Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ кьижи

Аварагасул ﷺ кьижи

Аварагасул ﷺ кьижи

Макьу ккола нилъер гIумруялъул лъабго бутIа гьабун цо бутIа жинца нахъе босулеб жо. Аварагас ﷺ бихьизабуна битӀун кьижизе кколеб къагIида. Гьебги гьесул суннаталде гъорлъе ккола. Гьелда гIамал гьабизе нилъеца кӀварги кьезе ккола. Аварагасул ﷺ макьу нилъер гIадинаб букIинчIо. Гьесул берал кьижаниги ракI кьижичIо, Аллагь ﷻ рехсолеб букIана.

 

Имам КъустIуланиясул «Мавагьииб» абураб тӀехьалда хъван буго: «Авараг ﷺ сардил байбихьуда кьижулаан ва гьелъул кӀиабилеб бащалъиялъул байбихьуда тIадеги вахъунаан. Макьидаса ворчIидал сивак бахъулеб букIана ва какие чурулаан. ГIураб къадаралдаса цIикIкIун Авараг ﷺ кьижулароан.

Авараг ﷺ, боголил как бан хадуб, дагь заманалъги чIун, кьижулаан. Гьединго, кьижилалде цебе какиеги чурулаан.

«Сардил кӀиабилеб бащалъиялъул байбихьуда ворчӀулин» абураб рагӀабазул магIна ккола, гӀемерисеб мехалъ гьеб заманалда ворчӀулев вукӀин. Аварагас ﷺ гьеб заман гӀибадаталъе хIалтIизабулеб букIана.

Имам Бухарияс ГIаишатидасан бицараб кьучIаб хIадисалда буго, Авараг ﷺ хIелкил гьаракь рагIидал вахъунев вукIанин абун.

Ибну ХIажар ГIаскъаланияс хъвана Аварагасул ﷺ къаси сордоялъ балеб какги макьуги батIи-батIияб заманаялъ букIанин, гьелъие чIезабураб хасаб заман букIинчIин абун. ГIаишатица бицараб хIадисалъулъ щибниги дандеккунгутIи гьечIо. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ гIемерисеб мехалъ гьеб как рокъоб балеб букIиндал. Анасица бицараб хIадисалъ щвей гьабула рокъоб гуреб къватIиб ккараб лъугьа-бахъиналде. ХIакъикъаталдаги гьез бицана жидеда бихьараб ва гьеб битIарабги буго.

Имам Бухарияс ва Муслимица бицараб хӀадисалда буго Аварагасе ﷺ бокьулароанин боголил какда цере кьижи ва гьелдаса хадуб хабар бицин.

Имам Нававияс рехсана гӀалимзабаз каканин боголил как базегIан кьижи. Гьебги боголил как гьоркьоб биччазе хIинкъи букIиналъ. Боголил какдаса хадуб хабар гьабизе рекъараб гьечIо, амма хIарамаб гьечIо, хIарамаб жо бицунеб батичIони. КватIизегIан рицунел харбаз рес буго шаригIаталъул тIадкъарал жал тIуразе захIмалъизе. Амма жиндилъ лъикӀаб мурадгун гьарулел ишал какуларо.

Авараг ﷺ кваранаб рахъалде вегун кьижулаан ва ТIадегIанав Аллагьаги ﷻ рехсолев вукIана кьижун ккезегIан. Кьижулеб мехалъ, чехьги цIезабун, кьижулароан. Щайин абуни, черх хIалтIиялъе захIмалъи гьабулеб букIун. Амма чахьалда кьижи рикIкIуна жужахIалъул агьлуялъул кьижи.

Авараг ﷺ цо-цо мехалъ тахида ва цо-цо мехалъ ракьуда тIад ва цо-цо мехалъ тIомол гьабураб жоялда тIад кьижулев вукIана. Авараг сардил авалалда кьижулаан, ай боголил какги бан, гьарулел жалги гьарун хадуб. Сардил ахир щолеб мехалъ тIадеги вахъунаан гIибадат гьабизе.

Аварагасул ﷺ кьижулеб къагIида бищун черхалъе ва рухIияб рахъалъе пайдаябги асар гьабулебги буго. Сардил авалалда кьижиялъ черхалъе рахIат кьола. Гьеб щвараб рахIаталъ кумек гьабула сардилъ вахъун гIибадат гьабизе.

Авараг ﷺ сивак бахъун гурони кьижулароан. Къаси-къад макьидаса ворчIидал, Аварагас ﷺ сивак хIалтIизабулеб букIана. Сивак аскIоб лъун гурони Авараг ﷺ кьижулароан. Къаси мехалъ сивак хIалтIизабулеб букIана чанго нухалъ. Къаси мехалъ сивак аскIоб лъеялъул магIнаги букIана бигьаго гьеб кодобе щвезе рес букIин.

Кьижилалде цебе Аварагас ﷺ дугIа цIалана: «АлхIамдулиЛллагьи ллази ахI-яна багIда ма аманата ваилайгьи ннушур». МагIна: «Рецц Аллагьасе ﷻ нилъ чIаго гьарурав, нилъ хун хадуб, гьесухъе нилъги ине руго». ДугIаялда рехсана хун хадуб абун, щайгурелъул, макьу хвалил бац букIиналъ.

Кьижилалде цебе Аварагас ﷺ дугIа цIалиялъулъги хIикмат буго. Ахирисеб гьабулеб иш гIибадатлъун букIин. Нилъеда лъала дугIа гIибадат бугеблъи. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна, нужеца Дида гьарейин, Дица жаваб гьабилин абун. Кьижун вахъиндалги дугIа гьабизе беццараб буго.

Кьижилалде цебе Аварагас ﷺ сура «Кафирун» цIалулеб букIана. Гьединго сураби Къулгьу, Фалакъ, Ннас квералда жаниб пун цIалулел рукIана. Квералги черхалда рахъулаан, бажарараб бакIалде щвезабун.

Аварагасул ﷺ суннат тIубала цо нухалъ цIалани, амма лъабго нухалъ цIалиялъ суннат тIубала мухIканго, рагIа-ракьанде щун.

Авараг ﷺ кьижичIо «Бану Исраил», «Зумар», «Сажда» ва «Мулк» сураби цIалун гурони.

Гьединго беццараб буго «аятул Курси» цIализеги. Гьеб аят Аварагасухъе ﷺ къаси гIужалъ рещтIана ва Зайд ахIула гьеб хъвазе.

Хирияб буго кьижилалде цебе «Бакъаралъул» ахирисеб кIиго аят цIализе. Аварагас ﷺ бихьизабуна кьижилалде цебе 33 нухалда СубхIанаЛлагь, 33 нухалда АлхIамдулиЛлагь ва 34 нухалда Аллагьу акбар абизе.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...