Аслияб гьумералде

Къуръан цIалулезул шайих

Къуръан цIалулезул шайих

Имам Шамсудин Абул-Хайр МухӀаммад ибн МухӀаммад, ибн Жазари Димашкъи ШафигӀи абураб цIар гъоркь лъалев. Гьев вукIана жиндир заманалъул хӀафиз, мухIадис ва тажвидалъул (Къуръан цӀалиялъул къагӀидабазул) машгьурав гӀалимчи.

 

Ибну Жазари гьавуна шамат къоялъ, гьижрияб 751 соналъул рамазан моцӀалъул 25-абилеб къоялъ, Дамаск шагьаралда. Гьев гӀуна гӀелму ва дин бокьулеб динияб хъизамалда.

Жиндирго инсул сипат гьабулаго, имам ибну Жазарияс абуна: «Гьев вукӀана ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ ритӀухъал лагъзадерил цояв. Гьес мажгит бана Гъута абулеб бакӀалда (Дамаскалъул рагӀалда)», - ян.

Имамасул эменги гӀалимчи вукӀана. Живго ибну Жазарияс чанго нухалъ инсуда цебе Къуръан цӀалана. Имамас жиндирго мугӀалимзаби рехсолеб бакIалдаги тIоцеве гьев рехсана.

ГӀалимчиясул эбел ГӀайишатицаги гӀелму тIалаб гьабизе хӀаракат бахъулаан.

ГӀелму тIалаб гьабулаго имам ибну Жазарияс сапар бухьуна гӀемерал шагьаразде ва улкабазде: ХӀижазалде (Макка ва Мадина), Мисриялде, Румалъул султанлъиялде, Самаркъандалде, Ширазалде, Йеменалде.

Гьесие тӀадегӀанал ва жавабиял хӀуку-маталъул хъулухъалги щола. Гьев вукӀана Шамалъул, хадуб Ширазалъул бетӀерав къазилъун. Шайих хӀисабалда гьес батӀи-батӀиял шагьаразда ва мадрасазда Къуръан цӀалиялъул дарсал кьуна, гьездаго гьоркьоб Дамаскалда бугеб машгьураб «Дарул хIадисул Ашрафия» абураб идараялдаги дарсал кьуна.

Имам ибну Жазари цӀалана жиндир заманалъул машгьурал гӀалимзабазда цеве. Гьезда гьоркьоса хасго машгьурал руго Такъиюдин Фаси ва Шигьабудин ибн ХӀажар ГIаскъалани.

Гьес нахъе тана бечедаб гӀелмияб ирс, гьезда гьоркьоса ккола гьадинал тIахьал: «Мукъаддима» абураб тажвид гӀелмуялда тӀасан хъвараб тIехь. «Ан-Нашр фи ал-Къираат гIашр» - Къуръан цӀалиялъул анцӀго къагӀидаялъул хӀакъалъулъ тӀехь. «ЖамигӀул асанид», имамас жиндирго шайихзабиги, жинца цӀаларал тӀахьалги, жиндирго иснадалги хъвараб тIехь.

Гьел тӀахьал гуребги, имамас нахъе тана исламияб гӀелмуялъул гӀемерал цогидалги къиматал тIахьал.

Гьижрияб 833-абилеб соналъул рабигӀул аввал моцӀалъул щуабилеб рузманалъул къоялъ Къуръан цӀалулезул кӀудияв шайих имам ибну Жазари Аллагьасул къадар щвана. Гьев вукъун вуго Шираз шагьаралда.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...