Щал кколелали бихьизабуна
Нилъер диналда жаниб кутакаб бакI кколеблъун буго аманат, божилъи гьабураб тIубазаби, ритIухълъи цIуни абураб иш. Гьебги гIицIго гьабулеб гIадатияб ишалда хурхин гуреб, муъминчиясул гIумруялъул Аллагьасулгун ﷻ жиндир бугеб гьоркьоблъиялдаса байбихьун ва хIатта хIайваназул ургъел гьабиялде щвезегIан киналго рахъал гъорлъе рачун гIатIидаб къагIида буго. Хирияв Аварагас ﷺ абун буго, аманат гьабуралъул къимат гIодобе ккей бугин Къиямасеб къоялъул гIаламатазул цоябилан.
Хирияб Къуръаналда амру гьабун абулеб буго (магIна): «ХIакълъунго, Аллагьас ﷻ нужеде амру гьабулеб буго аманат гьабураб бетIергьабазухъе тIадбуссинабе ва хIукму къотIулелъулги ритIухъаб хIукмуялдалъун къотIе...», - абун (сурату «Ан-Ниса», 58 аят). Аяталда рехсей гьабураб къотIи тIубазаби ва ритIухълъи цIуни лъугьана тIоцересел бусурбабазул – Аварагасул асхIабзабазул яхI-намусалъул, гIамал-хасияталъул кьучIлъун, гьезул гIумруги букIана жидер диналъе ва кьураб рагIуе ракIбацIцIадго тIубазабун, ритIухълъиялъул мисаллъун.
РитIухълъи камилал
АсхIабзаби ккола МухIаммад аварагасда ﷺдандчIварал, гьесул рисалаталда божарал, бусурбабилъун рукIун жалги хварал чагIи. Гьел рукIана исламияб тарихалъул бищун лъикIаб гIеллъун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьезул хIакъалъулъ Къуръаналда аятги рещтIана. МагIна: «Жал иман лъеялъулъ цере ккарал, гьижра гьабизе ва Аварагасе ﷺ квербакъизеги цере ккарал мугьажиралги ансаралги, цинги гьезда хадур лъикIлъи гьабиялъул рахъалъ жал нахърегIарал цогидал мугьажирал ва ансарал, Къиямасеб къо щвезегIан гьеб нухда хьвадарал киналго муъминзабиги жидеда Аллагь ﷻ разилъарал руго. Аллагьасдаса ﷻ жал разиялги руго жидее кьурал кIудиял нигІматазда: иман-исламалда тIоритIиялда, ахираталда Алжан кьеялда. Гьал гIадамазе Аллагьас ﷻ Алжанал хIадурун руго, жидеда жанисан гIорал чвахулел. Даимго рукIинелъун жал гьенире жаниреги лъугьинарула. Гьаб буго цІакъ кIудияб лъикІлъиялда кверщел бати», - абун («Ат-Тавба» сурат, 100 аят).
Гьединго жинда Аллагьасул свалат-салам лъеяв Аварагас абун буго: «Дир умматалъул бищунго лъикIал гIадамал руго дун жидехъе витIун вукIарал гIадамал ( Авараг ﷺ вихьун, гьесда иман лъурал), цинги гьезда хадур рачIарал», - абун (Муслим). АсхIабзаби рукIана диналъе гIоло жидерго рухI кьезе хIадурал, гьезул ракIбацIцIалъигун ритIухълъиги букIана гIорхъи гьечIеб. Ислам бачIиналде цебе ГIарабия букIана питна-кьалалъул, гIорхъолъа арал квешал гIамалазул, къавмазул цоцалъ дагIба-рагIи цIикIкIараб заман. Амма Аварагасда ﷺ кIвана гьел гIадамал хисизаризе, гьезда жанир бищунго тIадегIанал яхI-намусалъул хаслъаби лъугьинаризе.
АсхIабзабазда гьоркьов гIажаибаб къисматалъул, гIамал-хасияталъул ва бахIарчилъиялъул рахъалъ цеве ккаразул цояв вукIана Абу Зар ал-Гъифари. Гъачагълъи гьабулеб къавмалдаса вукIаниги, МухIамадил авараглъи загьирлъилелдего гьес инкар гьабулеб букIана мажусиязул диналдаса ва хъанчазе лагълъи гьабиялдаса. Гьев вукIана кутакалда цIодораб гIакълуялъул чи, гъваридаб пикруялдалъун ва унго-унгояб дин балагьиялдалъун ганчIал цIаязе лагълъи гьабулездаса ватIатIуравлъун. Авараг вахъун вугин рагIун гьес Маккаялде сапар бухьана. ГIали-асхIабгун дандчIван исламги босана. Абу Зарр гIадамазда гьоркьов машгьурлъана дунялалдехун бугеб зугьдалъ ва кутакаб ритIухълъиялдалъун. Гьев гIахьаллъана киналго рагъазулъ, Макка бахъулеб къоялъ жиндирго къавмалъул рахъалдаса байрахъ бачуневлъунги вукIана.
РухIалдасаги тIадегIан лъураб аманат
ГIумар-асхIабасул заманалда ккана цо лъугьа-бахъин. БакIалъулав чи чIваялъул гIайибги гIунтIизабун халифас хIукму къотIизелъун цеве вачун вачIана къватIиса ракь батIияв вехь. Лъугьа-бахъиназул ккараб бичIчIизабун вехьас халифасда бицине байбихьана гьадин: дир варанабазул цояб лъугьана гьесул хурибе ва бижун букIаралъул цояб кванана гьениса.
Гьеб бихьарав бетIергьанас цебе батараб гамачI речIчIана вараниялда ва гьелдалъун вараниги чIвана. Лъугьараб бихьун, ццим бахъарав дицаги гьебго гамачIги босун кьабуна хуралъул хважаинасда ва гьевги хвана. Гьеб заманалъул хIукмабазда рекъон тамихI гьаби букIана жинца гьабуралда данде гьебго гьаби. Ва халиф ГIумарица хIукму къотIана къисас босун вехьги чIвазе.
ЧIвазегIан цебе вехьас халифасда гьарана жиндирго гьитIинав вацасул ирс рагIалде бахъинабизе лъабго къоялъул болжал кьейилан. Халиф разилъана, амма сверухъ рукIаразда гьикъана: «Гьав чи тIадвуссиналъул бакIалда щив гъоркьлъалие чIелев?» - абун. Халкъалда гьоркьоб сихIкъотIи лъугьана, лъиданиги лъалев вукIинчIо чияр чи ва гьесул тIадвуссун вачIиналъе божилъи гьабун гъоркьлъалие чIезе щивго гIедегIичIо. Цинги Абу Зарица абуна: «Дица гьабула гьесие гIоло дирго рухIалдалъун гъоркьлъалие чIей», - ян.
Халкъалъ хIаракат бахъизе лъугьана Абу Зар гьединаб хIинкъи бугеб ишалдаса нахъе вачине, щайгурелъул, вехь лъутун ун тIадвуссун вачIинчIони, гьесие гьабизе букIаралъул чи чIваялъулаб тамихI. Амма гьел киназулго каламаз щибго асар гьабичIо Аварагасул ﷺ асхIаблъун вукIарасе, гьев жиндирго рагIудаса кьуричIо. ГIумарица, Абу Зарил тIадегIанлъи лъалеб букIун, вехьасе изну кьуна лъабго къоялъ жиндирго ишал тIуразаризе ине.
Мадинаялъул агьлу рахъ-рахъалде риххана къваридго, Абу Зарил къисматалда мугьру чIвараб гIадин букIана, лъилниги божилъиги букIинчIин абизе бегьула чияр чияс рагIи кквелин ва тIадвуссунги вачIинин абураб жоялда. Гьедин ана тIоцебесеб къо, хадуб кIиабилеб, гьанже щвана лъабабилеб къо. Гьебги ахиралде щолеб букIана. Диваналъул майданги цIидасан гIадамаз цIуна, амма чияр ракьалъулав вачIунев вукIинчIо. Бакъ букIана геризе гIагарун, гIадамазул гаргарги букIана тамихI Абу Зариде кканин щурщудулеб. Гьеб хIалалъулъ Заманалдасан халкъалда гьоркьор рахъана гьаркьал: «Вехь вачIана! Гьев гьанив вуго!» - абун.
ХIухьлада хехлъун, халатаб сапаралдаса свакан вачIарав вехь халифасде цеве щвана ва гъваридго босулеб хIухьлалъ абуна: «Дица рагIи ккуна. Дица дирго вацги мал-мулкги имгIалзабазухъе кьуна. Гьанже дун щибго жоялъ гьукъулев гьечIо, дун хIадурав вуго мустахIикъаб тамихI къабул гьабизе», - ян.
ГIумар хIикматго валагьана свакарав гIолохъанчиясухъ, гьесул бахIарчилъиялда хIайранлъун, халифас цIехана: «Я Аллагьасул ﷻ лагъ, мунго хвасарлъизе рес щвараб мехалъ, тIадвуссун вачIине сунца тIамурав?» - абун. Гьес жаваб кьуна: «Дун хIинкъана гIадамаз абилин Аллагьасул Расул ﷺ дунялалдаса ун гIемер мех ун гьечIин, бусурбабазулъ абуни ритIухълъи, гьабураб къотIи, кьураб рагIи кквей тIагIун бугин», - ян.
Гьесул жавабалъ гIажаиб-лъизавурав халифа Абу Заридехун вуссана ва гьесда гьикъана: «Сунца мун тIамурав, гьав чи лъалев гьечIониги ва тIадвуссун вачIиналда ракIчIун букIинчIониги, гьесие гъоркьлъалие дурго гIумру лъезе?» - ян. Абу Зарица жаваб гьабуна: «Дирго гIумруялдалъун гьесие гъоркьлъалие чIечIевани, Аллагьасул Расул ﷺ дунял тун аралдаса гIемер заман ун гьечIин, амма исламалъул гIадамазда гьоркьоб абуни цоцадехун бугеб божилъи лъугIун бугин гIадамаз абилин хIинкъана дун», - ан.
Жиндирго рагIи цIунарав вехьасулги, гIумру хIинкъиялдеги ккезабун чияр чиясда божилъи гьабурав Абу Зарилги бихьинал ишаз гъваридаб асар гьабуна чIварав чиясул васазул ракIазе. Цинги дагьалго лахIзатаз сихIкъотIи лъугьана гIахьаллъаразда гьоркьоб. Гьедин ругеб параялъулъ чIварасул васаз ахIана: «Я муъминзабазул амир! Ниж тIаса лъугьунел руго гьев чиясдаса», - ян. ГIадамазда гьоркьоб гIажаибаб хъуй бахъана. Халифги гьезухъ валагьана ва тамашалъун гьикъана: «Щай?» - абун. Жаваб гьабун гьезги абуна: «ГьабсагIаталда гьев чиясдехун гурхIел-рахIму бихьизабун, инсул би гьесие тIаса лъугьун течIони, Аллагьасул Расул ﷺ ахираталде аралдаса гIемераб заман ун гьечIо, муъминзабазулъ абуни цоцаздехун гурхIел-рахIму бихьизаби тIагIун бугин гIадамаз абилин абураб хIинкъи бачIана», - ян.
Гьаб къиса буго аманат тIубазабиялъулъ гIатIидаб бичIчIиялъул цо рахъ. Динияб рахъ халгьабун абуни, аманат ккола инсанасда Аллагьас ﷻ божилъи гьабурабщинаб жо: гьесул гIумру, мал-мулк, гIелму-лъай, лъимал, чияр балъголъи, хIатта хIайваналцин. Жинда Аллагьасул ﷻ свалат-салам лъеяв Аварагас абун буго: «Дуде аманат гьабураб жо нахъбуссинабе, дуе хилиплъарав чиясецин хилиплъиги гьабуге!» - абун (Абу Давуд).
Къадалъ лъураб кирпич цоцада хурхинарун гIуцIун ругел кинниги, щивав бусурбанчиясулги букIуна жиндирго динцоязул тIубазе кколеб жавабчилъи. Цогидазул къваригIелал кIвар гьаричIого тей, жамгIияб мал-мулк, ракь жиндиего пайдаялъе хIалтIизаби яги жиндие балъго гьабураб иш загьир гьаби – гьеб кинабго ккола аманатлъиялъе хиянатлъи ва исламалда какараб гIамал.
Гьал къагIидабазда тIубанго рекъон гIумру гьабулеллъун рукIана жидеда Аллагь ﷻ разилъаял асхIабзаби. Жидеца кьураб рагIиялъе гIоло гIумруялдацин барахщичIого гьеб тIубазабизе хIадурлъиялъ, гьабулеб ишалъулъ жаниб бахчараб хIалихьалъи гьечIолъиялъ, диналде бугеб рокьиялъ гьел рахана хадусел гIелазе мисаллъун хутIун, кIудияб къадру-къиматалде, Аллагьасда ﷻ цереги тIадегIанаб даражаялде. Абу Зарил къисаялдасан гьеб бихьулебги буго. Гьединаб ракIбацIцIадал гIамалазул кумекалдалъун исламияб жамагIаталда кIвана цере чIарал къварилъаби хIехьезе ва кIудияб цебетIеялъе кьучI лъезе.
Нилъеца гIумру гьабулеб буго гьанжесеб заманалда, амма цере чIарал масъалаби цого руго. ХIалбихьиги букIине буго нилъеего зарал кколеб бугониги кIвезе бугищ нилъеда рагIи кквезе, рецIел босизе ихтияр бугониги тIаса лъугьун тезе, хиянат гьаби тIибитIун бугониги божилъи гьабизе, аманат тIубазабизе? Цинги гьединал суалазе кьурал жавабаз чIезабила нилъ унго-унголъунги щал чагIи ругелали!
Аллагьас ﷻ кумек гьабеги шаргIалъул гIурхъаби цIунун хьвадизе! Амин!