Аслияб гьумералдеИнхоса ГIали-хIажиясул асарал

ГьаракIуниса СагIидил кIудав эмен Абубакар,
МухIаммадил хIадисалъе мутабахIир вукIанила.
Гьаб халкъалъул хIисаб гьабун, хIадисалде балагьидал,
ГIемерисел бусурбаби гIассияллъун рихьанила.
Жидедаго тIад гьабураб дин тIокIкIине гьабичIого,
PyxI бахъулеб сагIаталда хIинкъулеллъун ратанила.
Цинги Абубакарица иман баян гьабунила,
Иман бахъун хвезе гурин халкъалъул гIемерисел.
Хадув ГIали-хIажиявги иманалда цадахъ рехсон,
Ислам, ихIсан, суннаталъе тафсир гьабун кIалъанила.
Аварагасул нухалда, Аллагьасде ракI хIеренлъун,
ХIакъаб лагълъи бокьарасе хIал кьезелъун букIанила.
Бищун цебе ракI чIолеб жо – вати тIадав Аллагьила,
Жив цогояв, шарик гьечIев, жив чIагояв хвелго гьечIев,
Азалияв, абадияв, къудраталъул Аллагьила.
Балъгояб жо жинда лъалев, ракIалда бугеб бихьулев,
Киналго гьаркьал рагIулев, халкъ бижарав Аллагьила.
Жив вихьулев, Жив кIалъалев, Жинда кIалъалев чи гьечIев,
Халкъалдаго кверщел бугев, ризкъи кьолев Аллагьила.
Жигьатун ситтатаздасан Жиндир зат бацIцIалъун ккарав,
TIaca, гъоркьа, цебе, нахъа, кваранаб, квегIаб рахъ гьечIев.
XIapп гьечIого, рахъ гьечIого, бахъунеб гьаракь гьечIого,
Бахьи кьурал гIадамазда Алжаналъув Жив кIалъалев.
Халкъалъ Жиндир хIисаб гьабун, ракIалде бачIараб сипат,
ХIакълъун Жиндир заталдехун хилиплъулев Халикъила.
КIиабилеб ракIчIолеб жо малайкзаби ругелила,
Кваналарел, гьекъоларел, мунагь гьечIел лагъзалила.
Бихьин-цIулъи жиделъ гьечIел, малъаралъе тари гьечIел,
Ахир къоялъ хун рахъунел, зобал цIун жал ругелила.
ХIабибасул нуралдаса киналгоги жал рижарал,
Аллагь рехсон, тасбихI гьабун, чIалгIен гьечIеб агьлуйила,
ЖабрагIил, МикагIилила, цинги Малик, Маликулмавт,
Къуръаналда цIар рехсарал гьал киналго ругелила.
Лъабабилеб ракIчIолеб жо – Аллагьасул каламила,
ЖабрагIилас босун бачIун, зодосахун рещтIанила.
Церегосел, жал рижичIел, батIулаб жо жиделъ гьечIел,
Нусиялда ункъо фуркъан гьаб халкъалде щварабила.
Жидер хIарпал хIадисиял, хIакълъун магIна къадимиял,
Къец гьабун чи бергьунарел Аллагьасул тIахьалила.
Лъеберго Ибрагьимиде, лъабкъого Шисидейила,
АнцIго тIехь ТавратлъизегIан Мусаде рещтIарабила.
Цинги Таврат Мусадила, Забур Давудидейила,
Хадуб Инжил ГIисадила, АхIмадиде Къуръанила.
ТIолго тIахьазул магIнаби Къуръаналде рачанила,
Къуръан гурелъ гьабун хIукму гьаб халкъалъе хIарамила.
Ункъабилеб ракI чIолеб жо - илчизаби ритIанила,
Халкъалдаса тIаса рищун, Аллагьасде ахIизилан.
Аллагьасде гIасилъичIел, амруялда хилифлъичIел,
Нусазарго, къоазарго, ункъазарго рукIанила.
Гьезул бищун жив хирияв, жиндий гIоло халкъ бижарав,
Халкъалдего жив витIарав Аллагьасул ХIабибила.
Маккаялда жив гьавурав, гьенив Расуллъун витIарав,
Мадинаялда вукъарав, БакъигIалъул Равзаялда.
Амру-нагью кодобе кьун, киназдего жив витIарав,
Кинабгоги рахъалдасан тIолго халкъалдаса тIокIав,
ГIарабияв, къурайшияв, гьашимияв АхIмадила.
Къуръаналда цIар рехсарал, хIакълъунго лъебергойила,
ХIакъаб калам кьун ритIарал лъабнусида анцIгойила.
ТIолго аварагзабазул уллулгIазми щугойила:
HyxI, Ибрагьим, Муса, ГIиса, МухIаммадун ХIабибила.
Къуръаналда цIар рехсарал аварагзабазул баян:
Адамгиму Идрисила, Шис, HyxI, Гьуд, ЛутI, СалихIила,
Ибрагьим, ИсмагIилила, ИсхIакъ, Якъуб, Юнусила,
Муса, Гьарун, ШугIайбила, Закария, ЯхIяйила,
Гьаракь берцинав Давудги Сулайманил эменила,
АлясагI, Зулкифлийила, цинги Ильяс, Аюбила,
Зуркъанайи, ГIузайрила, ЮшагI, Юсуф, ГIисайила,
Гьезул бищун жив хирияв ХIабибуллагь АхIмадила.
Щуабилеб ракIчIолеб жо - ахир цо къо бачIинила,
Хварал чIаго гьарилила, ГIарасалде ахIилила,
ХIисаб-суал гьабилила, лъикIаб-квешаб борцинила,
СиратIалъул кьоялдасан кIихIи рикьун риччалила.
Анлъабилеб ракIчIолеб жо Аллагьасул къадарила,
ЛъикIабгIаги, квешабгIаги Бичас хъвараб лъугьинила.
Лагъзадерихъе кверщел кьун, гьезул гIамал жинца бижун,
ГIамалгиму жиндир такъдир рекъон цадахъ хьвадулила.
Ислам
Ислам щибан гьикъанани, щуго жо бугилан абе,
ТIоцебесеб исламалъул - шагьадатлъи битIийила.
КIиабилеб исламалъул - къол щуябго как байила.
Лъабабилеб исламалъул - закагIат-caxI бахъийила.
Ункъабилеб исламалъул - рамазаналъ кIал кквейила,
Щуабилеб, хIал кIванани, хIежгун гIумра гьабийила.
ИхIсан
ИхIсан щибан гьикъанани, дуца лагълъи гьабийила,
Аллагь балан вугев гIадин, тIагIат бацIцIад гьабийила.
Дуда Дов вихьичIониги, мун Досда вихьулевлъидал,
Вихьудаги тIерхьудаги тIагIат бацIцIад гьабийила.
Суннат
Суннат щибан гьикъанани, Аварагасул нухила,
Къуръаналда жиб рехсараб ХIабибасул шагьрайила.
Балагь дуде бачIаниги, гьеб шагьраялъ мун инчIони,
Как баниги бусурманлъи дуда чорхолъ гьечIебила.
***
Авараг хун халифалъун Абубакар таравила,
Цинги ГIумар, ГIусман, ГIали тартибалда рукIанила.
Щуабизе анлъго моцIалъ халифалъун ХIасанила,
ХIасанида хадуб ккараб халифалъи шубгьайила.
Киналго асхIабзабазул хIукму-фатва дурусила,
Гьезул нухалда жал арал, имамзаби ритIухъила.
Имам НугIман, имам Малик, имам ШафигI, имам АхIмад,
Киназулго куллу ВахIид Мужтагьидун МутIлакъила.
ТIолгоязул мазагьибал Мухтарасул нухалила,
Кинаб нухалъ мун аниги, дур матIлубал тIуралила.
ХIабибасул хIадисалъе тафсиралъул гIалимзаби,
ТIолго нижер сайидзаби лебалаллъун рукIанила.
Дир БетIергьан Аллагьила, Авараг МухIаммадила,
Бичас дида тIад гьабураб, дир дин, динул Исламила.
МухIаммадил умматалъул, Ибрагьимил миллаталъул,
Адамил зурияталъул загIипав лагъ дунгийила.
Дир имамги Къуръанила, къиблаги дир КагIбайила,
Дир игIтикъад суннатила, дир тушманги шайтIанила.
Дир мазгьаб ШафигIилила, ШафигIги дир имамила,
Авараггун цадахъ досул эмен ГIабдулманапила.
Аварагасул умумул дуда лъазе тIадалила,
Гьесул наслу, агьлу, хъизан лъачIого гIоларебила.
ГIабдуллагь, ГIабдулмутIалиб, Гьашим, ГIабдулманафила,
Къусаюгин Килабила, КагIбу дозул эменила,
Луаюгин Гъалибила, Фигьру, Малик, Назарила,
Кинанат, Хузайматила, Мудрикатгун Ильясила,
Музаргиму Низарила, хадур МугIад, ГIаднанила.
Цинги хIакъаб наслуялъул хIакъикъат лъан кIоларила,
Умумузул цIарал рехсон, Авараг гьанив чIанила,
Гьездаса тIокI рикIкIунев чи, батIулавлъун гьавулила.
Чохьол эбел Аминатгун, рахьдал эбел ХIалиматгун,
КIиязего хIалай ячIун, хIурулгIиналъ хьихьанила.
Абулагьаб кафирасул кодоса жий тархъанлъарай,
ХIамзатие садю кьурай Суайбатги йикIанила.
Зугьаратил Вагьбудила Аминатил эменила,
Инсудехун эбелалъул насаб жубан букIанила.
Къасимгиму Зайнабила, ТIагьир, Умукусумила,
ПатIимат, Рукъиятила, гьарураб тартиб гьабила.
Гьал анлъалго Мухтарасе, Маккаялда гьарунила,
Анлъазулго чохьол эбел Хадижатун Кубрайила.
Цинги Мадинаялде щун, Марият жинца ячиндал,
Анкьабизе гьелъул чехьалъ Ибрагьимги гьавунила.
ТIоцеесей досул чIужу Хадижатун Кубрайила,
Цинги Савдат, лъабабизе ГIаишатун ГIазраила,
Гьал лъабалго Аварагас Маккаялда рачанила.
ТIайбаталда рачаразул, тIоцеесей ХIабсатила,
КIиабизе ТIайбаталда Уммусалимат ячарай,
Лъабабизе ТIайбаталда УммухIабибат кканила.
Аварагас жал рачарал гьал анлъалго руччабазул,
ХIакълъун жидер наслу, насаб къурайшияб букIанила.
Жувайрат, Сапиятила, Зайнабгин Маймунатила,
Хузайматил Зайнаб рикIкIун, кIиго Зайнаб йикIанила.
КIияйго Зайнабил цояй, Зайдил мутIаллакъатила,
Зодоб Бичас магьари лъун, ячарай хIурулгIинила.
ГIаймакиса Абубакар, Аварагасул мутаржим,
МухIаммадил умматалда дин-ислам малъарав саййид.
Дур тIамураб кьучIалда тIад дица гьабураб гьаб дир къед,
Къадараб бугилан абун бичун биччаге, чорхол pyхI.
Дургун цадахъ дирги назму къабул гьабун цIалулелги,
ЦIай кверал ккун ХIабибасде, хIинкъи цIакълъараб къоялда.