Аслияб гьумералде

ЛъикIлъи, гIелму, рекъел

ЛъикIлъи, гIелму, рекъел

Жакъа гIолилазда гьоркьор тIиритIулел руго хIинкъи бугел диниял бербалагьиял. Цо-цо батIи-батIиял гIадамаз исламияб дин мекъаб куцалда баян гьабула ва цогидал божизаризе хIаракат бахъула диналъул унго-унгояб бичIчIи жидехъ гурони гьечIин абун. Гьез Къуръаналъул аятал ва МухIаммад аварагасул ﷺ хIадисал рачуна, амма гьезул магIна тIубан баян гьабуларо яги мекъи гьабула.

 

Аслиял хIинкъабазул цояб ккола бусурбабазде куфруялъул гIайиб гIунтIизабиялъул иш. Исламалда гьеб лъала «такфир» абун. Цо-цо гIадамаз цогидал бусурбаби капурал яги мушрикунал ругин абула. Гьедин абизе кьучI гьечIониги, гьез гьеб хIукму гьабула.

МухIаммад Аварагас ﷺ куфру цоцаде гIунтIизбиялъулъ бугеб кIудияб хIинкъиялъул бицана. Инсанасул иманалда хурхарал суалал цIакъ кIвар бугел жал руго. Гьединал суалал баян гьаризе ккола Къуръан, хIадисал лъалел ва исламияб гIелму бугел гIалимзабаз. Цо чиясул батIияб пикру бугин абун, гьесда капурин абизе бегьуларо.

Гьединго цо-цо радикалиял вагIзачагIаз лъазабулеб буго бусурбаби я хIукуматалъул идарабазда, я полициялда, я рагъулал хъулухъазда хIалтIизе бегьуларин. Амма нилъеда лъазе ккола гIицIго хIалтIи гьабиялъул гIамалалъ инсан иман гьечIевлъун гьавулареблъи. Тохтурас гIадамал сах гьарула, учителас лъималазе тарбия кьола, полициялъул хIалтIухъанас гIадамал такъсирчагIаздаса цIунула. Гьезул щивасда кIола жамгIияталъул лъикIлъиялъе квербакъи гьабизе.

Бищунго аслияб жо буго инсанас ТIадегIанав Аллагьасда иман лъей, диниял тIадкъаял тIурай, жиндир хIалтIи ракIбацIцIадго тIубай, цогидазе зулму гьабиялдаса ва хIарамал ишал гьариялдаса рикIкIад чIей. ЦохIо гьесул махщалиде балагьун цо чиясе диван гьабизе яги гIайиб чIвазе бегьуларо.

Гьединго цо-цояз хIаракат бахъула жамгIиял суалаздаса пайдаги босун бусурбабазда гьоркьоб рокьукълъи бижизабизе. Мисалалъе, гьез рорхулел руго хIижаб гьукъи, рагъулаб хъулухъ яги диналдехун пачалихъалъул бербалагьи гIадал темаби. ТIабигIияб жо, инсанасул ихтиярал хвезарулел ругони, гьеб суал тIубазе ккола. Амма цо-цо лъугьа-бахъинал хIалтIизаризе бегьуларо рокьукълъи ва тушманлъи бижизабизе. Исламалъ нилъеда малъула ритIухълъи цIунизе ва масъалаби гIакълуялдалъун тIуразе.

Цо-цо радикалиял вагIзачагIаз гIемер ахIула имам Шамилил цIар, гьеб хIалтIизабула жидерго пикрабазул пропаганда гьабизе. Амма гьесул гIумруялъул тIубараб хIакъикъат гьез бицунаро.

Имам Шамил вукIана машгьурав цевехъан ва бахIарчияв чи гуревги, лъай бугев бусурбанчи, шафигIияб мазгьаб ккурав, жиндирго мугIалимзабазул рухIияб нухдасан унев чи. Гьесул насихIатчагIазда гьоркьор рукIана Дагъистаналъул машгьурал шайихзаби ва гIалимзаби.

Гьединлъидал имам Шамилил иманги, мугIалимзабиги, исламияб гIелмуялде букIараб бербалагьиги лъачIого, гьесул хIакъалъулъ бицине бегьуларо.

ГIемерал гIасрабаз Дагъистан лъала исламиял гIалимзабазул рахъалъ. Нилъер росабалъ рукIана Къуръаналъул, хIадисалъул, гIараб мацIалъул, исламияб къануналъул гъваридаб лъай бугел батIи-батIиял гIалимзаби. Гьез цогидазеги дарсал кьолаан, тIахьал хъвалаан, жидерго лъай хадусел гIелазухъе кьолаан. Гьезул гIемерал тIахьал ва хъвай-хъвагIаял нахъе хутIун руго жакъа къоялде щвезегIанги. Гьел гIалимзаби сабаблъун нилъер умумуз нилъехъе ислам щвезабуна, динияб лъай лъималазухъе кьуна.

Амма жакъа цо-цо гIадамал загьирлъулел руго, цо-кIиго тIехь цIалун яги интернеталдасан видеороликахъ ралагьун, нилъер цебесеб заманалъул киналго гIалимзаби мекъи рукIанин абизе байбихьулел. ГIемерисеб мехалда щибго гIелмияб лъайги гьезул букIунаро. БитIарабищ бугеб гIемерал гIасрабазул гIалимзабазул хIалтIул цIех-рех гьабичIого гьезул лъай нахъчIвай?

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ГIелму бугезда гьикъе, нужеда лъалеб гьечIони», - ян («Ан-НахIл» сурат, 43 аят).

Гьединлъидал, цо чиясда динияб суалалъе жаваб лъалеб гьечIони, гьев лъай бугел гIалимзабазухъе ине ккола. Диналъул хIакъалъулъ пасихIго кIалъалевщинав чиясда божизеги бегьуларо.

ГIелмуялъ инсан лъикIлъизавизе ккола. Муъминчияс эбел-инсул адаб гьабизе, гIагарал чагIазе кумек гьабизе ккола, цогидазда хурхун ритIухъав, лъикIавлъун вукIине ккола.

Лъилниги вагIзабазухъ гIенеккун хадуб гIолиласда эбел-эмен рихине, гIалимзаби хIакъир гьаризе, бусурбабазда капурлъиялъул гIайибчIвазе, сверухъ ругел тушбабилъун рихьизе лъугьани, гьес пикру гьабизе ккола жинда малъулеб нух битIараб бугебдайин абун.

Нилъер кIудиял гIалимзабаз нахъе тана мажгитал, мадрасаби, тIахьал, мутагIилзабазул гIемераб къадар. Гьез гIадамазе тарбия кьолаан, жамгIияталъе хъулухъ гьабулаан, лъикIлъиялде ахIулаан. Нилъецаги хIаракат бахъизе ккола сверухъ ругезе пайда гьабизе. ГIелмуялъул бетIергьан ватани, гьес цогидазда малъизе биччанте. Бечедав ватани, мискинзабазе кумек гьабе. Гьел тохтурзаби ратани, биччанте унтарал сах гьаризе. Гьел учительзаби ратани, биччанте гьез лъималазе лъикIаб тарбия кьезе. ХIукуматалъул идарабазда хIалтIулел ругони, риччанте гьез жидедаго тIадаб иш ракIбацIцIадго тIубазабизе.

Хасго гIолилазде хитIаб гьабизе бокьун буго. Исламалъул цIаралдасан кIалъалевщинав чиясда божуге. Нужеда рагIараб жо тасдикъ гьабе, гIалимзабазда дандги бан. Цогидаз нужерго иманалдаса пайда босун рокьукълъи тIибитIизабизе биччаге. Дурго эбел-инсул, хъизамалъул, гIагарлъиялъул гIумру цIуне.

Къуватав бусурбанчи кколаро гьаракь борхун цогидазда гIайибал чIвалев чи. Гьелъул гIаксалда, дин щулаго кколев, лъикIал ишал гьаризе хIаракат бахъулев, жамгIияталъе пайдаялъе квербакъулев чи ккола унго-унгояв бусурбанчи.

ТIадегIанав Аллагьас цIунаги нилъер гIолилал мекъаб бербалагьиялдаса, нилъее пайдаяб гIелму кьеги, хъизамазда жаниб рекъел цIунаги, бусурбабазул цолъи щула гьабеги. Амин!

 

Шамил ГIумаров, муфтияталъул председателасул заместитель

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...