Фузайлица Гьаруние гьабураб насихIат
Фузайлица Гьаруние гьабураб насихIат
«ХIулятул авлияъ» абураб тIехьалда Абу НугIаймица рехсон буго Фазл ибну РабигIаца бицараб къиса.
- Цо нухалъ муъминзабазул цевехъан Гьарун Рашид вачIана Маккаялде хIеж гьабизе. Шагьаралде щведал гьев дихъе вачIана. Муъминзабазул амир вачIунев вихьидал дун гьесда данде гIедегIана ва абуна: «Я амирул муъминин! Цояв дихъе витIун вукIаравани дунго вачIинаан духъе», - абун. Халипас абуна: «Кин букIунеб жо! Дир рахIат хвезабулеб буго чанго суалалъ. Гьезие жаваб гьабулев чи валагье дие», - ян. Дица абуна: «Гьанив вуго Суфян ибну ГIуяйн (Куфаялдаса цIар рагIарав хIадисчи)», - ян. «Ваче дун гьесухъе», - ян абуна Гьаруница.
Ниж щвана Суфянил рукъалда цере, нуцIида кIутIидал гьес цIехана: «Щив?» - абун. Дица абуна: «Муъминзабазул цевехъанасе жаваб гьабе», - абун. Гьев нуцIа рагьун къватIиве вачIана ва абуна: «Я амирул муъминин! Цояв дихъе витIун вукIаравани дунго вачIинаан духъе», - абун. Гьаруница абуна: «Аллагь ﷻ гурхIаги дуда! Ниж жиндир мурадалда рачIараб кье нижее», - ян. Гьелдаса хадур гьел кIиялго лъикIаланго заманалъ цоцада кIалъана. Хадуб Гьаруница гьесда цIехана: «Ругищ дур налъаби?» - абун. Суфяница ругин абидал, халипас цадахъ вукIарав Абу-ГIабасида абуна гьесул налъаби рецIейин абун, цинги нижги къватIире рахъана. КъватIире щведал Гьаруница дида абуна: «Дур гьалмагъас дие щибго кумек гьабичIо. Валагье гьел суалал кьезе бегьулев чи», - ян. Дица абуна: «Шагьаралда вуго ГIабдуразакъ ибну ХIаммад (Йеменалдаса машгьурав хIадисчи, имам Бухариясул шайих)». «Гьесухъе нух бихьизабе дида», - ян абуна Гьаруница.
Ниж щвана ГIабдуразакъил рагьде ва дица кIутIана нуцIида. Рокъосан ахIун бачIана: «Щив?» - абун. Дица жаваб гьабуна: «Муъминзабазул цевехъанасе жаваб гьабе», - ян. ГIабдуразакъица хантIан нуцIа рагьана ва халипасдехун вуссун абуна: «Я амирул муъминин! Цояв дихъе витIун вукIаравани дунго вачIинаан духъе», - абун. Гьаруница абуна: «Аллагь ﷻ гурхIаги дуда! Ниж жиндир мурадалда рачIаралъе жаваб гьабе нижее», - ян. Цинги гьел кIиялго гIезегIанго заманалъ цоцада гьикъардун кIалъана. Хадуб Гьаруница ГIабдуразакъида гьикъана: «Ругищ дур рецIизе кколел налъаби?» - абун. Ругин гьес абидал, халипас цебесеб нухалъго гIадин, Абу-ГIабасида абуна гьесул налъаби рецIеян. КъватIире рахъун къотIноре щведал гьанжеги Гьаруница абуна: «Дур гьалмагъас дие щибго кумек гьабичIо. Валагье дие жаваб кьолев чи», - ян. Дица абуна: «Гьанив вуго Фузайл ибну ГIиязги, гьесухъе рилълъинищ?» - абун. «Ваче гьесухъе», - ян абуна халипас.
Фузайлихъе щведал нижеда гьев ватана как балев ва гьес такрар гьабулеб букIана Къуръаналдаса пуланаб аят. Гьаруница абуна: «КIутIе нуцIида», - абун. НуцIида кIутIидал, гьоркьоб дагьаб заман индал, Фузайлица цIехана: «НуцIихъе щварав щив?» - абун. Дица жаваб кьуна: «Муъминзабазул цевехъанасе жаваб гьабе», - абун. Нахъеги гьес ахIун бачIана: «Муъминзабазул цевехъанасде щиб иш бугеб дир ва щиб иш бугеб гьесул дидехун», - абун. Гьесие жаваб гьабун дица абуна: «СубхIаналлагь! Гьесие мутIигIлъизе кколарищ мун?! Аварагас ﷺ абунин бицунеб гьечIищ: «Муъминчиясе рекъоларо живго гIодовегIанлъиялде рехизе», - ян. Гьеб мехалъ Фузайл нуцIихъе вачIана, щибго жо абичIого, гьебги рагьун, чирахъги свинабун, кIиабизеги жиндирго ишалде вуссун, рукъалъул бецIаб бокIнилъе вуссана. Бугониги ниж жанире ана ва квер квашун гьев гIодов чIараб бакI балагьана. Гьарунил квер щвана гьесде тIаде, гьеб сагIаталъ Фузайлица абуна: «Тамахаб квер буго! Амма гьелда кIвезе бугебаниха Аллагьасул ﷻ гIакъуба-гIазабалдаса хвасарлъизе», - ян. Гьеб мехалъ дида ккана къаси гьев халипагун бацIцIадаб ракIалъ кIалъазе ватилин. Гьеб мехалъ Гьаруница абуна: «Аллагь ﷻ гурхIаги дуда! Ниж жиндир мурадалда рачIараб кье», - ян.
Фузайлица абуна: «ГIумар ибну ГIабдулгIазиз халипалъун вахъиндал гьес Салим ибну ГIабдуллагьги, МухIаммад ибун КагIбал Куразиги, Раджа ибну ХIайвуги ахIана жиндихъего ва абуна: «Дун гьаб балагьалде ккана, кье дие гIакълу», - ян. ГIумарица бетIерлъиялде ккей балагьлъун рикIкIана, дуцаги дур гьалмагълъиялъги гьеб нигIматлъун рикIкIана. Салимица гьесда абуна: «Метерисеб къоялъ Аллагьасул ﷻ тамихIалдаса хвасарлъизе бокьун батани, дунялалдаса инкар гьабе», - ян. МухIаммадица абун: «Хвасарлъи бокьун батани чIахIиял бусурбаби дуе рукIа умумуллъун, гьоркьохъел – вацаллъун, гIисинал – лъималлъун. Инсул гьабе адаб, вацасул хIурмат, лъимадехун гурхIел бугевлъун вукIа», - ян. Раджацаги абуна: «Хвасарлъи бокьаравлъун мун ватани, дуего бокьулеб жо бусурбабазеги бокьа, дудаго рихараб гьезие гьабиги риха. Гьеб мехалъ хвезе бегьула мун», - ан. Я амирул муъминин! Мун хъущтIизе рес бугеб къо дуде щвелин абун цIакъ хIинкъун вуго дун. БетIергьан ﷻ гурхIаги дуда, вугищ гьадиназда релълъарал насихIатал гьарулев чиго дуда аскIов?»
Гьел рагIаби Фузайлица абидал, Гьарун гIакълуялдаса ана. Дица абуна: «ГурхIа бусурбабазул цевехъанасда», - ян. Фузайлица жаваб гьабуна: «Ва Умму РабигIал вас! Дуцаги дур гьалмагъзабазги хвезавулев вуго гьев, дунищ гьесда гурхIизе кколев?» - абун. Гьоркьоб заман индал Гьарун рукIалиде вачIана, цинги гьес Фузайлида цIехана: «Бугищ дур рецIизе кколел налъаби?» - абун. «Аллагьасе ﷻ бецIизе кколеб налъи буго дир. ТалихIкъела дир Гьес ﷻ дида гьелъул цIехани! ТалихIкъела дир Гьес ﷻ хIисабкьей дидаса тIалаб гьабуни! ТалихIкъела дир Гьесда ﷻ цевечIараб къоялъ хIужа батичIони!» Гьаруница абуна: «Дица цIехолеб букIана гIадамазе кьезе кколел налъаби ругищ», - абун. Гьес жаваб гьабуна: «БетIергьанас ﷻ дида гьелдалъун амру гьабичIо, амру гьабуна гIицIго Жиндие ﷻ лагълъи гьабейин ва мутIигIлъейин абун. Гьес ﷻ абуна: Дица жиналги гIадамалги Дие лагълъи гьабизелъун рижана...», - ян. Гьеб мехалъ Гьаруница абуна: «Гьаниб буго азарго динар, босе гьаб, дурго лъимал-хъизаналъе хIалтIизеги гьабе. ГIибадат-гIамал гьабиялъулъ гьалъ дуе кумек гьабизе батила», - ян. Фузайлица абуна: «СубхIаналлагь! Дица дуда бихьизабуна хвасарлъиялъе нух, дуца дие гьелъухъ мухь кьолебищ бугеб?! Аллагьас ﷻ цIунаги ва кумек гьабеги дуе!»
Хадуб ниж къватIире рахъинелъун гьесул нуцIихъе щвана. Лъалхъиги гьабун, Гьаруница абуна: «Абу-ГIабас, хадусеб нухалъ дие гIакълу кьезе чи вихьизавулелъул гьадинав чи вихьизаве. Гьев вуго бусурбабазул сайид», - ин.
Гьеб заманалда Фузайлида аскIое ячIана гьесул чIужу ва абуна: «Дуда рихьулел руго нилъ ругеб санагIалъи гьечIеб хIал. Гьел динарал дуца росаралани нилъее дагьабгIаги бигьалъи лъугьинаан», - абун. Фузайлица гьелда абуна: «Нуж руго вараниялдаса щваралъ бетIербахъи гьабулезда релълъарал чагIи. Варани херлъараб мехалъ гьез гьеб хъола ва гьелъул гьанги кванала, дун абуни гьеб вараниялда релълъарав чи вуго», - ян.
Гьеб кIалъай рагIарав Гьаруница абуна: «Рилъа цIидасан гьесухъе, щиб лъалеб гьес къабул гьабизе бегьула диргьамал», - абун. Гьеб халлъарав Фузайл къватIиве вачIана ва рукъалъул нуцIа бугеб баакIалда гIодов чIана. АскIовеги ун Гьарунги гIодов чIана ва цIидасан кIалъазе лъугьана. Фузайлица абуни цониги рагIи абичIо. Гьеб мехалъ къватIие яхъун ячIана чIегIераб тIомалъул яс ва гьелъ абуна: «ГIенеккея, дуца тIубараб сордоялъ гIакъуба кьуна шайихасе! Аллагь ﷻ гурхIаги дуда, нахъе а гьаниса», - ян.
Нижги нахъе ана!