Аслияб гьумералде

Алжаналде нух

Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго эбел-эмен кIодо гьарейин абураб.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Дур БетIергьанас амру гьабуна нужеца Гьесие гурони цогидазе гIибадат гьабугейин, эбел-инсуе лъикIлъи гьабейинги…», – ян. Аллагь цо гьавиялда хадуб рехсеялъ магIна кьола гьелъул кIудияб амру букIин. Гьаб ахирзаманалда гIемер кколел руго лъимал жидерго умумузде данде рахъарал хIужаби. Лъидаха лъалареб кигIанаб захIматги бихьун гьел гIезарулелали, гьелъул гIемерисеб захIмалъи эбелалда букIунеблъи.

Хирияб хIадисалда буго: «Ибну МасгIудица абуна: «Дица гьикъана аварагасда, Аллагьасе бищун бокьулеб гIамал щибин абун. ГIужда как бай бугин абуна гьес. Дица абуна цинги щибин. Цинги гьес абуна, эбел-инсуе лъикIлъи гьаби бугоян. Дица абуна цинги щибин. Аллагьасул ﷻ нухда гъазават гьаби буго», - ян абуна. ХIатта капурал ругониги эбел-инсул адаб рехизе бегьуларо.

Цогидаб хIадисалда буго: «Асмаица бицун буго, къурайшиязулгун кьалда рукIаго жеги бусурбанлъичIей эбел ячIанин нижехъе. Дица Аварагасда ﷺ гьикъанин гьелъулгун гьуинлъи гьабун, гьей къабул гьайилищ абун. Къабул гьаейин жаваб кьунила гьес».

Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Аллагь ﷻ разилъи эмен разилъиялъулъ буго, Гьесул ццим бахъин умумузул ццим бахъиналъулъ буго», – ян. Цо къоялъ пуланав чи вачIана Аварагасухъе ﷺ жиндие бокьун бугин гъазаваталде ине, гьелъул хIакъалъулъ мушавара гьабизе вилъун вугинги абун. Цинги Аварагас ﷺ гьесда абуна: «Дур эбел йигищ?» - илан. «Йиго», - ян абуна гьес. «Гьедин батани мун гьелда аскIов чIа, хIакълъунго, Алжан гьелъул кIиябго хIатIикь буго», - ян.

Абу Гьурайратица, эбелалъул рокъоса къватIиве вахъунеб мехалъ, нуцIикIалтIаги чIун, гьелда абулаан: «Ассаламу гIалайка я умматагь! Ва рахIматуллагьи ва баракатугьу (Аллагьасул ﷻ саламги баракатги лъеги дуда, дир эбел)». Цинги гьелъги абулаан: «Ва гIалайка я бунайя, ва рахIматуллагьи ва баракатугьу (Дудаги лъеги Аллагьасул ﷻ саламги баракатги)». Нахъеги гьес абулаан: «РахIимакиллагьу кама раббайтани сагъиран (Аллагь ﷻ гурхIаги дуда дун гьитIинго вукIаго хьихьаралъухъ)». Ахиралдаги гьелъ абулаан: «РахIимакаллагьу, кама саррартани кабиран (дудаги Аллагь ﷻ гурхIаги, гьадин дун йохизаюрав)». Жаниве лъугьунелъулги гьебго абулаан гьес.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...