Аслияб гьумералде

Иманалъул даражаялда бугеб

Иманалъул даражаялда бугеб

«Сабру гьабиялдалъун нижее гьаб дунялалда бищун лъикIаб щвана», - ян абураб рагIи буго ГIумар асхIабасул. Чиясул гIумруялда сабру гьабиялъул даражаялъе къимат кьезе захIмалъила. Гьеб буго къуватаб гIамал, жинца захIмалъаби раччизе, гьабулеб ишалъулъги битIараб хIукму гьабизе, берцинаб гIамалалъул нухде инсан вачине ва унго-унголъун цIодоравлъун, гIакъилавлъун вукIине кумек гьабулеб.

Гьеб буго рухIияб ва жанисеб рахъалъ къуватав чиясул тIабигIат. Щайин абуни, жанисеб рахъалъ загIипав чиясда ццим бахъараб заманалда напс къинабизе ва сабруялда чIезе кIоларо, кIваниги захIмалъула. Гьелъ буго сабру гьабулезе БетIергьанас I жазаъги кIудияб гьабулеб бугеб. Къуръаналдаги сабруялъул хIакъалъулъ нусгогIанасеб бакIалда рехсей гьабун буго. Гьеб буго Аллагьасе бокьулеб гIамалги.

Гьедин рехсон буго «Алу-ГIимран» сураялда «Аллагьасе сабру гьабулел рокьула», - ян. Жеги буго: «Нужеца сабру гьабе, Аллагь сабру гьабулелгун вуго», - ян («алАнфал», 46 аят).

Гьеб буго жидедалъун киналниги аварагзаби ратIа рахъараб гIамал. Алжаналъул кIул гьебин абиги киназего машгьураб буго. Аварагасда цо-цояз щиб жо кколеб иманилан абидал, гьес абун буго: «Иман буго сабру гьаби», - ян. Цоги хIадисалда буго: «Сабру гьабиялъ иманалъулъ, бетIералъ къаркъалаялъе гьабулебго гIадаб бакI ккола, (бетIер гьечIони къаркъала тIубалареб кинниги), сабру тIагIани иманги уна», - ян. Сабруялъул бищун лъикIабги буго, жиндие зарал гьабурасе данде тамихI гьабизе кIолебги букIаго, Аллагьасе гIололъун тIаса лъугьун тей. Гьелъул хIакъалъулъги аварагас абун буго: «Бищун дие бокьулеб гьекъолеб жоялдаса буго, ццим бахъинги къотIинабун, сабруялъул гьекъей. Ццим бахъин къинабурав чиясул ракI Аллагьас иманалъул цIезабила», - ян.

Сабру гьабизеги ккола бищун Аллагьасде гIагарал, Гьесие гIибадатгIамалалда ругез. Гьелдалъун гIемерал аварагзабазул хIалги бихьана. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасе цо чагIи рокьараб мехалъ, Гьес гьезул хIалбихьиял гьарула. Бихьаралда разилъи гьезул бугони, Аллагьасул разилъиги щола гьезие. Ццим бахъун, сабру тIагIун лъугьани, Аллагьасул ццим бахъинги щола», - ян.

Абу-Малик ал-АшгIариясдаса бицараб хIадисалда буго: «Сабру буго нур, (жиндалъун гьелъул бетIергьанасул хоб гвангъизабулеб)», - ан. Аллагьас нилъ гьареги сабру гьабулел, бихьаралда шукру бугел, гьабулеб гIамалалъулъ рацIцIадал лагъзаллъун!

Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...