Аслияб гьумералде

Гьалаглъиялде рачунеб

Гьалаглъиялде рачунеб

Исламалда хъантIи рикIкIуна какарал тIабигIатазул бищунго захIматал, хъубал жалазул цояблъун, дунялалъул лазатаздехун гIорхъолъа араб рокьиялъул кьалбалги жиндир бугеб. Гьеб хасияталъ инсанасул рухIияб гIумру хвезаби гуребги, гьев дунялалда талихI къосиналъеги ахираталда тамихIалъе сабаблъунги лъугьинавула.

 

Нилъер диналда гьелъие баян гьабулеб чанго бутIа буго.

Бахиллъи. Гьеб загьирлъула инсанасулъ цебего букIараб жоялдаса ватIалъизе бокьичIолъиялдалъун, гьелдаса ватIалъизе хIажалъи чаракъотIин лъугьараб мехалъгицин. Цо-цо мехалъ гьеб загьирлъула тIадаб жо тIубазабиялдасагицин инкар гьабун, масала, закагIат кьунгутIи.

ГIорхъолъа араб къарумлъи. Гьабги буго хъантIиялъулъ бищунго квешаб тайпаялдаса. Гьебги гIицIго кьезе бокьичIолъи гуро. Гьеб буго чорхолъ бессараб, жидеего щвезе гъира, данде гьаби, кидаго цIикIкIун букIине бокьи. Гьеб хасияталъ инсанасул тIолабго рухI жанибе бачуна, анищазул лагълъунги гьавун.

Гьелдаса рикIкIалъизе ахIула Къуръаналъгун хIадисаз. Инсан жиндир вижиялъулъго вуго къарумавлъун. Аллагьас ﷻ чиясул рижиналъе баян гьабулеб буго ва къарумлъиялдаса цIунейин абун хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Инсан вижарав вуго жиндир тIабигIаталъулъ сабру гьечIевлъун. ТIаде квешлъи, балагь, къварилъи щведал чIвачIвади бугевлъун. ЛъикIлъи бачIани - къарумавлъун», - абун (суратул «МагIариж» 19-21 аят). «ЛъикIлъи, бечелъи бокьизеги гьев цIакъав вуго», - абун (суратул «ГIадият» 8 аят). Аллагьас ﷻ жиндие кьураб нигIматалъулъ къарумлъи гьабурав чиясе гьеб лъугьине буго Къиямасеб къоялъ данде бахъараблъун.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Нуж хIинкъа бахиллъиялдаса, гьелъ гьалаг гьаруна нужеда цере рукIарал. Бахиллъиялъ гьел рачана биял тIеялде ва Аллагьас ﷻ хIарам гьабураб хIалал гьабиялде», - абун (Муслим). Бахиллъи, къарумлъи гIадал хъантIиялда хурхарал сипатаз гIадамал тIамула бищунго кIудиял такъсирал гьаризе. Гьеб буго жиндир гIаркьалаби жужахIалда бугеб гъветI, гьелда хурхарав рикIкIад гьавула Алжаналдаса.

Гьелъ хвезабула чиясул гIумру, гIамал-хасият ва бищунго аслияб - рухI. Жиндие бокьараб щвезе, лагъ хIисабалда хIалтIизеги гьавун, гьелъ инсан гIицI гьавула эркенлъиялдаса, чорхолъ парахатаб хIал лъугьине толаро, Аллагьасе ﷻ шукру гьечIолъиги тIагIинабула.

ЖамгIияталъулъ гьел хасиятаз инсан вачуна гьереси бициналде, рекIкI гьабиялде, къотIи тIубазабунгутIиялде, аманат цIунунгутIиялде, такъсириял ишал гьариялде. Гьединал хIужаби тарихалда гIицIго цо-цо чагIазда гьоркьор лъугьин гуребги тIубарал тухумазда росаби-шагьаразда хIатта хIукуматазда гьоркьор лъугьаралги руго.

Лъаларо, гьеб хIалалде ккун хадуб инсан гьелдаса хвасарлъи, гIицIго Аллагьасул ﷻ цIоб щун кантIани гурони, бугищали.

Амма гьелъие дарулъун буго дагьалда разилъи, гьеб хIалалде дагь-дагьккун черх куцай, жиндие кьураб ризкъиялъухъ ракIбацIцIадго Аллагьасе ﷻ рецц гьаби. Гьелде инсан щвей ккола кIудияб талихI бати, дунял-ахираталда хвасарлъи, парахалъи.

Гьел хIалал щвезе ккани, къваригIуна:

  1. БичIчIи ва кантIи. РакI-ракIалъ мукIурлъун тавбу гьабун Аллагьасда ﷻ тIаса лъугьаян гьари.
  2. Сахаватлъи бихьизаби. Гьоркьоса къотIичIого садакъа кьезе, сахаватлъи куцазе ва хъантIиялдаса бергьине. Аллагьас ﷻ къотIи гьабун буго чияс кьураб садакъа-хайраталъухъ гьесие жеги цIикIкIинабун кьезе, гьединго, бахиллъиялдалъун данде гьабурабги тIагIинабизе гьелда баракат букIунгутIизабизе.
  3. ТамихIги жазаъги лъазаби. Хадубккун тIадбуссун цIилъунгутIизе Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсарал ва Аварагас ﷺ хIадисазда рицарал малъа-хъваял такрар гьарун гьоркьо-гьоркьор ракIалдещвезари.
  4. Пикру гьаби: дунял къокъаб, гьоркьоб къотIулеб жо букIин, унго-унгояб бечелъи такъваялда ва лъикIал гIамалазда букIиналда ургъи.

Нилъер диналъулъ хъантIи буго гIицIго буголъиялъулъ гIунгутIи гуреб, инсан рази вукIиналдаса рикIкIалъиялде вачунеб, абадияб хвалде гIагар гьавулеб ва напс хвезабулеб унти. Сахаватлъи буго гьелъул гIаксияб, унго-унгояб иманалъул гIаламат, муъминчиясул бищун лъикIал хасиятазул цояблъун. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги хъантIиялдаса рикIкIалъизе ва сахаваталлъун рукIине! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...