Аслияб гьумералде

Ракьалда лъикIаб лъалкI тарай

Ракьалда лъикIаб лъалкI тарай

Татаразул машгьурай журналистка Альмира Адиатуллина къадаралде щвана

Гьал къоязда, 84 сонил ригьалда, Аллагьасул къадаралде щвана татаразул журналистка Альмира Адиатуллина. Гьедин лъазабуна «Ярдэма» абураб гурхIелрахIмуялъулаб фондалъ.

Адиатуллина Альмира Лутфуловна гьаюна 1938 соналъул 8 июлалда Башкирия АССРалда. 1965 соналда Казаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультеталъул журналистикияб отделения лъугIизабуна. 1996-1999 соназда цIалана Казаналда бугеб «МухIаммадия» мадрасалда.

Альмирае «Ярдэм» абураб гурхIел рахIмуялъул фондалъ «За доброе сердце» абураб медаль кьолеб лахIзат

1957 соналда хIалтIана «Совет мэктэбе» («Советская школа») абураб журналалъул редакциялда. 1964 соналдаса байбихьун 1993 соналде щвезегIан хIалтIана «Азат хатын» абураб журналалъул редакциялда. 1980 соназул ахиралда ва 1990 соназул байбихьуда Альмира Адиатуллиналъ гIахьаллъи гьабуна татар халкъалъул миллияб цIилъиялъул гIуцIиялъулъ. Бусурбабанал руччабазе паспорталда хIижабгун сурат бахъизе ихтияр тIалаб гьабунги цIакъ гIемер цее яхъана гьей. Гьеб сабаблъун гьелъул цIарги дунялалдаго тIибитIана. «Дунялалда тIад бищун лъикIай 100 чIужугIадан» абураб номинациялда гьей йихьизаюн йикIана Нобелилаб премия кьеялъеги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...