Дагъистаналъул студентал – бищун лъикIал
Дагъистаналъул студентал – бищун лъикIал
21 октябралда Казаналда тIобитIана исламияб гӀелмуялъул ва гӀараб мацӀалъул рахъалъ IV Халкъазда гьоркьосеб олимпиадаялъул хӀасилал гьариялъул тадбир. Бергьаразе кьуна шапакъаталги.
Цебесеб къоялъ Россиялъул исламияб институталда тӀоритӀана интеллектуалиял челленджал. ГӀахьалчагӀаз жидерго лъай бихьизабуна ункъо категориялда: «Исламалъул аслу», «ГӀараб мацӀ», «Исламияб къанун (ХӀанафил мазгьаб)» ва «Исламияб къанун (ШафигӀияб мазгьаб)».
Гьеб конкурсалда гӀахьаллъана Россиялъул исламиял вузазул студентал, гьединго, 15 улкаялъул вакилзаби – Турциялъул, Пакистаналъул, Индиялъул, Малайзиялъул, Индонезиялъул ва СНГялъул. «Исламияб къанун (ШафигӀияб мазгьаб)» абураб категориялда кӀиабилеб бакӀ щвана Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул студент ГӀабдулхӀамидов МухIаммадие. «Диналъул аслу» абураб бутӀаялда лъабабилеб бакӀ щвана Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул студент КаримахӀамадов ГӀабдулае. Ункъабго категориялда призал щвана Дагъистаналъул исламияб университеталъул студентазе. «Исламияб къанун (ШафигӀияб мазгьаб)» абураб категориялда тӀоцебесеб бакӀ ккуна МахӀмуд Юшаевас, «ГӀараб мацӀ» абураб категориялда тӀоцебесеб бакӀ ккуна ГӀали Мейриевас, «Диналъул аслу» абураб категориялда кӀиабилеб бакӀ ккуна МахӀмуд ГъазимухӀамадовас ва «Исламияб къанун (ХӀанафил мазгьаб)» категориялда лъабабилеб бакI ккуна ГIали Боташевас.
Университеталъул администрациялъ баркана студентазда ва мугӀалимзабазда гьезул бергьенлъи.