Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

 

  1. Киталъул чохьониве щив авараг ккарав?

– Юнус авараг.

  1. Маккаялъул сураби чан ругел?

– 85.

  1. Мадинаялъул сураби чан ругел?

– 29.

  1. МоцI чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– 12 нухалъ.

  1. Къуръаналда бугеб бищун кIудияб къиса щиб?

– Юсуф аварагасул.

  1. «Суратул Мунажат», ай хитIаб гьабулеб сурайилан щиб сураялда абулеб?

– «ФатихIа» сураялда.

  1. ГIид абураб рагIи чан нухалъ рехсараб?

– Цо нухалъ.

  1. Къуръаналъул магIна щиб?

– «ЦIале» абураб.

  1. Дунялалда бищун халатаб гIор щиб?

– Нил.

  1. Садакъаялъул хIакъалъулъ Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 150 нухалъ.

  1. Къуръаналда щив асхIабасул цIар рехсараб?

– Зайд бин ХIарисил (сура «ал-АхIзаб», аят 37).

  1. Дунялалда бищун кIудияб хIор щиб?

– Каспий.

  1. Эбелалъ гьайичIей чIужугIадан щий?

– ХIава.

  1. Къуръаналда рехсараб Алжаналъул гъотIода цIар щиб?

– ТIуба.

  1. Имам Сануси щиб соналъ гьавурав?

– 832-абилеб гьижрияб соналъ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...