ГIурхъи гьечIеб буго
Щивав инсанасул рукIуна гъа-латIалги мунагьалги. Амма гIурхъи гьечIеб Жиндирго рахIмуялдалъун ТIадегIанав Аллагьас лагъзадерие тавбуялъул нуцIби рагьун руго, битIараб нухде тIадруссине ва Жиндирго мунагьал чураялде рачIине ресги кьун.
Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Адамил киналго наслабаз мунагьал гьарула, мунагьал гьарулезул бищунго лъикIал руго тавбу гьабурал», - ян (ибн Мажагь).
Мунагь гьабун хадуб бусурбанчи Аллагьасде гIагарлъизе рес кьолел гIамалазул цояб ккола тавбуялъул как.
Тавбуялъул какалъул бала кIиго ракагIат ва гьелъул жамагIат гьабизеги бихьизабун гьечIо. Какиеги чурун, хадуб кIиго ракагIаталъул какги бан, ракIбацIцIадго тIаса лъугьаян гьарун, тавбу гьабун ТIадегIанав Аллагьасде руссина.
Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Муъминчияс мунагь гьабуни, цинги букIине кколедухъ какие чуриги гьабун, кIиго ракагIаталъул какги бан, Аллагьасда тIаса лъугьаян гьарани, гьеб мехалъ Аллагь гьесда тIаса лъугьуна», - ян (АхIмад).
РакIбацIцIадго тавбу гьабизе ккани, тIубазабизе ккола лъабго аслияб шартI: гьебсагIатго мунагьалъулаб иш гьоркьоб къотIизаби, гьабураб жоялдаса унго-унгояб пашманлъи ва гьелде киданиги тIадвуссунгутIизе щулияб хIукму букIин. Гьелда тIадеги, мунагьалъулъ цогидасул ихтиярал хвезари ккани, гьел ихтияралги нахъе руссинаризе яги гьев чиясдаса тIаса лъугьин гьаризе ккола.
ШафигIияб мазгьабалъул гIалимзабаз баян гьабулеб буго тавбуялъул как базе лъикIаб букIунин гьабураб мунагьалдаса тавбу гьабураб мехалъ. Гьелдаго цадахъ жибго тавбуялъул гIамалги нахъбахъизе бегьуларо, инсанасда лъаларелъул кида жиндирго ракьалда бугеб гIумру лъугIизе бугебали.
ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьединго Аллагьасдаса ﷻ хIинкъарал гIадамал руго, жидеца цо квешаб гIамал гьабураб мехалъ ва гьелдалъун жидер напсал мунагьалде ккедал, жидеда Аллагь ракIалде щолел ва тавбу гьабун Аллагь ﷻ тIаса лъугьин тIалаб гьабулел. Жив тIаса лъугьунев ва жинца мунагьал чурулев Аллагь ﷻ гурев цоги щивго гьечIо», - ян. (Сура «Алу ГIимран», аят 135)
Аллагьасул рахIмат гIурхъи гьечIеб буго, Аллагь тIаса лъугьиналдаса хьул къотIизе бегьуларо цониги бусурбанчиясул. КигIан кIудияб мунагь букIаниги, ракIбацIцIадго БетIергьанасдехун вуссун, хIарамаб жо рехун тун, лъикIал ишазда хьвадизе ккола.
Тавбуялъул как ккола Халикъасда цебе гIодобегIанлъи бихьизе, ракI бацIцIад гьабизе, Гьесулгун бухьен щулалъизабизе лъикIаб рес. ТIадегIанав Аллагьас нилъер тавбу къабул гьабеги, мунагьал чураги, ракIбацIцIадго тавбу гьабулел Жиндирго лагъзадерида гъорлъе рачаги нилъги. Амин.