Аслияб гьумералде

ГIараб мацIалда гIуцIараб тарихияб мажлис

ГIараб мацIалда гIуцIараб тарихияб мажлис

ХIурматиял магIарулал, инкъилаб ккелалде цебе букIараб заманалде раккани, нилъее якъинлъула тIубараб Дагъистаналъулго хъвай-хъвагIай гIараб мацIалда букIараблъи. Гьелде тIаде цо дагьа-макъабго гIажамалдаги букIун буго.

 

Балагьеха, гьадигIан гIемер батIи-батIиял мацIал жанир ругеб Дагъистан данде гьабун букIун буго гIараб мацIалъ. ЖамагIатаз цоцахъе ритIулел рукIа, гIадамаз хъвалел ратаниги, гIалимзабазда гьоркьоб ккараб гIелмияб бахIс бугониги, гьабураб шаргIияб хIукмуялъул документ батаниги, кинабго букIана гIараб мацIалда. Цо жамагIаталъ цогидалъухъе битIараб кагъатги годекIаниб цIалулаан гIараб мацIалда. Гьеб заманалда рукIарал гIалимзабаз гIарабалда гIуцIулаан назмабигицин.

Амма инкъилаб ккун хадуб хъвай-хъвагIай цин латиналде, хадуб кирилицаялде сверизабуна. Цинги гIараб мацIалъул гьокоги нахъи гиризе байбихьана. Гьелде тIадеги, совет союзалъул заманалда гIарабият тIубанго гьукъана, букIараб гIараб литератураги тIагIинабуна. Гьединал ишаз цебе букIараб гIарабияталъул къуватаб кунчIи свинабуна. Цинги раккана цоги-цогидал мацIалги, ингилис, паранг ва цогидал. Аслияб къагIидаялда кинабго хъвай-хъвагIай гIурус мацIалде, ай кирилицаялде сверана.

Гьедин букIана союзалъул къуват биххизегIан. Гьеб загIиплъун хадуб ахирисел рухIалги ракIарун байбихьана Дагъистаналъ гIарабият цIи гьабизе. Рагьана мадрасабигун мажгитал, байбихьана гIарабият хъалкъалда малъизе. Гьедин, дагь-дагьккун рухI гъун, цIикIкIана гьелде гъира бугел гIолилалги, цебе букIараб даражаялде бахинчIониги гьелъул цо бащалъиялдегIаги бахинехъин бугин абуни, мекъи ккеларо.

 

 

 

 

Гьелъие нугIлъи гьабула гьал къоязда Дагъистаналъул исламияб университеталда (ДИУ) тIобитIараб гIараб мацIалъул форум-мажлисалъги. ГIезегIанго сонал руго гьеб идараялда жаниб гIараб мацI лъадариялда тIадчIей гьабулелдаса. Дагьал чIахIиял курсазе дарсалцин цохIо гIараб мацIалда цIалула, жалго мугIалимзабазги цоцазда гIараб мацIалда кIалъазе хIаракат бахъула.

Гьениб гIуцIараб мажлисалда гьабулеб кинабго кIалъай букIана цохIо гIараб мацIалда. Мавлидалги гьебго гIарабалда, гIалимзабаз цере рахъун гьарулел насихIаталги гIарабияталда.

 

 

 

 

Жиндирго гIахьаллъиялдалъун гьеб мажлис кIодо гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясги. Гьеб цIалул идараялъе аслу лъурав, гьеб кьучIдасанго гIуцIарав чи ккола АхIмад-афанди. ГьабсагIатги гьелда хадуб бугеб аслияб бербалагьи къотIизе тун гьечIо шайихас.

Гьединаб мажлис Дагъистаналда тIоцебесеб нухалда гIуцIанин абизе бегьула. Хьул буго хадубккунги гьединал мажлисал гIемерлъилин, гьелдаса пайда босулелги цIикIкIинин абураб.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...