Аслияб гьумералде

Канлъи цIикIкIинабулеб

Канлъи цIикIкIинабулеб

Канлъи цIикIкIинабулеб

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Аварагасул ﷺ беразулъ кутакаб къуват лъун букIана. Аварагасда ﷺ рикIкIадасан бокьараб жо бихьулаан ва хIатта нахъа бугебцин бихьулаан. Аварагасда ﷺ сардилъги бихьулаан къадго гIадин.

 

Гьелъул магIна ккола къадги къасиги гьесда цого къагIидаялъ бихьулеб букIанин аби. Гьеб букIана ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие кьураб мугIжизат. Имам Къази ГIиязица рехсана гьеб мугIжизат (хIикмат) загьирлъанин МигIражалъул сордоялдаса хадуб.

Гьединабго къагIидаялъ Муса аварагасда рикIкIадасан ва бецI-лъукье чIегIераб цIунцIра бихьизе байбихьана, Аллагьас жиндихъе Таврат, ТIур абураб магIарда рещтIун хадуб.

Анас бин Маликидасан бицараб хIадисалда буго Аварагас ﷺ абунин: «Я, гIадамал! Дун вуго нужер имам (какилъ), Нуж дидаса цере кколел руго рукугIалдаги суждаялдаги, хIакълъунго, дида нуж рихьула цересанги нахъасанги», - ян (имам Муслим).

Имам Муслимил жеги батIияб риваяталда буго: «Дида цевесан чи вихьулев гIадин, нахъасанги вихьула», - ян.

Нилъер гIадатияб бербалагьиялъул абуни, гьеб гIицIго цебе бихьулеб жоялдалъун гIорхъичIвараб буго. Нилъеда нахъе руссинчIого нахъа бугеб бихьуларо. Гьединлъидал МухIамад аварагасда ﷺ нахъисеб рахъ бихьи ккола мугIжизат. Гьеб мугIжизаталъ тIоритIел гьабула авараглъиялъул гIаламаталде. Имам Бухарияс жиндирго тIехьалда «Авараглъиялъул гIаламат» абун бутIа хъвана. Бер гIадинаб гъваридаб, захIматаб лага бижизабизе кIварав ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ кIола цоги бакIалда бихьулеб жо бижизабизеги!

Аварагасда ﷺ бихьана Плеяда (созвездие Тельца) абурал цIвабзазул 12 цIва.

ГIадамазда гьел цIвабзазул анлъго-анкьго гурони бихьизе кIун гьечIо. ТIадегIанав Аллагьас гьесие кьураб къуватаб балагьи сабаблъун, Аварагасда ﷺ гурони, лъиданиги кIвечIо гьел рихьизе.

Авараг ﷺ чирахъ бакун гурони бецIаб рокъов гIодов чIолароан.

Амма гьес гьеб кьижулеб мехалъ свинабулаан ва рогьалилъ чирахъ бакун букIине Аварагасе ﷺ бокьулароан.

Аварагасе ﷺ цIакъ бокьулаан гIурччинал жалазухъ ва чвахулеб лъехъ балагьизе.

ТIабигIаталъул гьел жалаз рухIалъе парахалъи ва гIодове виччай кьола. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъелъ лъуна дунялалъул гъветI-хералъухъ, берцинал хIанчIазухъ ва батIи-батIиял кьеразухъ балагьараб мехалъ ракI бохизабулеб жо. Гьеб хурхараб гьечIо напсиял рахIатазда.

Аварагасе ﷺ бокьулаан цитроналде (гьуинаб лимоналде) ва багIарал гIечIазухъ балагьизе.

Гьезул махI сунтIиялъ кумек гьабула сахлъи щулалъизабизе, тIулалъул бухIи сах гьабизе ва лагIи чIезабизе.

«Аль-Минан» абураб тIехьалда хъван буго машгьурав гIалимчи МухIамад ХIанафил данделъабазда жинал рукIанин. Цинги гьез гьесухъе хьвади тана, жал рачIинчIолъиялъе гIилла гьикъидал, гьез жаваб кьуна: «Нижеда дур столалда тIад цитрон бихьана, гьеб пихъ бугеб рукъалъул нуцIихъе лъугьине нижеда кIоларо», - ян.

Аварагас ﷺ сурьма гьабулаан щибаб бералда кIи-кIи нухалъ ва цоги нухалъ кIиябго бералда гьабун гIезабулаан щуго нух, ай витр.

Жеги гьалдасаги лъикIаб ва беццараб къагIида ккола Аварагас ﷺ сурьма бахин цин кваранаб бералда лъабго нухалъ ва хадуб квегIаб бералда лъабго нухалъ. Цебе рехсараб къагIида гьабуниги щола суннаталъул хиралъи. Аварагас ﷺ сурьма бахана заман хисиялда рекъон. БатIи-батIияб заманалда Аварагас ﷺ гьел къагIидаби хIалтIизаруна.

Гьединго Аварагас берцинаб махI гьабулаан лъабго нухалъ.

Ибн Сириница абуна жиндие бокьулин гьеб кIиябго данде босун цадахъ гьабизе. Цин кваранаб бералда лъабго нухалъ бахина сурьма ва хадуб квегIаб бералда. ТIадеги жеги щибаб бералда цоги нухалъ бахина. Гьеб къагIидаялъ щибаб берда витру ккола ва кинабго цадахъ рикIкIун анкьго ккола.

Сурьма бахиялда жаниб буго суннаталъул хиралъи ва сахлъи. Ибну ГIарабияс абуна сурьма гьабулеб мехалъ суннаталда нахъвилълъине ният гьабизе рекъолин.

Гьединго сахлъиялъе сурьма гьабулеб мехалъ рекъола хIадисалда рехсараб куцалъ гьабизе: къаси бахина щибаб бералда лъаб-лъаб нухалъ. Сахлъиялъе абун ниятги гьабила. Берцинлъиялъе бахунеб бугони, бокьараб мехалъ бахине бегьула, хас гьабун рихьизарурал гIурхъаби гьечIо.

Жакъа медицинаялъ тасдикъ гьабула Аварагасул ﷺ калам, ай сахлъи гьабулин абураб. Сурьмаялъ берал гIодоре риччазарула ва батIи-батIиял унтаби сах гьарула. Хасго тIубараб къоялъ компьютеразда ва телефоназда нахъа ругезул берал свакан рукIуна. Гьеб сурьмаялъ нахъе инабула ва беразе парахалъи бачIинабула.

Авараг ﷺ кив вугониги щуго жоялдаса ватIалъичIо. Гьелги ккола: матIу, сурьма жаниб бугеб цIарагI, гьоркьо, цаби чурулеб щётка (сивак) ва ризаб гьоркьо (гребень).

Гьеб хIадисалъ бихьизабулеб буго Аварагас ﷺ жиндирго ургъел гьабулеб букIараблъи ва гьеб ккола гьесул суннатаздаса кIвар бугеб суннат. Амма гьел цадахъ рукIанин абураб жоялъул магIна кколаро гьес гьел щибаб къойил хIалтIизарулел рукIанин аби. ХIажат ккедал хIалтIизарулаан.

Ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда буго: «Нужеца сурьма бахе, хIакълъунго, гьелъ беразул канлъи лъикIлъизабула ва берзул тIелхал щула гьарула», - ян (АхIмад, Тирмизи).

Имам Бажурияс абуна, беразул унти гьечIев чиясе гьабунин Аварагас ﷺ гьединаб малъа-хъвай. Амма берал унтарал чагIаз сурьма хIалтIизабуни, гьелъул гIаксалда, зарал гьабизе бегьулин.

Берал унтарал яги берзул канлъи загIиплъарал чагIаз, сурьма хIалтIизабилалде цебе, тохтурасда цIехани лъикIаб буго.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


ГIалимзабазул советалъул резолюция

(Байбихьи цебесеб номералда)   ГIалимзабазул советалъ эбел-инсуе лъикIаблъун бихьизабулеб буго:   Лъималазулгун гьоркьоблъи бугеб агьлуялде, гьезул информациялъулаб сверухълъиялде, щибаб къойил гьезда хадуб хъаравуллъи кквей ва кӀвар цӀикӀкӀинаби. Хъизамалда жаниб цоцаде...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIудиявго гIолев гьечIо       Дир вас кIудиявго гIолев гьечIо. Университет лъугIизабуниги маркаби ракIарулев вукIуна. Гьесул гьалмагълъи хIалтIул ва хъизам гьабиялъул пикрабазда ругониги, дир вас гIисинал лъималаз гьабулеб гьабулев вукIуна. Гьесда кIола маркаби хIалаго тIубараб къо инабизеги....


Къуръаналъул къец ва районалъулаб ифтIар

Рамазан моцIалъул ахирисел къоязда ГӀахьвахъ районалъул КIудиябросулъ тӀобитӀана Къуръан цӀалиялъул къец ва ифтIар.   Къецги тIобитIун букIана районалъул бетIер МухIаммад МуртазагIалиевасул хIарака-талдалъун, жиндирго эбел-эмен ракӀалде щвезариялъул хIурматалда. Гьеб тадбиралде данделъана...


Аварагасул ﷺ кванай

Абу Давудица бицана ГӀаишатида гьикъанин Аварагас ﷺ пер кванаялъул хӀакъалъулъ. Гьелъ жаваб кьун буго: «Нилъер Аварагас ﷺ ахирисеб кванараб квен жинда жаниб пер бугеб букӀана», - ян. Тафсир гьабулез абулеб буго гьеб батулин белъун кванараб пер, махI букIинчIо букIине.   «Ахирисеб кванараб квен...


ХIикматал махлукъатал

Медуза   Медузаялда абизе бегьула хIакъикъа-талдаги хIикматаб рухIчIаголъийилан. ГIалимзабаз чIезабун буго гьез гIумру гьабулеб букIанин 600 миллион соналъ цебе ва чанго нухалда дунял хваниги гьел чIаго хутIанин абун.   Гьезда гьечIо ракI, гьуърал, гIадалнах, ракьа. Амма лъала чан...