Аслияб гьумералде

Камилаб какил баракат

Камилаб какил баракат

Хириял бусурбаби! ГIемеразул букIуна гIарз, магIишат данде билълъунарого бугин абун. Гьелги гIемерисел какго баларел ратула, балеб бугониги, щибго гьелъул кIвар гьечIел. ХIатта как базе заман гIоларин абулелцин ратула. Аллагьас ризкъи киназего кьола, амма кантIе, как-кIалги тун, хIалалаб-хIарамалъул халги гьабичIого, исламияб тарбият, рухIияб адабият кIочон тун гьабураб магIишаталда баракат лъунгутIиялде. Баракат гьечIеб боцIи гьанисан данде гьабула, добасан чурула.

ХIатам ал-Асам абурав, гIарифуназул цояв, ун вуго Юсупил вас ГIасс абурав чиясухъе. Цинги гьес гьикъун буго ХIатамида: «Дуда как базе лъалищ?» - абун. Лъалин жаваб гьабун буго гьесги. Кинха балебилан гьикъидал, ХIатамица бицун буго: «Дица, какил заман гIагарлъараб мехалъ, мухIканго какие чурула, цинги дун как балеб бакIалда вахъун чIола ва хIадурула. Дида цебе, кIиябго кьенсералда гьоркьоб, КагIбаги букIуна, тIаде валагьун Аллагьги вукIуна, Досда дир ракIалда бугебги лъала, СиратIалда тIадчIун бугеб гIадин дир кIиябго хIетIеги букIуна, кванараб рахъалда Алжан, квегIаб рахъалда жужахIги букIуна. Дида нахъачIун Малакул-мавтги вукIуна, ракIги дир букIуна гьаб как ахирисеб батила абун. Цинги дица бацIцIадго, Аллагьасе гIоло, хIузуралда какги бухьуна, тафаккуралда АлхIамги цIалула, тавазугIалдалъун рукугIги гьабула, ай гIодовегIанавлъун вукIун, тазарругIалда суждаги гьабула, ай Аллагьасе хIелун, мутIигIлъун. Цинги гIодов чIола ва АттахIият цIалула, Аллагьасде хьулалда. Гьединго ихласалда, хIузуралда Аварагасе саламги кьола. Аллагьасдаса хIинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьов вугев хIалалъ какилъа ватIалъула, ай салам кьола. Цинги хIадурула сабруялда чIезе, ай щибаб хIалалда», - ян. Цинги ГIассица абула: «Я ХIатам! Гьединищха дуца как балеб?» - абун. «Гьадин как балаго дир лъеберго сон буго», - ян абула ХIатамица. Гьеб мехалъ ГIасс гIодула ва абула: «Гьедин цониги как бачIо дица», - абун.

ТIадегIанав Аллагьас гьаб хIалалда как тIад гьабун хадуб, гIадамазул лъугьана батIи-батIиял тайпаби. Цо тайпаялъ как къабулго гьабичIо, гьезул бетIер абужагьал вукIана, лагIанагьуллагь. Цоги тайпаялъ как къабул гьабуна, амма базе тIаде босичIо, гьел агьлу-китабал рукIана, ай Тавраталда гIамал гьабураб агьлу. Цоги тайпаялъ как, цо бан, цо тун гьабуна, гьел рукIана мунапикъзаби. Цоги тайпаялъ как къабул гьабуна, тIадеги босана, Аллагьас амру гьабураб хIалалъ базеги бана, гьелдаги даимлъана. Гьезул бетIерги Авараг вукIана ва гьесда хадур, жидеда Аллагь разилъаял асхIабзабиги рукIана.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.

ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...

Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...

Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...

Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...

ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...