Заралиял ишаздаса инкар гьабе

Казбек районалъул централияб библиотекаялда тӀобитӀана «Терроризмалъул ва экстремизмалъул идеологиялдаса гӀолилаз инкар гьаби цӀикӀкӀинаби» абураб темаялда гургинаб стол.
Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Херазул советалъул председатель Абакар Ибрагьимов, Ветераназул советалъул председатель Хункарби МухIаммадхӀабибов, муфтияталъул районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул начальник МухIаммадхIажи Батилмирзаев ва хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи Анварбег Султанмурадов.
Гьенир рукӀана Дилим росдал школазул цӀалдохъабиги.
Данделъи рагьулаго Абакар Ибрагьимовас абуна гьаб тадбиралъул мурад бугин гӀолилазда лъикIаб гуреб идеологиялъул зарал бичӀчӀизаби.
Жидерго кIалъаязда Динияб идараялъул вакилзабаз бицана гьабизе кколеб хIалтIул, сунде кIвар кьелебали ва абуна чара гьечIого гьабизе кколин гIолилазулгун хIалтIийилан.
Данделъиялъул гӀахьалчагӀаз тӀадчӀей гьабуна гӀун бачӀунеб гӀел куцазе кколин тарихияб хӀалбихьиялдаса ва хасаб рагъулаб операциялда ругездаса мисалги босун, заралияб идеологиялдаса инкар гьабиялъул нухда.