«Ас-салам» - 2027
ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIад бан унеб буго «Ас-салам» казияталъе подписка гьабиялъул заман. Гьеб хабар рохалилаблъун ккола хIакъикъиял муъминзабазе. Гьелдалъун рохел рекIелъе рехичIев чияс пикру хIалтIизабизе рекъараб буго жиндирго хьвада-чIвадиялда жаниб кинабгIаги жагъаллъи бугодай абун. Щайгурелъул, нагагь батани, тавбуги гьабун вуссине вукIине.
Цо иргадулаб сапаралъ магIа-рул росабалъе редакциялъул хIалтIухъабигун цадахъ араб заманалда гьенив ватарав имамас бицана жив «Ас-салам» казият тIибитIизабизе вачIанин тавбуги гьабунин. Гьелъул магIнаялъул хIакъалъулъ цIехедал, гьес абуна жиндир гьеб казияталдехун рокьи букIинчIила, цинги живго ургъун, пикру гьабураб заманалда гIайиб жиндаго жаниб батанила.
«Ас-салам» казияталде рокьукълъи букIиналъе кинаб шаргIияб къимат кьелеб?
Гьелда жаниб бугищ кинабгIаги квешаб яги рокьукъаб пикру гьабизе рес бугеб бакI? Гьелда жаниб насихIаталги, вагIзабиги, лъикIал гIадамазул биценалги гурищ рукIунел? Рокьукълъи баккулеб бугони, гьелгощинал лъикIал рахъаздейищха баккулеб бугеб бугеб, гьеб бугищ битIун?
«Ас-салам» казияталда рукIунаро гьадингоял, кьучI гьечIел макъалаби, гьенив щивго какуларо, лъидасан бугониги нахъасан хабарги бицунаро. Цо хасав чиясул хIакъалъулъ хъвалеб бугони, гьесул лъикIаб рахъ гурони бихьизеги гьабуларо.
РачIаха хIасил гьабизин, кинабгIаги битIараб ва лъикIаб, Къуръан-хIадисалдаса босараб, кьучIал тIахьазда мугъги чIван хъвараб макъалаби рахъараб казияталде рокьукълъи бакки кколарищ гIаммаб куцалъ лъикIлъиялде рокьукълъи бижи? Гьелдаса тавбу гьабизе рекъоларищ?
«Ас-салам» казият тIиби-тIизабулел гIолохъаби
Рецц Аллагьасе, Дагъистаналъул щибаб бакIалда руго «Ас-салам» казият щибаб рокъобе щвезабизе тIаде босарал гIолилалгун ригьалде рахарал гIадамал. ХIакъикъаталдаги гьезул хIалтIухъ мухьги гьаб дунялалда гьечIо. Амма ахираталъул рокъоб батизе бугеб хазинаги гьеб буго. Гьелго гIолилал хьвадула подписка гьабизеги щибаб рокъоре. Гьезул гьариялъе жаваб гьабун гIемерал муъминзабаз казият жидеего хъван гуреб, цогиязе букIинеги хъвала. ХIакъикъиталдаги гьеб буго кутакалда яхI бугеб иш.
Амма камиларо казияталъухъ гIарац гIемер бугин, жидеца гьеб цIалуларин, цIунизе бажаруларин абун, багьанаби ратун, хъвачIого толел гIадамалги. Нуж бицун божа, гьединазги цояб соналъ хъвачIого таниги хадусеб соналъ рокъове Бичасул чапар щведал, инкар гьабизе кIвечIого хъванги тола. Гьебги буго казияталъул баракат.
Гьеб хъваялда хурхарал къисаби гьаниб рехсон хIал кIвеларо. Амма мухIканаб хабар буго, гIицIго казияталъе подписка гьабиялдалъунги чангиязул гIумру лъикIаб рахъалде лъикIлъана. Хасго гьеб казият цо гьоркьоб-къватIибгIаги цIаларасул цIакъго лъикIал хIасилал ккана. Лъица кин бицаниги, лъикIаб жоялдаса квешлъи бергьине рес гьечIо. Амма лъикIабги жо квешаблъун бихьи кIудияб балагь буго, Аллагьас нилъ киналго гьелдаса цIунаги.
Нилъ ругеб мех буго кутакалда рахIатаб, эркенаб ва лъикIаб заман. ГьабсагIат инсанасе дунял-ахираталъе хIалтIизе щибго камураб жоги гьечIо. Гьаб заманалъе шукру гьабилъун букIуна кьураб нигIматалдаса пайда боси. Гьединал къиматал нигIматазул цояб ккола «Ас-салам» казият. Рокъове гьеб хъвайин абун вачIарав чи чIового виччачIого, гьесие жаваб гьабуни, шукру гьабуравлъун хъвазе щивасул цIикIкIараб хьул буго.