Аслияб гьумералде

ГIумрудул гIажаиблъи

ГIумрудул гIажаиблъи
Унго, гӀажаиблъи гьаб гӀумруялъул,
ГӀадан херлъанагӀан хиял цӀилъулеб;
Хвел гӀагарлъанагӀан гӀишкъу цӀикӀкӀунеб,
ГӀедегӀун анагӀан инсан вохулеб.
ГӀадан гӀорцӀулареб, боцӀи гӀолареб,
ГӀарцуй лагълъи гьабун лугби херлъулеб.
Хвезе вижун вукӀин лъалеб мехалъги,
ЛъикӀлъиялдехун ракӀ гӀедегӀулареб.
Унго, гӀаламалъи гӀамалалъулги,
ГӀумру дагьлъанагӀан дунял бокьулеб.
Давлат хӀаллъанагӀан хӀажатавлъулеб,
ХӀал хьадарлъанагӀан хьул халалъулеб.
ХӀикмалъиго кинаб гьаб хӀаяталъул,
ХӀалхьи гьечӀеб ракӀалъ рахӀат толареб.
РахӀму гьечӀолъи гьаб дунялалъулги,
Гьалбал жиндир гьундухъ гьалаг гьарулеб.
Унго тамашалъи яшавалъулги,
Жиб язихълъанагӀан яхӀ бечелъулеб.
Бечелъи щванагӀан чи ягъзинлъулеб,
Чанги янгъизасе ярагьунареб.
ГӀажаиблъи кинаб цин-цин гӀумрудулъ,
Цо-цо гӀадамазул гӀамалалъулги,
ГӀумрудул цоги сон тӀаса бекидал,
Баркун кверал росун кепал гьарулеб.

САГӀИД ОРДАШОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...