Аварагасул ﷺ гIумру щай лъазабилеб?
Аварагасул ﷺ гIумру щай лъазабилеб?
Аварагасул ﷺ бицунелъул гIенеккун ругеб мехалда нилъер къасд букIине бегьуларо гIицIго харбихъ гIенеккун ругеб гIадинаб. Ниятгун къасд букIине ккола Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ рехсолел сипатаздалъун нилъее лазат щвей, ай гIишкъуялда гIенекки ва гьеб рекIелъе биччай. Аварагасул ﷺ бицунаго нилъ гьесде ﷺ гIагарлъула ва гьесул сипаталгун ахлакъал рехседал гьесдехун ﷺ рокьи ва разилъи тIаде цIала.
Нилъеца Аварагасул ﷺ сират лъазабиялда ва гьеб рехсеялда жаниб буго гьес ﷺ нилъее гьабураб лъикIлъиялде данде шукру гьаби гIадинаб жо. Гьеслъидал ﷺ нилъ хвасар гьарурал бецIлъиялдаса, къосеналдаса, ай исламалде ва абадияб талихIаб рокъореги рачана талихIкъосиналдаса. Гьебги буго кIудияб нигIмат. Авараг ﷺ гьоркьовккун нилъ лъугьана бищун лъикIаб умматлъун, ай Аллагьас ﷻ гьаб ракьалда ритIаразда гьоркьоса. Щибха ккезе бугеб нилъеца Аварагасул ﷺ хириял сипатал, хьвада-чIвади лъазабуни? Нилъее авараг ﷺ вокьизе вуго. Щаклъи гьечIо, жиндир рекIелъ къосеналъул мугьру Аллагьас ﷺ кьабичIев чиясе Авараг ﷺ вокьизе вугеблъиялда. Авараг ﷺ кигIан нилъее вокьани, гьедигIанасеб иманги букIуна нилъеда жаниб. Аллагьасул ﷻ разилъи, абадияб талихI, алжаналъул нигIматал ва гьениб даража цIикIкIин, кинабго бараб буго нилъее Авараг ﷺ вокьиялда. Аллагьасул ﷻ ццим бахъин, талихIкъосин, жужахIалъуб гIазаб щвей бараб буго Аварагасул ﷺ ццим бахъиялда. Аллагьасул ﷻ рокьи щвезе ккани, Аварагасда ﷺ нахърилълъине ккола. Гьеб гьечIони нилъер хьвада-чIвадиги гIададисеб буго. Аварагасда ﷺ нахърилълъине ккеялда бан Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «Дуца абе (МухIаммад), нужее Аллагь ﷻ вокьулев ватани, нуж дида нахърилълъаян, гьебмехалъ Аллагьасе ﷻ нужги рокьила», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 31).
Гьанже рехселин Аварагасул ﷺ цIаразул дагьабго баянги. ГIабдулмутIалибида макьилъ бихьула мугъалдаса меседил рахас баккун ва гьелъул цояб рахъги букIуна зодоб цун, цогидаб рахъ – ракьалда цунги. Гьединго цояб рахъ - Машрикъалда ва цогидаб - Магърибалда. Хадуб рахас лъугьуна гъветIлъун, щибаб тIанхидаги букIуна нур бан. Гьеб гъотIода сверун лъугьун, ай гьеб кквезелъун Машрикъалъулги Магърибалъулги агьлуги лъугьуна. Гьеб макьуги къотIула гьесул наслуялдаса вас гьавилин жинда хадуб зобалазул ва ракьалъул агьлу билълъунебин абун. Аварагасул ﷺ руго гIемерал цIарал. Аварагас ﷺ абуна: «Дун вуго МухIаммад, АхIмад, МахIи, ХIашир, ГIакъиб», - абун. Гьединго гьесда абула РахIматалъул ва Тавбуялъул аварагиланги.
«Ат-Тагьзиб» абураб тIехьалда буго: «Аллагьас ﷻ гьесие Къуръаналда цIарал кьуна: Расул, Набиюю, Уммиюю, Шагьидун, Мубашширун, Назирун, ДагIиян ила Ллагьи биизнигьи, Сиражан Муниран, Рауфун РрахIим, Музаккирун», - ян абун.
Ибну ГIабасидасан бицана, Аварагас ﷺ абунин: «Дида Къуръаналда цIар буго МухIаммад, Инжилалда - АхIмад, Тавраталда - УхIид», - абун. КъастIаланияс «Мавагьибу лладуния» ва Бажурияс «Фи хIашияти Шшамаил» абураб тIехьалда хъван буго: «Аваргасул ﷺ цIар алжаналъул агьлуялда аскIоб ккола ГIабдулкарим, жужахIалъул агьлуялда аскIоб – ГIабдулжаббар, ГIаршалъул агьлуялда аскIоб - ГIабдулхIамид, цогидал малаикзабазда аскIоб - ГIабдулмажид, аварагзабазда аскIоб – ГIабдулвагьгьаб, шайтIабазда аскIоб – ГIабдулкъагьгьар, жиназда аскIоб - ГIабдуррахIим, мугIрузда жаниб – ГIабдулхаликъ, ралъдалъ – ГIабдулмугьаймин, ччугIбузда аскIоб – ГIабдулкъуддус, хIутI-хъумуралда аскIоб – ГIабдулгъияс, хIайваназда аскIоб – ГIабдурраззакъ, жанаваразда аскIоб - ГIабдуссалам, ракьалда тIад – ГIабдулкъагьир, хIанчIазда аскIоб – ГIабдулгъаффар, Тавраталда – Муъзу-Муъзу, Инжилалда – ТIаба ТIаба, тIанчазда - ГIакъиб, Забуралда – Фарукъ, Аллагьасда аскIоб - ТIагьа ва Ясин, муъминзабазда аскIоб - МухIаммад», - абун.
Аварагасул ﷺ цIаразул баян гIатIидго рехсон буго имам Жалалуддин ас-СуютIияс жиндирго «Багьжату ссанияту фил-асмаи ннабавияти» абураб тIехьалда. Гьениб гьес гIага-шагарго 500-гIанасеб цIар рехсонги буго. Щайха аварагасда ﷺ МухIаммад (жив гIемер веццулев, рехсолев) абун цIар тараб? Щайгурелъул Аллагьас ﷻ реццулезулги бищун веццулевлъунги, рехсолевлъунги гьев вукIиналъ, гьединго ракьалда ва зобалазда ругел агьлуялъ, хIатта рухI гьечIезги гьев рехсеялъ. Гьединго гьесул букIуна ЛиваулхIамд абураб байрахъги, хасаб макъамги кьола «МахIмуд» абураб. Къокъго абуни, гIемер вецциялъ ва рехсеялъ кьуна Аварагасе ﷺ АхIмад ва МухIаммад абун цIарал. Гьалги ккола цогидал цIаразде дандеккун бищун хириял. ХIадисул къудсиялда бачIана: «Дун гьедула Дица жужахIалъуве лъугьинавизе гьечIо жинда АхIмад ва МухIаммад абун цIар бугев чи», - ян.