Аслияб гьумералде

Дуца гьабуни, дуеги гьабула

Дуца гьабуни, дуеги гьабула

Дунял буго кумек къваригIарал, ургъалабаз къварид гьарурал, ритIухълъи гьечIолъиялъ ракIал лъукъарал гIадамал гIемер ругеб бакI. ГIемерисезда дандчIваларо нужее къваригIараб, гIолареб жо бугищ абун аскIове вачIунев чи.

 

Аварагасул ﷺ амру

Аллагьасул Расулас ﷺ умматалде амру гьабуна анкьго гIамалалдалъун, гьезул цояб ккола жидее къварилъи бугезе квербакъи гьаби. Аллагь разилъаяв МугIавия ибн Сувайдидасан бицараб хIадисалда буго: «Аварагас ﷺ нижеда амру гьабуна анкьго жо гьабейин ва цоги анкьго жо гьабизеги гьукъана. Гьес амру гьабуна унтаразухъе зияраталъ щвезе ин, хвел букъиялъулъ гIахьаллъи, чинхъарав чиясе лъикIал гьара-рахьиял гьари, салам кьурасе гьеб буссинаби, зулму гьабурав чиясе кумек гьабизе, ахIиялъе къабул гьабун жаваб гьаби ва гьеди тIубазаби» (Бухари).

 

Бусурбабазулгун вацлъи

Бусурбанчиясе рекъараб гьечIо динцоясда тIад гьабулеб зулмуги бихьулеб букIаго гьеб нахъчIвангутIизе яги гьев инжит гьавулев зулмучиги вихьулаго жиндир кумекалде хIажат бугев рехун тезе. ГIабдуллагь ибн ГIумаридасан бицараб хIадисалда буго: «Бусурбанчи бусурбанчиясе вац вуго, гьес дандиясе я зулму гьабизе, я хиянатлъи гьабизе бегьуларо. Жиндир вацасе кумек гьабурав чиясе, Аллагьас ﷻ гьабула жиндиего къварилъи яги хIажат ккедал кумек. Бусурбанчи пашманлъиялдаса гIицI гьавурав чи Аллагьас ﷻ Къиямасеб къоялъул пашманлъабазул цоялдаса тархъан гьавула, гьединго, лъица бугониги бусурбанчи вахчизавун (гьесул гIисинал гIунгутIаби къватIир чIваялдаса гьукъарав), Аллагьас ﷻ гьев чиги Къиямасеб къоялъ вахчизавила (гьесул мунагьал хIисаб-суалалъе къватIире рахъичIого тун)», - абун (АхIмад). ЗагIипазул рахъ кколареб, зулмучи нахъчIвалареб жамагIат буго Аллагьасул ﷻ цIоб, кумек, рахIмат щвей мукъсанаб, мунагьаздаса тIаса лъугьин щвей щакаблъун.

 

Гьабурасе гьабула

ХIажатаб бакIалда квербакъи гьабурасе гьелда релълъараб ва жеги цIикIкIун цогидазги гьабула, гьединго, ресги букIун рикIкIад чIаравги ахир-къадги живго ккола гьелдаго релълъараб хIалалде. Щивасда, дунялалдагун ахираталда жидецаго тIаса бищаралъул пихъ бакIарулеб къо тIаде бачIуна, гьелда рекъон жазаъги батула.

МухIаммад ﷺ исламалдалъун вачIинегIанго заманалъ гIарабазулъ тIибитIун букIана лъикIабги квешабги гIамалалъулъ цоцазе квербакъи гьабулеб гIадат. Ислам бачIараб заманалда абуни, Аварагас ﷺ амру гьабуна лъикIаб рахъ. Анас ибну Маликица бицана Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Дурго вацасе кумек гьабе, гьев зулмучи вугониги, зулму жинда гьабулев вугониги», - абун. Аварагасда ﷺ цIехола: «Я, Аллагьасул Расул ﷺ, жинда зулму гьабулесе кумек гьабиялъул иш бичIчIила, нижеца гьесие кумек гьабила. Амма зулмучиясе кумек гьабиялъул магIна щиб?» - ин. Гьес ﷺ абуна: «Дуца гьесие квалквал гьабизе ккола ва гьев гьукъизеги ккола зулмуялдаса», - ян (Бухари, Муслим).

КIолеб бугебгIан къадаралда жиндирго диналъул вацасул рахъ кквезе ккола рагIудалъун батаниги, шафагIаталдалъун бугониги, яги лъикIаб гIамал гьабиялдалъун. Амма гьебги гьабичIого, диналъул вац инжит гьавиялъе нугIлъун чIарав чиясда Аллагьас ﷻ Къиямасеб къоялъ инжитлъиялъул ретIел ретIуна.

 

ГьечIеб бакIалда чиясул рахъкквей

Бусурбанчияс дунялалда Аллагьасе ﷻ гIоло диналъул вацасул рахъкквезе хIаракат бахъараб мехалъ, хасго гьев гьечIеб мехалъ, нифакъалъул асарги лъугIула, унго-унгоял, лъикIал рекIел хIалалги рижула. БетIергьанасда ﷻ цебе ракIбацIцIадаб гIамалги лъугьуна. Гьединаб хIаракаталъ лъикIаб пихъги кьола. Дунялалда диналъул вацазул рахъ кколев, гьезие хIалае чIолев чиясе дунялалдаги жиндир гьарулел ишазулъ кумек гьабула, ахираталда гьезул цIунулевлъунги Жив ﷻ вахъуна.

ТIекълъиялъегун зулмуялъе хIалае чIеялъ Аллагьасул ﷻ ццим бахъинабула. Жиндирго лъавукълъиялъ зулмучиясул рахъ ккурав, гьесие квешлъи гьабизе кумек гьабурав чиясдеги Аллагьасул ﷻ ццим бахуна. Аллагь разилъаяв ГIабдуллагь ибн ГIумаридасан бицараб хIадисалда буго: «ТIекълъиялдалъун дагIба-рагIиялъе кумек гьабурав яги бокьараб зулмуялъе сундалъун бугониги квербакъи гьабурав чи Аллагьасул ﷻ ццималда гъоркь вукIуна, жинца гьеб чIезабизегIан», - абун (Абу Давуд).

Къварилъиялда вугев диналъул вацасе кумек гьабурав чиясе, Аллагьасул ﷻ рахъалдасан щола жиндиего кумек, сундулъ бугониги хIажалъи ккедал. Бусурбанчиясул рахъкквей ккола гIицIго лъикIлъи гьаби гуребги, Аварагасул ﷺ амру тIубазаби ва унго-унгояб вацлъи загьирлъи. Жиндирго вацасул къартI цIунулев чи Аллагьас ﷻ цIунула Къиямасеб къоялъги.

Аллагьас ﷻ цIунаги загIипасда хIал гьабиялдаса. Тавпикъ кьеги нилъер хIажалъи бугеб бакIалда хIалае чIезе! Амин!

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...