Аслияб гьумералде

Иманалъул бутIа

Иманалъул бутIа

Сабру ккола инсанасул тӀабигӀаталъул бищун берцинал гӀаламатазул цояб. ЗахӀматаб ахӀвал-хӀалалде ккарал гӀадамазе заман къваригӀуна жидерго ракӀ гIодобе биччазабизе. Гьединаб заманалда сабру гьаби ккола нилъер иманалъул чара гьечIеб бутIалъун.

 

Аварагас ﷺ Абу-Гьурайратидасан бицараб хӀадисалда, гьаб дунялалда муъминчиясул гӀумруялъул мисалги бачун, абуна: «Муъминчи релълъуна гьуриялъ багъаризабулеб гIурччинлъиялда, гьесдеги къварилъаби рачIуна. Мунапикъ вуго кедралъул гъотӀода релълъун, ай гьеб багъаруларо къотIун рехидал гурони», - ян.

ГӀурччинлъиялъул кьалбал щулиял ругони, гьорода кIоларо гьеб шапизабизе. Гьединго муъминчиги гьаб гӀумруялда жаниб тӀаде рачӀунел батӀи-батӀиял балагьаз жагъал гьавизе рес гьечIо, кигӀан захIматал балагьал ругониги. Гьев кидаго къвакIун чIезавула ТӀадегӀанав Аллагьасде бугеб ракӀбацӀцӀадаб иманалъ.

Щулияб иманалъ муъминчи кинал рукӀаниги къварилъабаздаса ва талихӀкъосиназдаса цӀунула, иман бугебгӀан мехалъ гьесие щибниги жоялъ зарал гьабизеги гьечIо.

Киналго къварилъабаздаса, талихӀкъосиназдаса, къварилъабаздаса бусурбанчи хвасар гьавула сабруялъ. Амма сабру кьеян гьаризе рекъола ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ. Щайгурелъул иманги ва цогидал нигIматалги, хасго сабруги, Аллагьас ﷻ гурони кьоларо.

ЗахIмалъиялда жаниб сабру бихьизабиялъ инсанасе рахӀат кьола, ТӀадегӀанав Аллагьасдасан ﷻ кIудияб кириги щола. Амма ццин бахъиналъги сабру гьечӀолъиялъги лъикӀлъи кьоларо, гьез мунагьалдецин рачине рес буго. Гьеб киналъего дару буго цохӀо сабру гьаби.

Сабру бусурбанчиясе кIудияб сайгъатлъун ккола, кинаб захIмалъи тIаде бачIаниги. Гьелдалъун бокьараб балагь, къварилъи чиясда кIола жиндиего хайиралъе сверизабизе.

Абу ЯхӀя Сугьайб ибн Синанидасан бицана Аварагас ﷺ абунин: «Муъминчиясул хӀал гIажаибаб жо буго! Гьесул кинабго хIал буго лъикӀаб ва гьебги муъминчиясе гурони кьечIо. Цо жоялда разилъани Аллагьасе рецц гьабула, гьебги гьесие лъикӀлъилъун лъугьуна, квешаб жо ккани, сабру гьабула, гьебги гьесие лъикӀлъилъун лъугьуна», - ян (имам Муслим).

Нилъер гӀумруялда дандчӀвалел батӀи-батӀиял гIадамалги руго хӀалбихьизелъун кьолел. Нилъер сабруялъул хӀалбихьула гӀемерисез. Гьел рукӀине бегьула лъимал, гӀагарлъи, гьудулзаби, цадахъ хӀалтӀулел. Сабру гьабизе ккола гьездехунги. Гьелъухъ Аллагьас ﷻ нилъее къадар гьечIеб кири хъвалин бицунги буго.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...