Аслияб гьумералде

Кверги кумекги битIарав

Кверги кумекги битIарав

Тохтурзаби рукIуна лъабго батIиял: Аллагьас кверчIварал, Аллагьасда мугъчIварал ва Аллагьас жидедаса цIунаял. Гьел ратIа рахъизеги захIмалъуларо, чанцIулго рихьун лъала кинав гьев вугевалиги, гIадамаз хехго мустахIикъаб къиматги кьола. Жакъа гьаниб жиндир бицен гьабулев тохтур, ЛъаратIа райбольницаялъул хирург, Насрудин ГIабдуразакъов ккола, гIадамаз гьесие кьолеб къиматалъухъ гIенеккани, Аллагьас квер битIизабурав, жиндир ишалъе рекъараб гIамалги кьурав, гIадамазда гурхIарав ва хIурматияв чи.

 

ГIемераз веццулев ва гIаммазего вокьулев, жинда талихIав чийилан абизе бегьулев Насрудин ГIабдуразакъов гьавуна ва гIуна Анкьракьалъул (ЛъаратIа мухъ) Ташдил жаниблъиялда бугеб Начада росулъ.

АнцIго классги гIагараб росдал школалда лъугIизабун Насрудин цIализе ана МахIачхъалаялъул медучилищеялде. 1981 соналъ гьебги лъугIизабун, чанго моцIалъ ЛъаратIа фельдшерлъунги хIалтIун ана армиялде.

«РакIалда бугеб жо бицани, дие БетIергьанас кумек гьабуна, доб заманалда жанире лъугьине захIаматибилан рикIкIунеб букIараб, Мединституталде лъугьине. РакIалде ккана къасисеб цIалиялъул отделениялде лъугьине, - ян бицана Насрудиница. – Гьединго дие битI ккана цIалиялда цадахъго больницаялда хIалтIизеги. Гьанже МахIачхъалаялъул тIоцебесеб больница доб заманалда букIана Дагърыбпромалъул ведомственияб медучреждение. Гьениве щведал, талихIалъ нижерго районалдаса гIадан поликлиникаялъул заведующаяги ятун, гьелъ кумекги гьабун, вачIинахъего хIалтIизе восана анестезиологасул кумекчилъун ва цIали лъугIизегIан гьеб больницалда хIалтIизе рес ккана. Гьениб букIана харжги, гьелдасаги лъикI ккана ишалъулаб хIалбихьи щвезеги».

Гьедин цIалулевги хIалтIулевги Насрудин вукIаго Дагърыбпромалъул букIараб гьитIинаб больницалъул хисана статусги бакIги. Гьеб бахъана Редукторазул поселокалде, кьуна шагьаралъул тIоцебесеб больница абун цIар ва гьеб ккана гIемерал профилазул унтаби сах гьарулеб кIудияб учреждение. Лъабго курс лъугIизегIан къад, хадув къасисел дежурствабазде хьвадун, практологиялъулаб отделениялда хIалтIун, гьединго, хирургиялъул отделениялда, машгьурал профессоразул кумекчилъун ватун гьесие лъикIаб хIалбихьи щвана ва коллективалда гъорлъ восарав хIалтIухъанлъунги лъугьана. Гьеб Насрудиние кумекалъе батана институт лъугIидал хирургиялъул интернатураги гьенибго лъугIизабиялъе.

«ЦIали лъугIидалги нижеца нижеего хIалтIизе бакI балагьизе кколаан, - абун бицана гьес. – Гьенибги дие БетIергьанасул кумек щвана, къваригIараб заманалда къваригIараб бакIалда ватиялъе: дирго гIагараб ЛъаратIа больницаялда къваригIун вугоан хирургги анестезиологги…».

Гьеб кIиябго ишалъул саламатабго хIалбихьи тахшагьаралъул больницаялда хIалтIун щварав специалист вачIин ЛъаратIа райбольницалъеги букIана кIудияб битIккейлъун. КIиябго рахъ разияб хIалалда байбихьараб хIалтIуда лъебералда щугогIан соналги унел руго Насрудинил, гIумруялъе тIаса бищараб ишалдаса разиго живгоги вуго, гьединав квер битIарав ва гIамал рекъарав тохтур щвеялдаса разилъун, рохун лъаратIиселги, цохIо гьел гурелги руго. РекIелъ бугеб иман унтараздехун бугеб гурхIелалъулъго бихьулев, ишалде рокьи цIикIкIарав ва хIалтIи лъикI лъалев тохтур хехго машгьурлъана, гIадамаз божилъи гьабуна. «Насрудин вугогури» абун ракIчIун райбольницаялде рачIине байбихьана церехун операциялъе ХIебде, МахIачхъалаялде унел рукIарал лъаратIисез.

Насрудинил росуцояв МаллагIали ШапигIовас абуна: «Унго-унгоги гIаммазего хирияв ва хIажатав чилъун ккун вуго районалда нижер росуцояв. – Гьелъие якъинаб нугIлъилъун нижеда бихьана 2009 соналъ гьесие «Дагъистаналъул мустахIикъав тохтур» абураб цIар кьолелъул гIаммазулго букIараб рохел. Халатбахъараб хъатил гъугъаялъ гIинкълъизабун букIана сверухълъиго, кутакалда вохизеги бачIана».

«ЛъаратIисездасаги цIикIкIун Насрудинил къимат ЦIунтIа районалдаги гьабулеб бугин ккола гьезги кьолеб къимат бихьараб мехалда, - ян абуна ГIусман Рамазановасги. - Гьев доваги машгьурлъун вуго лъикIав хирург хIисабалда».

Насрудиницаги бицана ЦIунтIеги гIемер хьвадизе кканила жив операциязде, чанги хехаб кумекалъеги ахIанила. Районалда цогидал хирургалги гьечIого киналго операциялги гьаризе кканила, цадахъго наркозалъул хIалтIиги тIубазабизе бажарулеб букIиналъ жиндие гьезул захIмалъиги букIунарила, захIматал операциязе гурони цогидал бакIазде унтаралги ритIизе кколарила.

Инсулго пиша берцин бихьана гьесул вас Рамазанидаги. Гьесги лъугIизабуна бергьенлъиялда медакадемия ва жакъа инсул кваранаб кверлъун гьебго больницалда хIалтIулев вуго. Гьединго Рамазанил лъади ПатIимат Къурбановаги ккола щуйилазда медакадемия лъугIизабурай тохтур. Гьедин Начада росулъа педагогазул хъизамалда гIурав Насрудинил хъизан лъугьана бажари-лъай бугел медикаллъун.

«Дагьалъ цеве МахIачхъалаялде щведал, рузманалда, ракIалдаго гьечIого дандчIвана дир вукIарав мугIалим ХасмухIамад-хIажи ва цIакъ вохана гьев сах-саламатго ватидал. Дун гьесда лъаравищали лъаларо, лъанилан абуниги. Амма дида гьев кидаго кIочонаро. Гьес нижеда малъулаан психиатрия. Доб заманалдаго Аллагьги ккурав, адабги бугев, вацIцIадав чи вукIана ХасмухIамад. Гьединлъидал нижеца, студентазги, цадахъ хIалтIулезги гьесул хIурматги гьабулаан», - ян бицана ахиралдаги Н. ГIабдуразакъовас.

 

ГIали МухIаммадов, МахIачхъала

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...