Аслияб гьумералде

АлхIамалъул хIикмат

АлхIамалъул хIикмат

Бокьараб как балеб мехалъ чияс щибаб ракагIаталда цIалула «ФатихIа» сура. Гьеб «ФатихIа» сура гурони цониги сура чIоларо какилъ гьеб цIализе хIалкIолев чиясе. Лъаларезе, гьанже ругьунлъулезе батIияб хIукму буго.

 

ГIубада ибн ас-Самитица бицана Аварагас ﷺ абунин: «ФатихIа» сура цIаличIев чиясул как букIунаро», - ян. (Бухари)

Щаклъи гьечIого «ФатихIа» ккола Къуръаналъул бищунго тIадегIанаб ва къиматаб суралъун. Къокъал сурабазда гьоркьоса жиб букIаниги гIалимзабаз абуна гьелда жаниб тIубараб Къуръаналъул магIна бугилан. Бищунго машгьурал ва кьучIал гIемерал хIадисаз нугIлъи гьабула сура «ФатихIаялъул» гIемерал хаслъаби ва лъикIлъаби рукIиналда.

Абу СагIид РафигI ибн ал-МугIаллаяс бицун буго Аварагас ﷺ цо нухалъ абунин: «Мун мажгиталдаса къватIиве вахъиналде дица дуда Къуръаналъул тIадегIанаб сура малъилищ? Малъейилан абидал, Аварагас ﷺ абула: «АлхIамду лиЛлагьи раббил гIаламин» абун ва гьеб ккола сабгIу масани ва Къуръанги дихъе кьураб, ай рещтIинабураб», - ян. (Имам Бухари)

Амма абула щибаб какда «ФатихIа» сура цIализе тIадаб букIиналъул магIна кколин муъминчияс гьеб цIалараб мехалъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндир жаваб гьаби щибаб аяталъе.

Абу-Гьурайратица бицана жинда рагIанин Аварагас ﷺ абулеб: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Дица Дидаги Дир лагъзадеридаги гьоркьоб бугеб как кIиго бутIаялде бикьана: цояб бутIа Дие, цогидаб - Дир лагъзадерие, Дир лагъзадерие щвезе буго гьес гьарараб жо».

Лагъас абураб мехалъ: «Кинабго реццги щукруги гIаламазул БетIергьан Аллагьасе буго, Жив тун гIибадат гьабулезе гуреб», - ян, ТIадегIанав Аллагьас абула: «Дир лагъас Дие рецц гьабуна», - ян.

Лагъас абураб мехалъ: «Дунялалда киназдаго гурхIулев, ва гIицIго Къиямасеб къоялъ иман лъуразда гурхIулев», - ян, ТIадегIанав Аллагьас абула: «Дир лагъас Дие щукру гьабуна», - ян.

Лагъас абураб мехалъ: «Къиямасеб къоялъул БетIергьан абураб мехалъ, ТIадегIанав Аллагьас абула: «Дир лагъас Дун кIодо гьавуна», - ян.

Лагъас абураб мехалъ: «Дуе гурони нижеца гIибадат гьабуларо, цохIо Дудаго гьарула нижеца кумек», - ян, ТIадегIанав Аллагьас абула: «Гьеб буго Дидаги Дир лагъасдаги гьоркьоб, (гьелъул бащдаб Дие, бащдаб Дир лагъасе), Дир лагъасе гьарараб жо щвезе буго».

Лагъас абураб мехалъ: «Дуца ниж ритIухъ гьаре, я БетIергьан, битIараб нухде ва битIараб диналде, Дуца иман лъурал чагIазул нухде, Дур ццин бахъинабурал ва къосарал чагIазул нухде гурел», - ян, Аллагьас абула: «Гьеб Дие буго, Дир лагъас гьарараб жо щвела», - ян. (Муслим)

Нилъеда бихьула «ФатихIа» сура лъугIула дугIаялдалъун, гьединлъидал гьелъул цIалиялъул ахиралда, как балеб мехалъ яги как бачIого цIалулеб букIа, лъикIаб букIуна «Амин» абизе, ай «я Аллагь, нижер дугIаялъе жаваб кье» абураб магIнаялъул хIисабалда. Как балев чиясе лъикIаб букIуна сураялъул ахирисел рагIабаздаги «Аминалдаги» гьоркьоб къокъаб заманалъ лъалхъи гьабизе, гьесул рагIабаздаги ва ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ каламалдаги батIалъи гьабизе.

«Мингьаж ШархI СахIихI Муслим» абураб тIехьалда имам Нававияс, Аварагасул ﷺ рагIабазе баян кьолаго, «Дица Дидаги Дир лагъасдаги гьоркьоб как кIиго бутIаялде бикьана», - ян хъвалеб буго: «ГIалимзабаз абуна гьениб как абураб магIна сура «ФатихIа» бугин. Гьелда какилан абула, щайгурелъул гьеб гьечIони как рикIкIунаро, хIадисалда абураб гIадин, «ХIеж ккола ГIарафа», Аварагас ﷺ ГIарафа магIарда чIей хIежлъун гьабунаян.

Гьединго гIалимзабаз абуна гьениб «ФатихIа» сура кIиго магIнаялде бикьулин. ТIоцебесеб бутIаялда жаниб ТIадегIанав Аллагьасе рецц гьаби, щукру гьаби буго. КIиабилеб бутIаялда жаниб дугIа гьаби, мутIигIлъи ва хIажат гьариги буго».

«ФатихIа» сура лъугIула инсанасе жиндирго гIумруялда ва диналда бищунго хIажатаб жоялдалъун – дугIаялдалъун. Щивав инсанасе, кванидасаги, гьекъолеб жоялдасаги, хIатта гьаваялдасагицин хIажалъула ТIадегIанав Аллагь, жив битIараб нухде, битIараб диналде вачунев.

Гьединлъидал инсан дугIаялде цIакъго хIажалъула, щайгурелъул битIараб нухда тIоритIун гурони нилъее хвасарлъи гьечIо.

ТIадехун рехсарабщинаб жоялдасан бичIчIула ТIадегIанав Аллагьас жиндирго лагъзадерие къойида жаниб 17 нухалъгIаги такрар гьабизе «ФатихIа» сура цIализе бихьизабиялъул хIикмат.

 

АрслангIали ГIумаров

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


ДугIаялъул хиралъи

ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъи, гIодовегIанлъи, Аллагьасде ﷻ живго хIажалъи, Аллагьасул ﷻ бечелъи загьир гьабулеб буго. Кинабго жоялъулъ Аллагьасде ﷻ гьардолел рукIине ккола. Нилъее, Аллагьас ﷻ кьураб гурони, щибго жо...


Лъаялъул байрам

Хъумторхъала райналъул ракьалда бугеб ЦIияб ГIурада росулъ тIобитIана лъай кьеялъул ва рухIияб тарбия щвеялъул мурадалда гIуцIараб байрам. Гьениб росдал лъималаз ва гьидерил росабалъа рачIарал гьитIичаз бихьизабуна жидерго лъай. Гьез цIалана Къуръан ва кьуна батIи-батIиял гIелмиял суалазе жавабал.


Нужее баяналъе

1. Муъминун абун сураялда щай абураб? – Муъминзаби ва гьезул сипатал рехсеялъ. 2. Чан сураялда рехсараб дунял хIайгIадинаб жо бугин абун? – Ункъо сураялда: «АнгIам», «ГIанкабут», «МухIаммад», «ХIадид». 3. ШайтIаналъул хъаравулзаби абун...


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...