Аслияб гьумералде

ХIафиз ибн Башкъул КъуртIуби

ХIафиз ибн Башкъул КъуртIуби

Имам, хIафиз, факъигь, тарихчи Абулкъасим Халаф ибну ГӀабдулмалик ибну МасгӀуд ибну Муса ибну Юсуф ибну Дакъагь ибну Наср ал-Ансари ал-Хазражи ал-Андалуси. Гьесул тIокIцIар ккола ибну Башкъул КъуртIуби. Гьев гьавуна гьижрияб 494 соналъ.

 

Ибну Башкъулица гӀелму босизе байбихьана гӀолохъанаб мехалдаго. ТӀоцебе дарсал щвана фикъгьиялъул гӀалимчи Абу Марванидаса. Гьесда цадахъ цӀалана гьесул гьитӀинав вац ГӀабдуллагь МухӀаммад ибн ГӀабдулмаликги, хадув жив фикъгьиялъул гӀалимлъун вахъарав.

Абулкъасим цIалана Кордоваялда ва Севилиялда, амма киданиги Андалусия течӀо. Гьесие щвана ижазаби (гӀелму малъизе изну) гӀемерал гӀалимзабаздасан ва машрикъалъул шайихзабаздасан.

ТӀоцебе ибну Башкъулие ижаза гьабуразул цояв ккола Абубакар ЯхӀя ибн Халаф ибн Закария ал-Фихри ал-Кутуби. Гьединго гьев цӀалана Кордоваялда цогидал гӀалимзабазда цеве, масала, Абу ал-Валид ибну Рушдул Кабирида (хвана гьижрияб 520 соналъ), Кордобаялъул Маликил мазгьабалъул факъигь ва къази. Гьединго гьесие ижаза кьуна Абу ГӀали ХӀусейн ибну МухӀаммадицаги (хвана гьижрияб 514 соналъ).

Ибну Башкъул Севилиялде гочиндал цӀалана Абу Бакр ибну ал-ГӀарабида (хвана гьижрияб 543 соналъ), Абу Багьр ибну ал-ГӀасида ва ибну Башкъулица жиндирго бищунго хирияв шайихлъун рикӀкӀунев Абу МухӀаммад ибн ГӀаттабида цевеги. Севилиялъул гӀалимзабазда гьоркьоса Абу ГӀали ас-Сафадияс гьев тӀаса вищана ижаза кьезе. Гьединго ибну Башкъулица кагътал хъвалаан машрикъалъул гӀемерал гӀалимзабазухъе.

Цо заманалда Севилиялда къадилъун тола ибну Башкъул, Абу Бакр ибну ГӀарабил бакӀалда. Амма гьеб хъулухъалда гьев къокъаб заманалъ гурони чIечIо ва кватӀичӀого тӀадвуссуна жиндирго мугӀалимлъиялде ва тIахьал хъваялде.

Ибну Башкъулил гӀемерал мутагӀилзаби рукӀана хадур машгьурал гӀалимзабилъун рахъарал. Гьесул бищунго машгьурал мутагӀилзабазул цояв вукӀана имам ва махщел бугев хӀафиз ибну Хайр (хвана гьижрияб 575 соналъ).

Гьединго гьесухъа дарсал росана машгьурав гӀалимчи ва хӀафиз ибну Къантариясги (хвана гьижрияб 561 соналъ), Марракешалъул имам, мухӀадис ва къази ибн Бакъи ибн МухӀалладасги (хвана гьижрияб 625 соналъ) ва машгьурав гӀалимчи, хIадисазул иснадазул махщелчи ибну Ас-Сарражиясги (хвана гьижрияб 657 соналъ).

ГӀемерал имамзабаз ибну Башкъулие рецц гьабуна ва гьесул гӀелмуялъул тӀадегӀанаб даража бихьизабуна. Масала, ибн ГӀаббарица абуна гьев вукӀанин Кордоваялда ругел хӀадисазул махщалилавлъунилан абун.

Шайихзабазда цеве цӀалулеб заманалда гьес ункънусгоялдаса цӀикӀкӀун тӀехь цӀалана.

Ибн Башкъулица нахъе тана къиматаб гӀелмияб ирс, гьелъ нугӀлъи гьабула гьесул имамлъиялъе ва хӀафизлъиялъе, гьединго жиндирго махщалил рахъалъ тӀокӀлъиялъе.

Гьесул цо-цо асарал рехсон хадуб ибну ГӀаббарица абуна: «Гьесул цогидал хъвай-хъвагӀаяз ва асараз гьев имам ва хӀафиз вукӀиналъе нугIлъи гьабула», - ян.

Ибн Башкъулица нахъе тарал асаразул ва хъвай-хъвагӀаязул къадаралъул рахъалъ гӀалимзабазул цо пикру гьечӀо. Ибн ГӀаббарица абуна гьес гӀелмуялъул хIакъалъулъ къоло щуго тIехь хъванин.

Загьабияс гьел тIахьазул цIарал рехсана «Тазкират» абураб тӀехьалда.

Ибн Башкъулил бищунго машгьураб асарлъун рикӀкӀуна гьесул кӀиго тIехьалдаса гӀуцӀараб «Китаб ас-Сила» абураб тӀехь. Гьес гьеб тӀехь хъвана ибн Фарзил «Тарих гӀулама ал-Андалус» абураб тӀехьалде тӀаде жубай гьабураб хӀисабалда. Гьелда жаниб ибн Башкъулица данде гьарун руго гӀемерал андалусазул гӀалимзабазул таржамабиги, гьездаго гьоркьоб, инсулги.

Ибн Башкъулица цӀакъ кӀвар бугеб тIехь хъвана «Ал-Гъавамиз вал Мубгьамат минал Асма» абураб. ГӀемерал гӀалимзабаз гьеб тӀехьалдаса пайдаги босана.

Ибн Башкъулица хӀадисазул гьабураб цӀех-рехалъул цоги тӀехь хъвана «Ал-Фаваид ал-Мунтагьаба мин ар-Риваят ал-Мустагъраба» абураб.

Гьел асарал гурелги, ибн Башкъулица хъвана гӀемерал кӀвар бугел тӀахьал: «Ал-Мустагъисина би-Ллагьи ТагӀала», «Муъжам аш-Шуюх», «Зикр ман рава Аль-Муватта ан Малик», «Ал-МахӀасин ва ал-фазаил фи магIрифати гIуламаил афазил» абурал тӀахьал.

ЛъикӀаб, пайдаяб гӀумру гьабурав ибн Башкъул (Аллагь гурхӀаяв) хвана Кордоваялда гьижрияб 578 соналъул рамазан моцӀалъ (1183 сон) 83 сонил ригьалда. Гьев вукъана Кордоваялъул хабалалъ имам Малик ибн Анасил муридлъун вукӀарав имам ЯхӀя ибн ЯхӀя ибн Касир ал-Лайтил хабада аскӀов.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...