Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Щиб хIикмат бугеб авараг хабзалалъ вукъичIого ГIаишатил рокъов вукъиялъулъ?

Авараг Маккаялда гьавурав вукIаниги, гьесул хирияб жаназа гьенибе накълу гьабичIо, гьев вукъана Мадинаялда. Аварагзабазул хаслъиялдаса буго гьел рукъи жидер рухI босараб бакIалда. Ибну Абу-Шайбаца Абубакар асхIабасдасан бицун буго: «Аллагьасул расул накълулъараб бакIалдаса гьесул жаназа добе-гьанибе босичIо», - ян. Имам Тирмизиясги «Сунан» абураб тIехьалда Абубакар асхIабасдасан бицун буго гьадинаб хIадис: «Дида рагIана Аллагьасул расулас абулеб Аллагьас цониги аварагасул рухI босуларин гьесул жаназа жиндилъ букъизе бокьараб бакIалда гурони», - ян. Гьединаб хIикмат буго аварагасул жаназа хабзалалъ букъичIого жиндир рухI босараб бакIалда, ГIаишатил рокъоб букъиялъулъ.

Дие бокьун буго цо гIаданалъулгун ригьин гьабизе. Гьей йиго чанго соналъ цее росасдаса ятIалъарай, амма цеве вукIарав росас нахъе йитIун гурони цIар тIамичIей. Гьединлъидал, лъазе бокьун буго гьей ячине бегьулищали?

Цеве вукIарав росас гьелда цIар тIамун батичIони, дуе гьей ячине бегьуларо. ШаригIаталда рекъон, дуца гьей ячине ккани, тIоцебесеб иргаялда, гьес гьелда цIар тIамизе ккола. Хадуб ине ккола гIиддалъул заман (гIагашагарго лъабго моцI), Гьеб мехалда гурони бегьуларо гьей ячине. («ИгIанату ТIалибин»)

Рос-лъади гIагарлъулелъул цIализе рекъарал дугIаби ругищ?

Рос-лъадиялъ жинсияб хурхен гьабизегIан цебе цIализе лъикIаллъун рихьизарурал дугIабаздаса руго:

بِسْمِ اللهِ، اَللّهُمَّ جَنِّبْنا الشَّيْطانَ وَجَنِّبِ الشَّيْطانَ ما رَزَقْتَنا

Бисмиллагь, Аллагьумма жанибна шшайтIана ва жанниби шшайтIана ма разакътана». МагIна: «Аллагьасул цIаралдалъун байбихьула, я нижер Аллагь , нижедаса шайтIан рикIкIад гьабе, Дуца ризкъилъун нижее кьезе бугеб лъимералдасаги шайтIан рикIкIад гьабе», - абун. Гьаб дугIаялда хурхун аварагас абун буго: «Гьеб дугIа цIалун хадуб гьабураб гьоркьоблъиялдаса лъимер лъугьани, шайтIаналда кIвеларо гьеб лъимадуе зарал гьабизе», - ян (Бухари). Имам Гъазалияс хъвалеб буго рос-лъадуца гьоркьоблъи гьабун хадуб гьезие рекъараб бугин рагIизабун гуреб абизе:

اَلْحَمْدُ للهِ الَّذي خَلَقَ مِنَ الْماءِ بَشَرًا فَجَعَلَهُ نَسَبًا وَصِهْرًا وَكانَ رَبُّكَ قَديرًا

«АлхIамду лиЛлагьи ллази халакъа минал маи башаран фажагIалагьу насабан ва сигьран ва кана раббука къадиран». МагIна: «Щибаб рецц Аллагьасе буго жинца лъедаса инсан вижарав, цинги жинца гьевги насаблъун ва ригьин гьабилъун гьавурав. Дур БетIергьан вуго жиндир кинабго жоялде хIалкIвей бугев», - абун.

Рогьалил какил ратибатги бан, кваранаб хьибилалда веги аварагасул суннат бугин абураб жо битIараб бугищ?

Рогьалил какда цебе кIиго ракагIаталъул ратибатги бан кваранаб хьибилалда регизе суннатаб буго. Кинаб куцалда веганиги аварагасул суннат тIубараблъун рикIкIуна, амма кваранаб хьибилалда, ай хабалъ лахIдуялъув инсан лъолеб куцалда вегизе беццараб буго. Гьедин вегиялъул хIикматги инсанас ракьалда бараб заманалъул гIемерисеб мехалъ лъикIал гIамалалги гьаризе ва хвел ракIалда букIун гьелдеги хIадурлъизе, ай кида-къадниги хабалъ лъезе вукIин ракIалда букIине.

Вегизе бокьун гьечIони, суннатаб буго гьеб заман Къуръан цIалун, зикру бачун инабизе. Гьединго лъикIаб буго суннатаб ратибаталъегиги паризаяб какалъеги бакIал хисун разе. Ратибатги бан кIалъайги гьабун, цинги вегизе бокьани, гьебги суннат тIубараблъун рикIкIуна. Гьединабго хIукму буго бецIун рогьалил как балесулги ва рогьалил какда хадуб базелъун ратибат нахъе бахъулесулги, ай тIоцебе паризаяб рогьалил как бала, цинги вегула, хадуб бала ратибат. («ТухIфатул МухIтаж», «Нигьаятул МухIтаж»)

Мухьдахъ ккураб рукъалъухъ гIарац кьезе заман кида щолеб?

Мухьдахъ кквей бикьула кIиго тайпаялде:

1) Цо чи бетIергьанаб мулк заман цIан хIалтIизабизе мухьдахъ кквей, масала, машина ва гьелда релълъараб гIарац кьун кквей.

2) Мухьдахъ хIалтIухъаби кквей, масала, рукъ базе, ретIел букъизе ва гьелда релълъараб. ТIоцебесеб тайпаялъул мухьдахъ гIарац кьеялъул заман чIезабула мухьдахъ кьолес ва мухьдахъ босулесул къотIиялда рекъон. Амма къотIи гьабун букIун батичIони, гIарац кьезе заман мухьдахъ кьолеб жо кодоб щвеялдалъун щола. Рукъ мухьдахъ бахъиги цебе рехсараб тIоцебесеб тайпаялъулъ кколелъул, гьелъухъ гIарац кьезе заманги къотIиялда бан букIуна. Амма къотIи гьабун батичIони, рокъове вахъиналдалъун гIарац кьезе заманги щола. («Мингьажу ТIалибин», «ТухIфатул МухIтаж»)

Заман щвечIого гьабураб лъимадуе цIар кьезе кколищ?

Заман щвелалде гьабураб лъимадуе суннатаб буго цIар кьезе. Гьебго хIукму буго ункъо моцI байдал реххизабураб лъимаделги, чIаголъиялъул гIаламатал загьирлъани. Заман щвечIого реххараб лъимадул жинс батIа бахъизе лъачIони, кIиялъего данде кколеб цIар кьола. («Мугънил МухIтаж»).

Гьоркьоб биччараб как бецIизе кколищ?

Базе тIадаб, амма бачIого хутIараб паризаяб как бецIизе тIадаб буго, гьеб как бокьун тараб батаниги, гIузруялдалъун тараб батаниги. Масала, кIочон тун, кьижун макьидаса гIуж инегIан ворчIичIого хутIун. Бокьун таралдаги гIузруялдалъун хутIаралдаги гьоркьоб батIалъи буго. Бокьун тараб как бецIизеги ккола, гьеб теялъул гьесие мунагьги букIуна.

ГIузруялдалъун хутIараб как бецIизе тIалъула, гьелъул мунагь букIунаро. Кинниги телевизоралъухъ балагьун, къваригIел гьечIеб ишалде руссун как кIочон тани, яги гьединаб жоялдеги руссун, кватIараб гIужалъ гурого кьижичIого рогьалил как бакъ баккизегIан хутIулеб бугони, гьеб как гIузруялдалъун хутIараб кколаро, бокьун тараб ккола. Как тарав чиясе букIунеб мунагь гьесиеги букIуна. («ИгIанатул ТIалибин»)

ХIалтIул бетIергьанасда тIалъулищ зарал бецIизе, хIалтIизе вачарав чи хвани?

ХIалтIизе вачарав чи гъуй бухъулаго яги биххун араб жоялда гъоркье ккун хвани, бетIергьанчиясда тIадаб гьечIо гьеб бецIизе, дов чиясда ккезе бугеб зарал лъан бугониги гьечIониги. Щайин абуни, хIалтIул бетIергьанасда гьениб бихьулеб гIайиб гьечIо. ГIаксалда, хIалтIулес жиндиего цIодорлъи гьабизе ккола. («ТIухIфатул МухIтаж»)

Чед ялъуни белъараб ва бежараб гьан носоца къотIизе бегьулищ?

Чед ялъуни гьан нусалъ къотIизе шаргIалъ гьукъун гьечIо. Гьелда хурхун рачIарал хIадисалги загIипал руго. Масала, Байгьакъияс Умму Саламатидасан бицараб хIадисалда буго аварагас абунин: «ГIалхул гIарабияз гIадин чед носоца къотIуге», - ян. «ХIашиятул Жамал» абураб тIехьалдаги, гьоболлъи гьабиялъул бицунеб бакIалда, хъвалеб буго гьан ялъуни чед носоца къотIизе хIарамаб бугин, аварагасги гьеб гьукъун букIанин абун.

Хадубги гьениб бицунеб буго, хIарам гьабиялъе гIиллаги, гIалхул гIарабиязда релълъун инсанас гьеб жиндиего гIадатлъун кквезе рес букIин. Цебе бицаралдасан бичIчIизе ккола, носоца чед ялъуни белъараб ва бежараб гьан къотIизе хIарамаб гьечIеблъи. Амма гьедин гьабиялдасаги чед бекизе ялъуни гьан квераз батIа гьабизе лъикIаб буго. Гьедин гьаби бусурбабазул кванил адабалда рекъарабги буго. («АлмугIжам Алкабир», «ШугIабул Иман», «ХIашиятул Жамал»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...