял бусурбаби, гьале ана цоги лъагIел. Гьижрияб тарихалъул 1447 соналъулгун къо-мехги лъикI гьабун, дандчIвай гьабуна 1448 соналда. ЛъагIел ккола гIумруялъул саламатаб бутIа. Гьелда жаниб ккезе рес буго гIемерал лъугьа-бахъинал. Цо лъагIида жаниб цIияб дунялалде рачIуна гIемерал гIадамал,...


ЖамгIият лъикIлъиялде нух

Исламалъул бищунго кIвар бугел къиматазул цояб ккола инсанасе тарбия кьей. Гьеб хурхараб букIуна хьвада-чIвадиялъул къагIидабазда гуребги, рухIалъул жанисеб рацIцIалъиялдаги, ракI бацIцIад гьабиялдаги, лъикIаб хасият гIуцIиялдаги. Ахир-къадги тарбия ккола инсан жамгIияталда вухьинавулеб, цогидазе...


Бекерулеб заманалъул хIикмат

Замана сверула сагIтал тирула, Сон хехго бачIуна, херлъун ватула. (Инхоса ГIалихIажи)   Халкъалда гьоркьоб гIемер бицунеб жолъун ккола ахираб мехалда заман хехго унеб бугилан абун. ХIакъикъаталдаги гьедин букIин бихьулебги буго. Щибго ургъел гьечIого нилъ рукIаго ун батула анкь, моцI,...


ЛъикIазулгун гьалмагълъи гьаби

Гьудул-гьалмагълъи лъи-кIасулгун гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ гIемер бицуна имамзабаз мажгитахъ гьарулел вагIзабазда, гIалимзабазул мажлисазда. Гьебги гIадахъ босун лъикIал гIадамазулгун цIикIкIараб гьоркьоблъи гьабизе хIаракатги бахъула гIемерисев чияс. ХIакъикъаталдаги кутакалда лъикIаб, беццараб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин кумек гьабилеб?     Дир вац захIматго унтун вукIана. Гьанже дагьабго мадар бугониги гьев хIинкъун вукIуна. Цо-цо мехалда хIухьел цIазе захIмалъула, паническиял атакаби лъугьуна. Кин дица гьесие кумек гьабилеб?   ГIали, МахIачхъала   ГIалимчиясул жаваб Бокьараб...