Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

Аварагасул ﷺ тIоцебесеб рузманалъулаб хутIбаялъул хIакъалъулъ бицани бокьилаан.

 

Аварагас ﷺ жиндирго тIоцебесеб хутIбаялъулъ абуна: «Ле, гIадамал, нужеца нужго лъикIал гIамалал гьаризе куцай! Нужеда лъай Аллагьас нуж хвезе гьарулеллъи ва хваралъуса Къиямасеб къоялъ рахъине гьарулеллъи. Цинги Гьес нужеда гьикъила: «Нужехъе Дир Авараг вачIун вукIинчIищ, гьес нуж битIараб диналде ахIичIищ, Дица нужее дунялалда нигIматал кьечIищ? Нужеего щиб ахираталъе хIадур гьабураб?». Лагъ кваранидехун, квегIидехун валагьизе вуго, гьесда жинда сверухъ щивниги ватуларо, цебейин абуни букIина жужахI. Гьеб жужахIалдаса нуж хвасарлъизе нужеца цо чамасдакалъул бащадабниги садакъаде кье, гьеб нужер батичIони, лъикIаб рагIиялдалъунгIаги гIадамазул ракI боххизабе. Нужеца гьабураб лъикIлъи анкьнусгоялде бахуна. Аллагьас нужеда Жиндирго цIобги лъеги, Гьевги нужеда гурхIаги!»

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...