Аслияб гьумералде

Капурзабазги ритIухъ гьавурав

Капурзабазги ритIухъ гьавурав

МухIаммад авараг ﷺ вукIана гIадамазул бищунго божилъи бугев ва каламалъулъ бищунго ритIухъав. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ сура «Таквиралда» абуна: «МутIигIав ва ритIухъав», - ян. ГIемерисел гIалимзабаз абуна гьеб аят Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ бугилан. Къурайшияз, авараглъи кьелалде цебеги, гьесда абулаан «Амин» абун, ай жинда божилъи гьабизе бегьулев чийилан.

 

КагIба балеб мехалда ЧIегIераб гамачI лъица лъезе кколебин абураб масъалаялда тIасан дагIба ккедал, гьез абула бищун цебе щив гьаниве вачIаниги, гьесда цIехезе бугилан. МухIаммад авараг ﷺ вачIуна тIоцеве. Гьез абула: «Гьав вуго МухIаммад Амин, ниж гьесдаса рази руго», - ян. Аварагас ﷺ абула: «Аллагьасдалъун ﷻ гьедула, дун вуго зобалаздаги ракьалдаги божилъи гьабурав чи», - ян.

Цо нухалъ Абужагьлица Аварагасда ﷺ абула: «Нижеца мун гьерсихъанлъун рикIкIунаро, мунги нижеда гьоркьов гьерсихъанлъун вукIинчIо, амма дуца бачIараб жо нижеца гьересилъун рикIкIуна», - ян. Цинги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ вахIю рещтIуна: «Гьез дуе гьереси бицунаро, амма зулмучагIаз Аллагьасул ﷻ гIаламатазде инкар гьабулеб буго», - ян. (Сура АнгIам», аят 33)

Капурзабазда цIакъ лъикI лъалеб букIана МухIаммад аварагас ﷺ гьереси бицунареблъи. Щайгурелъул вахIю рещтIинегIан, ай 40 сон базегIан гьев гьезда лъалаан киданиги рекIкI гьабуларев ва гьереси бицунарев чилъун. Гьедин бугониги гьез Аллагьасдасан ﷻ бачIараб жо къабул гьабичIо, гьес гьереси бицунареблъи лъаниги. Гьелъие нугIлъи гьабула гьаб биценалъ: «Ахнас ибн Шарикъица Бадруялъул гъазаваталда дандчIварав Абужагьлида цIехола: «Гьанив гьечIо дунги мунги гурони гьаб нилъер хабар рагIизе рес бугев чи. Дуца бице дие МухIаммад Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ: хIакъикъиявищ гьев яги гьерсихъанищ кколев?» - ян. Абужагьлица жаваб гьабула: «МухIаммад витIарав вуго ва МухIаммадица киданиги гьереси бицинчIо», - ян.

Хан ГIиракълица Абу Суфянида Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ гьикъула: «Гьес бицунеб жо бициналде цебе гьереси бицунеб букIанищ?» - ян. Абу Суфяница абула букIинчIин.

Надр ибн ХIарисица къурайшиязда гьикъула: «МухIаммад нужеда гьоркьов гIурав гIолохъанчи вукIана, нуж гьесда разилъана, гьев жиндирго рагIабазулъ бищунго ритIухъавлъунги вукIана, гьес нуж Аллагьасде ﷻ ахIизегIан. Нужеца абуна гьев сихIручи вугин?» - абун. Гьез абула: «Ниж гьедула гьев сихIручи гурин», - ян.

 

МухIаммад ГIумаров

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...