ХIадур ругищ?

Къиямасеб къо ва гьеб чIолеб заман Аллагьас ﷻ балъго гьабун буго, хIатта гьелъие ругел гIаламатал рицун гурого, аварагзабазецин. Исламияб диналъ нилъ ахIула кидаго гьеб ракIалде щвезабизе ва гьелде хIадураллъун рукIине.
Щайин абуни, Къиямасеб къойин аби гуребги, бокьараб лахIзаталда инсанасде тIаде щвезе рес бугелъул хвалил кьогIлъи. Гьеб щваравги Къиямасеб къо жинде тIаде щваравлъун вугелъул. Къиямасеб къоги буго Аллагьасда ﷻ цебе щибаб жоялъул, хIатта кIалдисан араб хIухьлалцин цIехезе бугеблъун. Гьединлъидал, щивасе рекъараб буго гьеб къоялде хIадурлъи гьабулеллъун рукIине. Аллагь ﷻ гурхIаги щивасда рухI бахъулеб сагIаталъ ва Къиямасеб къоялъ аварагасул шапагIат щолеллъунги ратаги. Рехсей гьабила ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда Къиямасеб къоялъул, гьеб чIеялъул бицен гьабун суратул «Ясиналда» 49-абилеб аяталдаса 64-абилелде щвезегIан абулеб бугелъул хIакъалъулъ.
Гьел аятазда абулеб буго (магIна): Гьез (капурзабаз) абулеб буго кида букIине бугеб нужеца (аварагас ﷺ ) къотӀи гьабулеб Къиямасеб къо ва гьелъул гӀазаб, нуж битIараб жо бицулел ратани? - абун.
49 аят. (Гьеб къо тIаде щвезе буго ва цIакъго гIагардаги буго, щолелъулги щибго гьезда лъачIого бачIинеги буго).
ЦохIо Исрапил малаикас суралъуб пуй гурони гьечIо, жинда гӀадамал балагьун чIараб Къиямасеб къо тӀаде щвеялъул гӀаламатги. Къиямасеб къоги гьезде щола жал даран-базаралда, дагIба-къецалда, дунялалъул ишазда рукIаго.
50 аят. Гьеб (хвел) тIаде щун хадуб гьезда хIалкӀоларо цоцадехун аманат-васият гьабизе ва агьлу-хъизамалде тӀадруссине.
51 аят. (Хваралъуса Къиямасеб къоялде тIаде рахъинаризе) Цинги суралъубе пула ва кинабго халкъ жидер хобаздаса къватIире рахъун, БетIергьанас ﷻ ахIараб рахъалдехун гӀедегIун къокъуна.
52 аят. (Гьеб мехалъ) Къиямасеб къоялда инкар ккун рукIараз абула: «Вай, нижер талихIкъей, бугеб къварилъи! Щив чи вугев регун рукIараб бакIалдаса ниж тIаде рахъинарурав?» - абун. Жаваб гьабун гьезда абула: «Гьаб буго ТӀадегIанав Аллагьас ﷻ къотIи гьабулеб ва Гьесул ﷻ расулзабаз ритIухъ гьабулеб букIараб Къиямасеб къо», - абун.
53 аят. (Ракьулъа халкъ тӀаде бахьинаби Аллагьасе ﷻ щибго захIматаб жо гуро). Гьеб гьечIо цохӀо нухалъ Исрапил малаикас суралъуб пуй гурони. Гьеб пураб мехалъ кинабго халкъ Дида ﷻ аскӀобе бакIарун, жидее хӀисабмизан ва гьабуралъухъ жазаъ гьабизе хӀадурун чIун букIуна.
54 аят. (Гьеб къоялъ Аллагьасул ﷻ рахъалдасан халкъалдехун хитIаб гьабун абула): «Жакъа цониги напсалда зулму гьабуларо ва щибалъе гьелъ дунялалда гьабулеб букIараб гIамалалда рекъон гурони жазаъги гьабуларо», - ян.
55 аят. Къиямасеб къоялъ алжаналъул агьлу жидее къотIи гьабураб алжаналъул нигıматазулъ машгъуллъун рукIуна.
56 аят. Гьел муъминзабиги гьезул руччабиги алжаналъул пихъил ахазул рагIдукь хьибилчІван, рахIаталда рукIуна.
57 аят. Гьезие алжаналда жаниб БетIергьанас ﷻ батIи-батIияб пихъ бижун буго, щибалде хьул лъуни гьебги щолеб буго (гьеб тIалаб гьабизе рахъине ккечIого хьул лъурабго аскIоб батулеб буго).
58 аят. (Алжаналъул агьлуялъул цоцадехун бугеб хитIаб) «Салам» буго. ГурхIулев Аллагьасул ﷻ рахъалдасан рагIилъун. Алжаналъул агьлуялде радал-бакъанида малаикзабиги щола ва гьез «Ассаламу гӀалайкум» абун гьезие кӀодо гьариялъулаб калам гьабула. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Алжаналъул агьлу жидер нигӀматазде машгъуллъун рукIаго гьезда тӀаде цо нур бачӀуна. Эхеде ралагьидал, гьезда БетӀергьан Аллагь ﷻ вихьула ва Гьес I гьезда абула: «Ассаламу гӀалайкум, я алжаналъул агьлу!» - абун.
59 аят. (Гьеб къоялъ тIадегIанав Аллагьас ﷻ абула): «Нуж ратӀалъе ва рикІкӀалъе, я гьал капурзаби (дида иман лъурал, дие гӀибадат бацIцIад гьабурал муъминзабаздаса)», - ян. Гьаб рагIи капурзабазда абулеб буго хIисабсуал гьабизе махIшаралде ракIарараб ва алжаналъул агьлу - алжаналде, жужахӀалъул агьлу - жужахIалде битIулеб мехалъги.
60 аят. (Капурзабазда бадибчIвай гьабун ТӀадегIанав Аллагьас ﷻ абула): «Дица нужеда амру гьабун букIинчIищ, я Адамил лъимал, нужеца щайтIаналъе лагълъи гьабугеян абун. Гьебги нужее баянаб тушман бугеб мехалда (жиндир мурад нуж къосинари бугеб)».
61 аят. Нужеца Дие ﷻ лагълъи гьабеянги амру гьабун букIинчIищ?! (Дие ﷻ лагълъи гьаби) БитIараб, хIакъаб нух буго.
62 аят. ШайтIаналъ нужер гIемерал къавмал къосинаруна, нуж рукIинчIищ гIакълу хIалтIизабулеллъун?!
63 аят. Гьаб буго нужее къотIи гьабулеб букIараб, амма нужеца гьереси гьабураб жужахI.
64 аят. Жакъа нуж гьанире лъугьа (ва гьелъул гIазабги чIаме), гьаб буго нужеца дунялалъул рокъоб гьабураб купруялъухъ (гьеб къо гьереси гьабиялъухъ) жазаъ гьаби.
Аллагьас ﷻ цIунаги щивав бусурбанчи гьеб гIазабалъукье ккеялдаса ва бигьа гьабеги Къиямасеб къоялъул хIинкъи, сиратIмизаналда хIисаб-суал гьаби!
Амин!
МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ