ГурхIел-рахIмуялъулаб форум
МахӀачхъалаялда рагьана Халкъазда гьоркьосеб гурхIел-рахӀмуялъулаб форум. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул 23 регионалдаса ва цо-цо къватӀисел улкабаздаса жамгӀиял гӀуцӀабазул, хӀукуматалъул, бизнесалъул вакилзабаз.
Форумалда гӀахьаллъана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад ГӀабдурахӀмановги. Гьесиеги волонтеразул нухмалъулев Шамил НурмухӀаммадовасеги, ДРялъул бетӀерасул рахъалдасан кьуна Баркалалъул кагътал, гӀорхъолъа борчIараб ахӀвал-хӀалалъул хIасилалда зарал ккаразе кумек гьабиялъулъ лъураб бутӀаялъухъ.
Гьенибго бицана форум гӀуцӀаразул цояб, «БацӀцӀадаб ракӀ» фондалъ 15 сон тӀубаялъул хIакъалъулъги. Ишцоязда юбилей баркана «Инсан» фондалъул генералияв директорасги ва баркала кьуна «БацӀцӀадаб ракӀ» фондалъул президент ГӀумар МуртазагӀалиевасе дагъистаниязе гьабулеб кумекалъухъ.