Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ хутIба

Аварагасул ﷺ хутIба

Аварагасул ﷺ хутIба

ГIарафа къоялъ аварагас хIажизабазе гьабураб ахирисеб вагIза-насихIат

 

ГIарафа къоялъ аварагас ﷺ хIажизабазде хитIаб гьабуна. Аллагьасе реццги гьабун, шагьадатги битIун, гIадамаздехунги вуссун, гьес ﷺ абуна: «Я, гIадамал, нуж дир рагIабазухъ гIенекке. Гьаб соналдаса нахъе, гьаб бакIалда, дун киданиги нужгун дандчIвалищали лъаларо. Я, гIадамал, нужее шаргIияб нух гьечIого цоцазул би гIодобе тIезе хIарамаб буго, цоцазул боцIи кквезеги хIарамаб буго, жакъасеб къоги, гьаб моцIги, гьаб ракьги хIарамаб бугеб гIадин. Щив чи вугониги жинда божилъи гьабун чияца кьураб аманат гьес гьеб тIубазабе. Жагьилаб заманалъ рукIарал мекъал гIадатал дица хвезаруна. Жагьилаб заманалъ букIараб бидул къисасги хвезабуна, жагьилаб заманалъ букIараб риба кванайги хIарам гьабуна. ТIоцебе дица ГIабдулмутIалибил ГIабасие рибаялдалъун кьезе букIараб налъиги хвезабуна. Я, гIадамал, щайтIаналъул хьул къотIана, абадиялъго нужер ракьалда, гIараб чIинкIиллъиялда гIадамаз, хъанчие лагълъи гьабиялдаса. Нужеда гьитIиналин кколел ишазулъ нуж шайтIаналъе мутIигIлъани, гьеб бохун букIине буго. Нужеца гьелдаса нужерго дин цIуне. Аллагьасул рагIиялдалъун нужее хIалаллъарал, Аллагьас нужее аманатлъун кьурал руччабазул хIакъги нужеца, Аллагьасукьа хIинкъун берцинго тIубазабе. Нужеда тIадаб буго гьезие ретIинеги кваназеги кьезе. Руччабазда тIадаб буго нужер рукъ цIунизе ва нужеда рихарав чи нужер рокъове лъугьине гьукъизе. Дица нужее Аллагьасул калам - Къуръанги, Бичасул аварагасул суннатги толеб буго. Нуж гьелда рекъон хьвадани, битIараб нухдаса таризе гьечIо. Я, гIадамал, дидаса хадув цоги авараг вахъине гьечIо, нужеда хадуб цоги умматги букIине гьечIо. Нужеца Аллагьасе лагълъи гьабе, щуго нухалъ какги бай, рамазан моцIалъ кIалги ккве, нужерго боцIи-малалдаса закатги бахъе, Аллагьасул рукъалде хIежги гьабе, нужерго тIадчагIазеги мутIигIлъе, нуж Аллагьасул алжаналде лъугьине руго», - ян.

Цинги гIаламалъул Хирияс ﷺ хIажизабазда цIехана: «Дир хIакъалъулъ гьикъидал нужеца щиб абизе бугеб?» - абун. «Нижеца нугIлъи гьабизе буго дуца дудаго Аллагьас амру гьабураб дин нижехъе щвезабунилан», - абун жаваб кьуна асхIабзабаз.

Цинги аварагас, зобалазде килищги битIун, лъабцIул тIатIалаго абуна: «Я дир Аллагь, Дуца гьалъие нугIлъи гьабе», - ян.

 

Аварагасул къо-лъикI гьабиялъул ахирисеб хIеж

Бичасул аварагас ﷺ хIеж гьабизе ине вугилан лъазабидал, гьесда цадахъ хIеж гьабизе бокьарал аза-азар бусурбаби ракIарана Мадинаялда. Гьезул къадар 40000-ялде бахун букIана. Гьижрияб анцIабилеб соналъул зулкъагIида моцIалъул 25-абилеб къоялъ, ай шаматалъ (632сон, 25 январь) Мадинаялда къаде какги бан, авараг ﷺ хIежалде къватIиве вахъана. Мадинаялда имамлъи гьабизе Абужаннатги тана.

ЗулхIулайфат абулеб бакIалда сордоги бан, нахъисеб къоялъ радал, аварагас ﷺ асхIабзабазда абуна: «ТIадегIанав Аллагьасул вахIю рещтIана диде гьаб баракат бугеб жаниблъиялда как байилан ва хIежгун гIумра цадахъ бухьеян», - абун. Аварагас ﷺ гьениб черх чурана, гьуинал махIалги гьарун ихIрам ретIана, хIежгун гIумра цадахъ бухьине ниятги гьабун, жиндирго къасваъ абураб вараниялдаги рекIун, авараг ﷺ Маккаялде балагьун къватIиве вахъана.

Сапаралде вахъун 8-абилеб къоялъ Хирияв ﷺ Зу ТIуван абулеб бакIалде щвана ва сордо бан гьенив чIана. Нахъисеб къоялъ, ай зулхIижаялъул 4-абилеб къоялъ черхги чурун, авараг ﷺ зухIаялъул гIужалъ Маккаялде лъугьана.

Масжидул ХIарамалде щвейгун, аварагас ﷺ КагIба рукъалда сверун тIаваф гьабуна, цинги Ибрагьимил макъамалда аскIоб кIиго ракагIат какги бан, зам-зам гьекъана. Хадуб Хирияс ﷺ вараниялдаги рекIун, Сафа-Марваялда гьоркьов анкьцIул хьвадун, СагIю гьабуна. ХIежги гIумраги цадахъ гьабулеб букIиналъ, аварагас ﷺ ихIрам тIаса бахъичIо. Цадахъ къурбаналъе хIайван гьечIого рачIаразда Хирияс ﷺ абуна, расги къунцIун, ихIрам тIаса бахъеян. Гьелдалъун гьезул гIумра тIубан букIана.

ЗулхIижаялъул микьабилеб къоялъ ихIрамги ретIун, авараг ﷺ Минаялде ана ва гьениб сордо бана. Хадусеб къоялъ бакъ баккун хадуб, авараг ﷺ ГIарафа магIарде ана ва бакъ тIерхьинегIан гьенив вукIана. Гьеб къоялъ аварагас ﷺ хIажизабазде хитIаб гьабуна. Цинги Билал-асхIабас къаде как ахIана. Аварагас ﷺ къокъги гьабун цин къаде как бана, цинги цIидасан къамматги гьабун бакъанил какги гьелда данде босун бана. Бакъ тIерхьун хадуб, авараг ﷺ Муздалифалде ана. МаркIачIулги боголилги какал гьенир данде росун рана. Рогьалил какги бан, дугIаги гьабун бакъ баккилелде авараг ﷺ Минаялде ана, Жамараталде щведал, щибаб нухалъ «Бисмилагьи Аллагьу акбарги» абун, анкьго чIимих рехана. ЧIинхал рехун бахъарабго, къиблаялдеги вуссун дугIа гьабуна.

Гьенибго аварагас ﷺ асхIабзабазда абуна: «Нужеца дидаса хIежалъул ишал лъазаре, гьаб соналдаса нахъе, дие хIеж гьабизе щвечIого букIине бегьула», - ян. Гьелдаса хадуб Хирияс ﷺ жинцаго 63 варани къурбаналъе хъуна, хутIараб 37 варани хъвейилан ГIалидаги абуна, Хирияс ﷺ 100 варани бачун букIана къурбаналъе хъвезе. Аварагас ﷺ абуна, къурбаналъул гьан белъине тIамеян. Белъараб гьан Аварагас жинцаго кванана ва хIажизабазе бикьеян абуна. Къурбан хъун бахъарабго аварагас ﷺ бетIер кIкIвалев чи аскIове ахIана ва кваранаб рахъалдасан байбихьун, жиндир бетIер кIкIвайилан абуна. Гьеб къоялъ бутIрул кIкIваразе лъабцIул, рас къокъ гьабуразе цо нухалъ, Аллагь гурхIагиян дугIаги гьабуна Хирияс ﷺ.

Цинги Бичасул аварагас ﷺ ихIрамги тIаса бахъун, берцинал махIал гьаруна, цинги вараниялдаги рекIун Масжидул ХIарамалде ана. Гьениб КагIба-рукъалда сверун паризаяб тIавафги гьабуна, хадуб къаде какги бана гьениб ва Зам-замги гьекъон Минаялде тIадвуссана. Къурбан къоялъги, нахъисеб къоялъги гIадамазде хитIаб гьабун кIалъана Хирияв ﷺ. 11-абилеб, 12-абилеб ва 13-абилеб къоязги чIинхал рехана аварагас ﷺ. Цинги Минаялдасаги ун Маккаялдаги Минаялдаги гьоркьоб бугеб МухIассаб абулеб жаниблъиялда рещтIана. Нахъисеб къоялъ къо-лъикI гьабиялъул тIавафги гьабун, рогьалил какги бан, Мадинаялде къватIиве вахъана.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Ургъел щай гьабулеб?

Гьаб заман буго ургъалаби гIемераб. Гьедин бугин абун, нилъ рукIине бегьуларо кидаго рахIатхун. Кинаб хIалалде кканиги, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кумек гьабула. Гьес ﷻ нилъ рехун толаро. Гьес ﷻ нилъее кьун буго хирияб Къуръан ракIалъе сахлъи гьабулеб ва тун руго рикIкIен гIемерал насихIатал хьул...


Аварагасул ﷺ сира

Кинаб илагьияб хIикмат букIараб Аварагас ﷺ Макка рехун тезе ккеялъулъ?   Маккаялдаса Мадинаялде Аварагас ﷺ гьижра гьабиялъул хIикматаздасан ккола бусурбабазе дин загьир гьабизе цо шагьаралда яги улкаялда толеб гьечIони, гьезги дин цIунизе гIоло, ватIаналдаса цоги бакIалде гьижра гьабизе...


ЦIалул соналде

ХIурматиял бусурбаби, щибаб цIалул сон тIаде щолаго нилъеца бицен гьабула лъималазе лъай кьеялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. Хасго исламияб лъай кьеялъул кIваралъулги цIакъго мухIкан гьабун бицунеб гIадат букIана.   Гьале исанаги тIаде щволеб буго гьебго цIалул заман. Амма гьаб...


Дагъистаналъул ГIалимзабазул совет

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана ГӀалимзабазул советалъул президиумалъул данделъи. Гьелда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагӀилов ва республикаялъул округазда ругел муфтияталъул вакилзаби. Данделъи рагьана ГӀалим-забазул советалъул председателасул ишал тIуралев КъахIиса...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кредит босана...   Чияр счеталде гIемераб гIарацги битIун, щибго жоги гьечIого хутIана дун. ХIинкъун йикIана гьелъул хIакъалъулъ росасда бицинеги. Гьеб бахчизелъун дица кредит босана. Гьанже кредит бецIизецин кIолеб гьечIо, кьезе кколеб болжалги гIагарлъулеб буго. Щибдай...