Аслияб гьумералде

Балагьаздаса цIуниялъе

Балагьаздаса цIуниялъе

Жакъа нилъ киналго руго Дагъистаналда ккаралъул нугIзаллъун. ГIемерал гIадамал захIматаб хIалалде ккана, гьебги, щаклъи гьечIого, ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан бугеб хIалбихьи ккола.

 

ХIакъикъаталдаги, гьаб дунял бижунго букIана хIалбихьиялъул бакI хIисабалда. Нилъер бугебщинаб жо - сахлъиги, мал-мулкги, лъималги, къуватги, ресги - нилъее кьун буго хIалбихьиялъе. Нилъехъ гьечIеб яги нилъ махIрум гьабулеб жо ккола хIалбихьи. Гьелдалъун ТIадегIанав Аллагьас хIалбихьула нилъер иманалъул щулалъиялъул.

Нилъеда лъала Аллагьас ﷻ бищунго захIматал хIалбихьиял аварагзабазде ритIун рукIин, цинги гьезда хадуб бищунго иман щулиязде битIун букIин. Гьединлъидал инсанасул иман щулалъанагIан, гьесие гIазаб-гIакъуба цIикIкIун букIине бегьула. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Дица нужер хIалбихьи гьабила, я гьал, муъминзаби, дагьабго жоялдалъун: хIинкъиялъул рахъалъан, яги ракъизарун, яги къечезарун, яги боцIи тIаса инабун, нужее вокьарав хвезавун, пихъал дагь гьарун. Гьаб хIалбихьи гьабидал жидеца сабру гьабуразда дуца кIудияб рохел бице, МухIаммад ﷺ: ахираталда кири ва Алжан букIине бугин абун. Гьел гIадамазда бице рохел, гьезде къварилъи щведал абулел: «Ниж, нижер хъизам, боцIигун цадахъ, Аллагьасул ﷻ милк буго, Жиндие бокьараб хIукму нижее гьабулев ва Жиндие бокьухъе гьеб хIукму тIубазабулев. Ахираталда ниж киналго Аллагьасде ﷻ руссине руго хIисаб, мизан ва жаза гьабизе», - абун. Гьал муъинзаби руго жидеда Аллагьасул цIоб-рахIмат бугел ва Аллагьас жал реццарал. Гьел руго хIакъаб нухда тIоритIарал». (Сура «Бакъарат, аят 155-157)

Аварагасул ﷺ хIадисаздаги хъван буго муъминчиясе гьарулел хIалбихьиял киданиги лъугIуларин, мунагьаздаса вацIцIалъун Аллагьасда ﷻ дандчIвазегIан. Гьелдасан бичIчIула сабруялда гIазаб хIехьеялъ мунагьал чуриялде ва инсанасул даража Аллагьасда ﷻ цебе тIадегIанлъиялде рачунеблъи.

ХIадисалда буго: «Кириялъул кIодолъи данде ккола балагьалъул кIодолъиялда», - ян. Гьединго Аварагас ﷺ лъазабуна: «Аллагьасе ﷻ халкъ бокьиялъул гIаламат ккола Гьес ﷻ гьелъул хIалбихьи гьаби», - ян.

Нилъер вацалгун яцал захIматаб хIалалда ккедал Аллагь ﷻ нилъехъ валагьун вукIуна: щиб нилъеца гьабулебали абун. Нилъеца гурхIел бихьизабулищ? Нилъеца кумек гьабизе бугищ? Нилъеца гьезул рахъ кквезе бугищ? Яги нилъерго ишаздейищ машгъуллъизе ругелин абун. Гьеб хIалалда цоязде бачIараб балагь цогидазе хIалбихьилъун лъугьуна.

Аллагьасул Расулас цогидаб хIадисалда абуна: «Муъминчи цоги муъминчиясе минаялда релълъуна, гьелъул щибаб бутIаялъ цогидаб щула гьабула», - ян. Гьединги абун Аварагас ﷺ килщал цоцалъе риччана, гьединаб цолъи бихьизабулаго. Цоги хIадисалда буго: «Муъминзаби, жидерго рокьиялда, гурхIел-рахIмуялда цо черхалда релълъарал руго: цо лагаялъе зарал ккани, тIолабго черхалъ жаваб кьола макьу гьечIолъиялдалъун ва цIа-кан бахун». Гьеле гьединав вукIуна унго-унгояв бусурбанчи: чияр унтухъ гьев ургъел гьечIого валагьуларо.

Жакъа нилъее рес щун буго рагIабаздалъун гуребги ишаздалъунги нилъерго иман бихьизабизе. ХIажалъаразе кумек гьаби, гьезулгун къварилъи бикьи, рагIудалъун, ишалдалъун, бечелъиялдалъун квербакъи - гьеб кинабго ккола чIагояб иманалъул гIаламат. Аварагас ﷺ абуна: «ТIадегIанав Аллагьас жиндирго лагъасе кумек гьабула, лагъас вацасе кумек гьабулебгIан мехалъ», - ян. Цогидаб хIадисалда буго: «Аллагьасда ﷻ цеве бищунго вокьулев чи ккола гIадамазе бищунго пайдав чи», - ян. Гьединго гьес абуна бищунго лъикIал гIамалазул цояб бугин инсанас муъминчиясул рекIелъе рехулеб рохелилан.

Гьединлъидал, гьаб талихIкъосин гIицIго къварилъи ккарал чагIазе гурони гьечIин абураб пикру гьабизе бегьуларо. Гьеб ккола гIаммаб талихIкъосин, гIаммаб хIалбихьи. Нагагьлъун лъилниги кумек гьабизе бажари батани - чорхол, гIарцул яги гIуцIиялъул рахъалъ - гьел батIачIезе кколаро. Гьеб гуребги, садакъаялъ чиясул бечелъиги дагь гьабуларо. Гьелъул гIаксалда, хIадисазда бицухъе, садакъа кьей ва гIагарлъиялъулгун бухьен гьаби баракаталъе, балагьаздаса цIуниялъе ва ахир битIун ккеялъе сабаблъун буго.

Гьал лъугьа-бахъиназ нилъелъ бижизабизе ккола гурхIел-рахIмугун жавабчилъи. Цогидал гIазабалде ккедал, муъминчиясул ракI ургъел гьечIого хутIани, гьеб ккола жиндирго хIалалъул ракIбацIцIадго хIисаб гьабиялъе гIилла. Бусурбанчи вукIине бегьуларо рахIму ва ургъел гьечIевлъун. Гьес цогидазул ургъел гьабула, гьезие кумек гьабула ва гьезул къварилъи бигьалъизабиялъе нухал ралагьула.

Аллагьас ﷻ сабру кьеги хIалбихьарал чагIазе, сабру къабул гьабеги, гьезул кириги цIикIкIинабеги. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги нилъее киназего захIматаб заманалда цоцазда аскIор чIун диналъул вац-яцазе квербакъи гьабизе, Гьесул ﷻ разилъи тIалаб гьабулезда гъорлъ рукIине.

 

МухIаммадрамазан Ражабов, ЮТОялда Муфтияталъул вакил

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...