Аслияб гьумералде

Аварагасул къуват

Аварагасул къуват

Аварагасул къуват

Аллагьасул Расул вукIана цIакъ къуватав, хIал бугев инсан. Ибну ИсхIакъидасан бицун буго, Маккаялда вукIанила цIакъ къуватав цо чи, речIчIун чи толарев. Гьесул къуватги речIчIухъ лъугьине бугеб гьунарги рагIун, рахъ-рахъалдаса рачIунаанила Маккаялде гIадамал гьевгун къеркьезе. Амма гьесдаса бергьунев чи кколароанила.

 

Цо нухалъ Маккаялъул къотIносан унев МухIаммадида дандчIван вуго гьев ва Аллагьасул Расулас абун буго гьесда: «Ва Рукъанат, мун Аллагьасдаса ﷻ хIинкъуларищ? Заман щун гьечIищ дуе дица жинде ахIулеб жо къабул гьабизе?» - ян. Рукъанатица жаваб кьола: «Ва МухIаммад, дуца бицунеб жо битIараб бугин абун нугIлъи гьабизе кIолев чи вугищ?» - ян. Гьеб мехалъ Аллагьасул Расулас абула: «Дица мун къезавуни, божилищ Аллагьасдаги ﷻ Гьесул Расуласдаги ?» - ян. Рукъанатица абула: «ЛъикI буго МухIаммад, дун разияв вуго», - ян. Цинги, ратIалъулаго, Аварагас абула гьанжего хIадурлъи гьабейинха абун. Рукъанатица абула жив кидаго хIадурав вугилан. Гьеб мехалъ Авараг гьесда аскIове уна ва кквезеги ккун, щибго захIмалъи бихьичIого, гIодов лъола. Щиб ккарабали бичIчIичIев Рукъанатица абула цоги нухалъ хIалбихьизе рес кьейилан. Авараг разилъула ва кIиабизеги, лъабабизеги МухIаммадица гьев ракьалда лъола. Аварагасул къуваталда хIайранлъарав Рукъанат тIаде вахъуна ва абула: «ГIажаиблъи, кин дуца гьеб гьабураб!» - абун. (ХIаким)

Гьелдаса хадуб Рукъанатица ислам къабул гьабиялъулъ батIа-батIияб риваят буго. Цояз абулеб буго гьес ислам Макка бахъун хадуб къабул гьабунин абун. Абу Давудидасан дагьаб батIайисан бицараб риваяталда буго, гьес ислам Аварагасдаса къураб мехалъ къабул гьабунин абун.

Аллагьасул Расулас гIахьаллъи гьабулаан цогидалги къуватал чагIазулгун къеркьеязулъ. Ибну ГIабасидасан бицун буго, лъабнусгогIанасеб чахъуги цебе гьабун унев Язид ибну Рукъанат вачIанила Аварагасухъе (гьевги ккола тIадехун рехсей гьабурав Рукъанатил вас) ва абунила: «Ва МухIаммад, дунгун речIчIизе разилъиларищ мун?» - абун. Аварагас жаваб гьабула: «Щиб дуца гьабилеб дица бергьенлъи босани?» - ян. «Дица дуе нусго чахъу кьела», - абула Язидица. Гьелда кIиялго разилъула ва Аварагас гьев ракьалда лъола. КIанцIун тIадеги вахъун Язидица абула, рачIайин цоги нухалда речIчIизейилан. Авараг разилъула ва гьес Язид жеги кIиго нухалдаги гIодов лъола. Ва щибаб нухалъ къунани нус-нус чахъу кьезе къотIиги гьабун букIуна.

Лъабабилеб нухалъ къедал Язидица абула: «Ва МухIаммад, дуде щвезегIан цониги чи вукIинчIо дун ракьалда лъезе кIварав, гьанжелъизегIан мунги вукIана дие дунялалда рихаразул цояв. Гьанжейин абуни, дуда цебе нугIлъи гьабулеб буго, Аллагь гурони жиндие лагълъи гьабизе мустахIикъаб (в) щибго гьечIин абун ва гьединго мунги Гьесул Расул вугин абун», - ян. Гьесдаса Авараг кутакалда разилъула ва чахъабиги нахъруссун кьола.

Гьединавго къуватав чи вукIана Абу Асвад ал-Жумахиявги. Абула гьев, анцIгояв тIаде лъугьаниги, чIараб бакIалдаса вагъаризавизе кIолароанин абун. МухIаммадги къуватав чи вугин рагIун, цо нухалъ гьес абун буго Аллагьасул Расуласда речIчIанхъизе вачIайин, мун бергьани, дуца жинде ахIулелда иманги лъелин абун. Аварагас гьев бигьаго къезавун вуго, амма гьес кьураб рагIи ккун гьечIо. (Байгьакъи)

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


ТалихIкъосин, балагь-къварилъи, унта-щокълъи

Унти буго Аллагьасул ﷻ рахIматазул цояб, гьелъ загьир гьабула инсанасул загIиплъи ва хIалкIвей гьечIолъи. Унти рикIкIуна гIицIго черхалъул къварилъилъун гуребги, иман щула гьабизе бачIараб хIалбихьилъунги мунагьал чурулеб алатлъунги. ХIадисалда бицараб кинниги, унтараб мехалъ сабру гьабиялъ...


Шукру гьабулищ?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьеб къоялъ нужеда гьикъизе буго дунялалда Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал кин харж гьаруралин абун». (Сура «Ат-Такасур», аят 8)   Гьаб къокъабго аяталда жаниб щивав чиясе пикру гьабизе бакI буго. ГӀумруялда жаниб...


КIудияб макъам

ХIурматиял бусурбаби. Аллагьасул диналде халкъ ахIи буго аварагзабазул ирс. Гьезул тIубараб гIумруго къурбан гьабун ана халкъ битIараб нухде ахIулаго. Гьелда жаниб аслияб жоги ккола гIицIго ихлас, ай ракI бацIцIалъи букIин. Гьебги щибго гьечIеб бакIалда бокьарав чиясе щолеб жо гуро.   Ихлас...


Муфтиясги гIахьаллъи гьабуна

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди гӀахьаллъана РФялъул президентасул Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев вакил Юрий Чайкал нухмалъиялда гъоркь тӀобитӀараб данделъиялда. Гьениб гьоркьор лъун рукIана миллатазда ва диназда гьоркьоб рекъел цӀуниялъул ва гьеб щула...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кредит босана...   Чияр счеталде гIемераб гIарацги битIун, щибго жоги гьечIого хутIана дун. ХIинкъун йикIана гьелъул хIакъалъулъ росасда бицинеги. Гьеб бахчизелъун дица кредит босана. Гьанже кредит бецIизецин кIолеб гьечIо, кьезе кколеб болжалги гIагарлъулеб буго. Щибдай...