Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго

 

 

Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?

 

Ш., Гъизилюрт

 

ГIалимчиясул жаваб

ГIумруялда жаниб инсанасде тIаде рачIуна батIи-батIиял хIалал. Амма щиб хIалалде кканиги нилъ рукIине ккола Аллагьасул ﷻ къадаралда разияллъун.

Нилъер хирияв аварагасги ﷺ чанго нухалъ баччана лъимал хвеялъул захIмалъи. Анкьго лъимералда гьоркьоса, жинда Аллагь ﷻ разилъаяй ФатIимат хутIун, хутIарал лъимал хабалъ лъуна Хирияс ﷺ. Гьесул васал - Къасим, Ибрагьим, ГIабдуллагь (ТIагьир) кIиго сон балелдего хвана. Лъабайго яс, гIага-шагарго, къого сонил ригьалда хвана. ЦохIо ФатIимат хутIана 28 сон базегIан. Гьейги авараг ﷺ накълулъун хадуб, чанго соналдасан хвана.

Хирияв аварагас ﷺ жинцаго бана гьездасан жаназаялъул как ва рукъана жиндирго баракатал квераздалъун.

КIиго сон тIубачIев Ибрагьим аварагасул кодов хвана. МагIил бералги цIун, Аварагас ﷺ абулеб букIана: «Бадиса магIу чвахулеб буго ва керен къварилъиялъ ссудулеб буго. Амма ТIадегIанав Аллагьасе бокьичIеб нилъеца абуларо. Я, Ибрагьим, ниж къварилъуда руго дур ин сабаблъун», - илан.

Гьеб куцалда, гьитIинал лъимал хварал умумуз ракI чучизелъун аварагасдаги ﷺ бихьараб захIмалъи ракIалде щвезабизе бегьула. ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ аварагасдаса ﷺ хирияв чи вукIинчIо ва амма гьесдагицин ﷺ Аллагьас рихьизаруна къварилъаби ва Аварагас ﷺ гьел ракI разиго раччана.

Цо бугеб лъимералдаса ратIалъи цIакъ захIматаб жо буго. Алагьасул ﷻ рахъалдасан бугеб гьеб хIалбихьиги дагьазда гурони кIоларо баччизе. Заман гьоркьоб ун цIидасан эбеллъун яхъине бугеб дур гIищкъуги тIабигIияб жо ккола.

Исламалда рекъон, шартIалги цIунун, лъимер хьихьизе бачине бегьула. Амма яслъун яги васлъун гьави абураб жо шаргIалда гьечIо. Хьихьизе бачараб лъимер, кигIан лъикI хьихьаниги, нилъер лъимерлъун лъугьунаро ва гьеб нилъедего гIунтIизабизе исламалда хIарамабги буго.

Чияр лъимер хьихьизе бачин, исламалда рекъон, кутакалда беццараб буго. Жиндирго лъимадуе гIадин кваназе квен, ретIине ретIел кьун хьихьула бусурбабаз, амма жиндир лъимер бугин абун чIезабуларо. Хирияв аварагас ﷺ абуна: «Дун ва бесдал лъимер хьихьарав чи Алжаналъур рукIине руго», - ян (Бухари).

Цогидаб хIадисалда буго: «Бусурбабазул рукъзабазул бищун лъикIаб буго жанив бесдалав вугев ва гьесдехун лъикIаб бербалагьи гьабулеб. Бусурбабазул бищун квешаб рукъ буго жинда жанив бесдалав вугев ва гьесдехун квешаб бербалагьи гьабулеб», - ян (ибну Мажагь).

 

Психологасул жаваб

ГIагарав чи ва хасго лъимер хвей буго кутакалда захIматаб иш. Амма гIорхъолъа ун гIоданиги, зигарданиги гьел нахъруссунаро. Гьединлъидал яхI бахъизе ккола сабруялда рукIине. РекIелъ бугеб унтуе буго цо дару. Гьебги ккола заман. ГIадада гурелъулха абулеб, заманалъ сах гьарулин абун. РекIелъ бугеб къварилъи аниги, гьел ракIалдещвей кибего унаро.

ХIакъикъаталдаги дур рекIелъ бугеб дуда гурони лъаларо ва ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гурони лъаларо дур нияталъул бацIцIалъиги. Хварай ясалъе кьун бажаричIеб эбелалъулаб рокьи ва хинлъи цогидаб, ай чияр лъимадуе кьезе мун хIадур йикIин буго лъикIаб тIабигIат. ЛъикIаб иш гьабулаго гIадамазда мекъаб жо ракIалде ккелин абун ургъелги гьабизе бегьуларо. БитIараб букIина, цIияв инсанасул гIумруялъул жавабчилъи тIаде босизе хIадуризе ва гьелде кIвар кьезе. БитIараб буго, рекIелъ хIинкъиги щакдариги букIине рес буго. Гьебги гIадатияб хIал буго. Бищун цебе росасда дандбазе ккела гьеб суал. Гьес изну кьуни, тIокIаб сундулниги ургъел гьабизеги ккеларо. Жиндирго лъимер букIинеги гьесие бокьизе рес буго. Гьебги жеги лъикI букIинарищха. Гьеб мехалъ дудаги бичIчIизе ккола цоги лъимер гьабидал гьелде юссиналъ рекIелъ бугеб чIобоголъиги тIаса хехго унеблъи, амма хварай ясалъ рекIелъ ккураб бакI лъицаго хисуларо. Заман арабгIан рекIел унти дагьлъила. ГьитIинго Аллагьас ﷻ гьей      ячун ин гьелъие кIудияб нигIмат буго ва хведал нужееги гьелъул шапагIат щвела.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда. ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

 

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Ургъел щай гьабулеб?

Гьаб заман буго ургъалаби гIемераб. Гьедин бугин абун, нилъ рукIине бегьуларо кидаго рахIатхун. Кинаб хIалалде кканиги, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кумек гьабула. Гьес ﷻ нилъ рехун толаро. Гьес ﷻ нилъее кьун буго хирияб Къуръан ракIалъе сахлъи гьабулеб ва тун руго рикIкIен гIемерал насихIатал хьул...


Тушбабаздехунги букIана гIафву

Аварагзабазул тIабигIа-таздасан ккола хIилму ва гурхIи. Аллагьас ﷻ Аварагасдехун абулеб буго: «Дуца гIадамаздехун гьабулеб гIамалалъулъ бигьаяб, хIеренаб нух тIаса бище ва жагьилал гIадамаздасаги вусса», ай гьез гьабуралда релълъараб ахIмакъаб гьабугейин ва гьезул рагIи-гIамал гIадахъги...


Суал-жаваб

МагIна бичIчIуларел Къуръаналъул аятазе ва хIадисазе кинаб хIукму бугеб? Цогидал аятазда релълъун гьезул тафсир гьабизе бегьулищ? Гьел аятазде ва хIадисазде нилъеца иман лъола ва гьелъул хIакъикъат ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ тIамун тола. Гьединал аятазе ва хIадисазе баян тафсир гIалимзабаз кьечIо....


БагIараб пилпил

БагIараб пилпилалъулъ букIуна капсаицин абураб жо. Гьеб сабаблъун букIуна кIал бухIизабулеб тIагIамги. ГIалимзабаз цIех-рех гьабуна капсаициналъ инсанасул черхалъе гьабулеб асаралъул.   Чакрил унтиялъе гьабулеб асар Капсаициналъ кумек гьабулеб батана чорхолъа цIикIкIун инсулин бахъизе. Цо...


Аллагьасул ﷻ аманат

ГIемерисел руччабаз хIаракат бахъула хIалакълъизелъун черхалъе гIакъуба кьезе. Гьеб гуро жакъасеб «унтиги», гьедин букIана гIасрабаз цебеги.   МухӀаммад Аварагасул ﷺ суннаталъ нилъеда малъула черхалъулги рухӀалъулги хIал лъикIлъизабиялъе рекъон кколел сабабал. Суннатги ккола...