Аслияб гьумералде

ДугIаялъул хиралъи

ДугIаялъул хиралъи 

ДугIаялъул хиралъи

ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъи, гIодовегIанлъи, Аллагьасде ﷻ живго хIажалъи, Аллагьасул ﷻ бечелъи загьир гьабулеб буго. Кинабго жоялъулъ Аллагьасде ﷻ гьардолел рукIине ккола. Нилъее, Аллагьас ﷻ кьураб гурони, щибго жо щоларо.

 

Гьес кьураб гьукъизеги, гьукъараб кьезеги кIолев чи зоб-ракьалда щивниги гьечIо. ХIатта, хьитазул чIалал рухьунеб мехалъцин Аллагьасда ﷻ кумек гьареян хIадис буго. Аллагьасде ﷻ мугъчIвай гьабурав, Гьесдаса кумек гьарарав чи Аллагьас ﷻ киданиги хьул къотIун теларо. Цогидал ханзабазда лагъ гьардаравгIан рихуна, ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ Жиндирго лагъ гьардаравгIан вокьула.

Муъминчиясул цониги дугIа гIададисеб жолъун кколаро. Гьес гьарараб жо кьечIоницин, жибго дугIа гьаби гIибадатлъун хъвала. ГIатIилъиялда, сах-саламатго вугеб мехалъ Аллагьасде ﷻ кидаго гьардолев муъминчи къварилъиялде ккедал, Аллагьас ﷻ гьесул дугIа къабул гьабула.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жинда гьарараб жо яги гьарараб сагIаталъ кьола, яги гьеб гьарараб жоялда релълъараб тIаде бачIунеб квешлъи гьесдаса нахъчIвала, яги гьараралдасаги цIикIкIараб жо ахираталда кьола.

ХIадисалда буго: «Нужер цоясул дугIаялъе Аллагьас ﷻ жаваб гьабула, гьев гIедегIинчIевгIан заманалда ва дица гьарана, Гьес жаваб гьабичIин абичIебгIан заманалда», - абун.

Цоги хIадисалъул ахиралда буго: «Дунялалда Аллагьас ﷻ жаваб кьечIого тараб дугIаялъе ахираталда лагъасе кьолеб жо бихьараб мехалъ, лагъасда ракIалде кколила: «Дие дунялалда дица гьарараб жоялъул цонигияб кьунго букIинчIебани», - абун.

Аллагьасул ﷻ къадарги дугIаги Къиямасеб къо чIезегIан цоцолъ хIалтIулел рукIуна. ДугIа – муъминчиясул ярагъги, диналъул хIубиги, зоб-ракьалъул нурги ккола. Цо чиясе дугIаялъул рагьу рагьани, гьесие рахIматалъул рагьуги рагьула.

Вализабазул цояс абуна, жив хIинкъуларила дугIа къабуллъичIого хутIанилан абураб жоялдаса, жив хIинкъулила дугIа гьабичIого хутIилилан абураб жоялдаса. ХIатта, мунагьал цIикIкIунилан абунги дугIа къабуллъиялдаса хьул къотIугеян абун буго. Иблисалъ жиб Къиямасеб къо чIезегIан чIаго теян гьарараб мехалъ гьелъул гьари къабул гьабичIищ? Нилъер дугIаги къабул гьабиларищ, гьеб хьулалда рукIине рекъола нилъее. ГIемер гьарейилан хъвалеб буго гIалимзабазги.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...