Аслияб гьумералде

Якъуца хварай палихъан

Якъуца хварай палихъан

Якъуца хварай палихъан

ШаргIалда рекъон кколареб хIалалъ жодоца гIибадат гьабулеб агьлу-залалат, ай ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ гIагарлъи тIалаб гьабулеб битIараб, хIакъаб нухалдаса къосун ккараб агьло, цо-цо нухалъ гьезиеги букIуна мукашафат. Гьеб ккола нелъеца гIемер бицен жиндир хIакъалъулъ гьабулеб щайтIанияб кашфу, ай щайтIабаз бицун, гьел гьоркьор ккун рицунел цо-цо харбал, нусгоялда гьоркьоб цо-кIиго битIун ккезеги бегьулеб.

 

Гьединаб тайпаялъул гIадамал гIемерисеб заманалда руссуна, шаргIалъ как байзе гьукъараб, щайтIаби ракIарулеб, хIамам гIадаб, рищни балеб гохI гIадаб, варанаби яги хIайванал руссунеб, гьел регулеб бакI гIадал чурукал бакIазде. Гьединал бакIазда рещтIуна гьезухъе щайтIаби, ва рицуна гьезие цо-цо жал, капурзабазе рицунелгIадин, ва хъанчазде жаниреги лъугьун, Аллагь кIалъала вугев хIисабалда, хъанчазе лагълъи гьабулезде кIалъалел рукIарал гIадинги.

Сулайман аварагас, ричIада ралъдал чIинкIиллъиялда бугин женазги бицун, гIифрит бачине битIун буго цо къокъа женазул. Гьебги бачун тIадруссун щведал, гьезде Сулайманица гьикъун буго нухасан гIифриталъул щиб хIал букIанаян, ай бокьунгутIи букIанищан. Гьел женаз абун буго Сулайманиде: «БукIинчIо, амма цо-цо гIадамал ругеб бакIалде щведал, гьаб гьезде белъанхъулеб букIана», - ян.

Цинги Сулайманица гьелде гьикъидал: «Мун щай гIадамазда белъанхъулеб букIараб?» – ан, гьеб белъанхъиялъе рукIарал гIиллабаздаса цояб: ГIифриталъ абулеб буго: «Дун бачIана цо гIажизай чIужугIадамалда аскIосан. Гьейги йикIана гIадамазе зодосан рачIунел балъгоял харбал рицуней гIадан. Дида лъалаан гьей гIадамалъул босен бугеб бакIалда цебего заманаялъ цо чияс ракьулъ бахчараб гIемераб меседил хазина бугеблъи. Гьанжи гьей гIадан йигоан якъуца холей, кваназе жоги гьечIого, жиндир къаданиб бугеб гьеб меседалъул хазинаги лъачIого. Цинги дида релъи бачIана гьелда», - ян бицана гIифриталъ.

Хал гьабе гьей чIужугIаданалъул, жиндирго къаданиб бугеб меседил хазина лъаларей, халкъалъе балъгоял жал лъалейлъунги хIан, гIумруялъ гьел ралъаргъулей йикIарай, ахиралда жий якъуцаги хварай. Жакъа нилъер заманалда гьединал руччаби, жеги бихьиналги, кигIан къварагIаниги руго. Гьезухъе хьвадулел, гьез махсароде кколеб халкъги буго. Хириял вацалги яцалги! Муъминзаби ратани, нуж гьединал руччабазухъе хьвадуге. Гьелдалъун нуж Исламалдаса ратIалъизегицин рес буго. Щаян абуни, нужер гъоздехун гьединаб игIтикъад бегьулареб, куфруялде кколеб игIтикъад букIунелъул.

 

СагIид Афандиясул рухIияб ирсалдаса

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


Нужее баяналъе

1. Муъминун абун сураялда щай абураб? – Муъминзаби ва гьезул сипатал рехсеялъ. 2. Чан сураялда рехсараб дунял хIайгIадинаб жо бугин абун? – Ункъо сураялда: «АнгIам», «ГIанкабут», «МухIаммад», «ХIадид». 3. ШайтIаналъул хъаравулзаби абун...


Баркала кумекалъухъ

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Хунзахъ районалъул ТӀадколоб росулъа ХӀажиев ГӀалискандил хъизамалъе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе нижее хӀажалъи ккедал кумекалъе ратарал гӀадамазе.   Исана 13 июналда цӀаги рекӀун нижер мина,...


Гьорхъохъеб дин

Ислам буго гьоркьохъеб ва бигьаяб дин. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна: «Нижеца нуж умматлъун гьаруна гьоркьохъеб хIал ккураб», - ян («Бакъара» сурат, 143). Гьелъул магӀна ккола муъминчиясул нух хӀинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьоб букӀине кколин...


Лъаялъул байрам

Хъумторхъала райналъул ракьалда бугеб ЦIияб ГIурада росулъ тIобитIана лъай кьеялъул ва рухIияб тарбия щвеялъул мурадалда гIуцIараб байрам. Гьениб росдал лъималаз ва гьидерил росабалъа рачIарал гьитIичаз бихьизабуна жидерго лъай. Гьез цIалана Къуръан ва кьуна батIи-батIиял гIелмиял суалазе жавабал.