Аслияб гьумералде

ЗахӀматбихьи Аллагьасе ﷻ бокьулеб иш

ЗахӀматбихьи Аллагьасе ﷻ бокьулеб иш

ЗахӀматбихьи Аллагьасе ﷻ бокьулеб иш

Исламалда жаниб хасаб бакӀ ккола захӀматалъ, хасго творческияб хӀалтӀиялъ ва ракьалда хурхараб хӀалтӀиялъ.

 

Росдал магӀишат ккола бищунго хириял пишабазул цояблъун, ракьалъул ургъел гьабиялъул, гьелъул лъикӀлъиялъул, Аллагьасул хIикматалда рекъон гӀадамазе квен-тӀех чӀезабиялъе ва гIмру билъанхъиялъе лъураб.

Гьеб рахъалда хурухъанасул ва вехьасул хӀалтӀиялъ инсанасул къадру гӀодобе ккезабулареб букIин гуребги, гьелъул гӀаксалда, Аллагь разияв ва хирияб ишалда машгъуллъарав чи хӀисабалда гьев тӀадегӀан гьавула.

МухӀаммад ﷺ авараг гӀолохъанаб мехалдасаго хӀалтӀана росдал магӀишаталда. ГӀолохъанаб мехалда гьес хьихьулаан Маккаялъул къурайшиязул чахъаби. Гьединго машгьураб жо буго киналго аварагзабаз хӀайванал хьихьулел рукӀин. Гьелъ баян гьабулеб буго Аллагьасул бищунго кӀудиял аварагзабазцин бацӀцӀадаб бетӀербахъиялъе хӀалтӀи гьаби, рехъаде хьвади, хӀайваназул ургъел гьаби, инжитаблъун рикӀкӀунареблъиялда.

МухӀамад аварагас ﷺ гӀи-боцӀи хьихьун гуребги, жинцаго гъутӀбиги чӀолаан. Лъалеб жо ккола гьес жинцаго чӀун рукӀин чамасдакалъул гъутӀби, хадуб гьел гӀун рукӀин машгьураб ГIажваялъул сортлъун — гьебги ккола гьесие ﷺ хасго рокьулел ва сахлъиялъе пайдаяллъун рикӀкӀунел рукӀарал чамачдакалъул тайпа.

Рекьарухъанасул хӀалтӀи гӀицӀго жиндирго пайдаялъе гӀоло гуреб — гьелъ пайда кьола жамгӀияталъеги, хӀатта хӀайваназеги хӀанчӀа-зегицин. Гьелъухъ инсанасе кири щола хвараб мехалъги — гьесул гъотӀоца цогидазе пайда кьолеб бугебгӀан мехалъ.

Аварагасул ﷺ гӀемерал асхӀаб-забиги росдал магӀишаталда машгъуллъун рукӀана. Гьезул рукӀана жидерго чамасдакалъул ахал, хурзал, гӀи-боцӀи.

ХӀалтӀухъанасул къадруялъул хӀакъалъулъ гӀемерал хӀадисал ва абиял руго, хIатта абулеб буго гьеб ккезе рес бугин инсан жужахӀалъул цӀаялдаса цӀуниялъе сабаблъунги.

Росдал магӀишат исламалда гӀицӀго пиша гуреб, Аллагь разияб нух буго. Гьелъ инсанасда малъула сабруялда вукIине, жавабчилъиялде, гьениса бакIарараб бачӀиналъухъ баркала кьезе, бижараб жоялъул адаб гьабизе. Ракь ккола – ТӀадегӀанав Аллагьасул сайигъат, гьелъул ургъел гьаби – щивав муъминчиясда тӀадаб иш ккола.

Ракьалда гьабулеб захӀмат ккола кванил нигӀматазул кьучӀ гуребги, рухӀияб рахъалъ бечелъиги, жиндирго ишалдалъун иман загьирлъиги, жамгӀияталъул ва хадусел гӀелазе абадияб лъикӀлъиялъе бутӀа лъейги.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...