Аслияб гьумералде

СУАЛ-ЖАВАБ

СУАЛ-ЖАВАБ

Къуръан, махраж гьечIого цӀализе бегьулищ, цӀараб цӀан, къараб къан цIалулеб бугони?

МагIна хисуларедухъ, Къуръан битIун цIализе малъулеб гIелмуялда абула тажвидилан. ХIарпал рукIине кколелъуса жиде-жидер гьаркьаздалъун рахъиялда абула махражилан.

Мисалалъе, гIараб алфавиталда руго цо-цо хIарпал, батIи-батIияб формаялда жал хъвалел, гьаракьги щибалъул батIияб бугел. Къуръан цIалулаго букIине кколеб хIарп кколелъуса бахъичIони, магIна хвезе рес буго. Гьелъ, Къуръан цIалулев чиясда чара гьечIого лъазе ккола гьеб гIелму ва хIарпал рахъулеб къагIида.

 

 

Жаназаялъул как бан бугони, тӀаде рачӀаразда цадахъ нахъеги базе лъикӀаб бугищ?

Хварасдаса жамагIаталъ яги цояс жинцаго жаназаялъул как бан бугони, хадур тIаде рачIаразгун цадахъ кIиабизеги баларо, бачIого тезе суннатаб буго.

(«Мугънил мухIтаж»)

 

 

Жаназаялъул как балеб заманалда гьоркьор гьарулел дугӀаби лъалел гьечӀони, нилъерго мацӀалда гьаризе бегьулищ?

Жаназаялъул как балелъул анлъабилеб рукну буго хварасе хасс гьабун дугIа гьаби, гьеб буго жаназаялъул как баялъул аслияб мурадги. Гьел дугIабазул бищун дагьаб къадарги «Аллагьумма игъфир лагьу» яги «Аллагьумма ирхIамгьу» абун, дугIайин абураб цIар жинде кколел рагIаби руго. (МагIна: «Я дир Аллагь ﷻ, Дуца гьесул манагь чуре» «Я дир Аллагь ﷻ, Мун гьесда гурхIа»).

(«ХIашияту Тармаси»)

 

 

 

Жиндаго лъачӀого чанго соналъ счеталда гӀарац букӀин тӀатани яги цогидас цӀунун букӀараб гӀарац щвани, гьеб лъан хадуб гьеб гӀарцудаса закагIат кьезе тӀадаб бугищ?

ГӀарцуда закагIат тIалъизе ккани, кӀиго шартӀ къваригIуна: нисаб (закагIаталъул къадар) ва хIавл (бетӀергьанлъун вахъун хадуб лъагӀел ин). Гьеб кӀиябго шартӀ тӀубани, гӀарцудаса закагIат кьезе тIалъула 2,5 проценталъул къадаралда.

Цо лъагIалица яги жеги цӀикӀкӀун соналъ гӀарац жиндир букӀараблъи лъарав чиясда тӀадаб букӀуна гьел киналго соназул хIисаб гьабун закагӀат бахъизе.

(«Нигьаятул мухIтаж», 3 бутIа)

 

 

 

Инсан гъапуллъун, ай макьуялдаги ворчIиялдаги гьоркьов вугони, какичури холищ?

Макьу ккола какичури хвезабулел гӀиллабазул цояб. Амма кIаркьаби щулаго ракьуда цвизарун кьижун ккани, гьеб мехалда биххуларо.

Гъапуллъун вугони ва гьесда аскӀор ругезул калам рагӀулеб бугони, какичури биххуларо, гьез бицунеб бичIчIулеб гьечIониги. Гьезул калам рагIиялъ тIоритIел гьабула гьев тIуванго кьижун гьечIеблъиялде.

(«ТухIфатул мухIтаж», 1 бутIа)

 

 

 

Босараб, амма жеги кодобе щвечIеб къайиялдаса закагIат бахъизе кколищ?

Цо чияс закагӀат кьезе кколеб къайи босани, амма гьеб жеги гьесухъе щвечIони, гьесда тӀадаб буго закагIат кьезе, даран гьабураб къоялдаса рикIкIун лъагӀел индал. Гьениб гьесухъе къайи кодоб щун бугищ-гьечIищ халгьабуларо, даран гьабураб къоялдаса байбихьун рикIкIуна закагIат тIалъиялъул заман.

Масала, машина босун бугони, амма гьеб гьесухъе жеги кодобе щвечIони, къотӀи-къай гьабураб къоялдаса байбихьун лъагӀел индал, тӀадаб буго машинаялъул багьаялдаса закагIат кьезе.

Гьединаб хӀалалда бичулесда тӀадаб гьечӀо машинадухъ щвараб гӀарцудаса закагIат кьезе, гьесухъе гIарац щвезегIан. Щайгурелъул гӀарац, бичулесул бетӀергьанлъиялде кколеб букӀаниги, босарасухъе машина щвезегIан бичулев чи хIакъикъияв бетIергьанлъун вахъунаро, босарав чиясухъе машина щвезегӀан.

(«ТухIфатул мухIтаж», 3 бутIа)

 

 

 

Росас чIужуялъул цIар тIамулаго Аллагьасе  бокьани абурал рагIаби гьоркьоре ккезаруни,

гьеб тIамураб цIар кколищ?

Росас чIужуялде абуни, мун цIар тIамурай йиго, дица мун цIар тIамурайлъун гьаюна Аллагьасе ﷻ дур цIар тIами бокьун батани абун, ялъуни мун цIар тIамурайлъун йиго Аллагьасе дур цIар тIами бокьун батичIони абун, цIар тIамулес, Аллагьасе ﷻ бокьиялда, ялъуни бокьунгутIиялда цIар тIамулеб гIужалда цIар ккей хурхизабялъул къасдалда абун бугони, гьеб цIар кколаро. Щайгурелъул, Аллагьасе ﷻ гьелъул цIар ккей бокьун бугищ, ялъуни гьечIищ лъалареб жо букIиналъе гIоло. ЦIар тIамиялъул иш Аллагьасе ﷻ бокьиялда хурхизаби къасдлъун гьечIони, гьадинго щибниги ракIалда гьечIого, ялъуни баракаталъе Аллагьасе ﷻ бокьаниян абун бугони, ялъуни Аллагьасе бокьиялда цIар тIамулеб гIужалъ хурхизабичIого цIар тIамун хадуса хурхизабуни, цIар ккола. ЦIар тIамулелъул Аллагьасе ﷻ бокьун батани абураб жо ракIалда бугони, ялъуни кIалалъ абуни, батIалъи гьечIо цIар ккунгутIиялъулъ. Росас абуни, «Ё, цIар тIамурай, Аллагьасе ﷻ бокьани»,-ян, гьелъул цо цIар ккола, щайгурелъул ахIи баялъул сураталъ цIар ккей бичIчIизабулеб букIиналъе гIоло. ЦIар ккей бичIчIизабулеб жо бициналда хадуб Аллагьасе ﷻ бокьиялда, ялъуни цоги жоялда хурхинабиялъ асар гьабуларо. Гьелде ахIи балелъул лъабаго цIар ккей ракIалда букIун батани, лъабаго ккола.

(Мугънил МухIтаж, ТухIфатул МухIтаж)

 

 

 

ТIутIал чороклъиялъулъ рукIуна, гьел нилъедагоги парталалдаги чIола. Гьелдалъун как хвезе рес бугищ?

ТIутIалъулги цогидал хIутIазулги бохдузда тIад бугеб чороклъиялдаса гIафву гьабула, ай гьел тIад чIеялдалъун партал хъублъуларо, какиеги бегьула. ТIутI чIваялдалъун хIакъикье кколаро, инсанасе зарал гьабулеб хIутI-хъумур чIвазе бегьунгутIи гьечIо шаргIалда рекъон.

 (ТухIфатул МухIтаж)

 

 

 

Ирс кинав чиясе щолеб?

Ирс щвей букIуна нахъе хутIарал чагIазухъ балагьун. Ирс щвеялъулъ руго жидее хассаб бутIа бихьизабурал гIадамал, руго жиде гьединаб бутIа бихьизе гьабичIел, нахъе хутIараб босулел чагIи. Гьал кIиялго гьечIони жидее ирс щолел чагIиги руго. Ругел гIадамазухъ балагьун чиясе щолеб жо цIикIкIине яги дагьлъизе бегьула. Ирс бикьи кIудияб гIелму буго, гьаниб кинабго бицун бажаруларо. Дуе лъикIаб буго гьелъул хIакъалъулъ имамасда цIехани.

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


МугIазие гьабураб насихIат

Аварагас ﷺ Йеменалде ритIана Абу Муса ал-АшгIарий ва МугIаз бину Жабал. Гьезие гьадинал малъа-хъваялги гьаруна:   «Нужеца гьезие бигьалъи гьабе, захIмалъи гьабуге, гьел гIагар гьаре, тIуризаруге, нуж кIиялгоги цоцазде адаб-хъатиралда рукIа ва цоцазда гьоркьоб хилиплъи ккеялдаса цIуне....


Муфтияталда хIасилал гьаруна

ДРялъул муфтиясул заместитель Насрулла Абубакаровасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна Къуръан рекIехъе лъазабиялъул централъул мугIалимзабаз. Гьениб бицана гъоркьиса гьабураб хIалтIул, ккарал хIасилазул хIакъалъулъ ва тIадчIей гьабуна исана церелъурал масъалаби...


Муфти дандчIвана хIафизгун

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди дандчӀвана, хирияб рамазан моцӀалъ таравихӀалъул каказда гӀахьаллъизе республикаялде вачӀун вукIарав машгьурав хӀафиз Сиратуллагь Рауповгун. Гьез бицана хирияб Къуръан малъиялъул, рекӀехъе лъазабиялъул къагIидабазул хIакъалъулъ.


ГIузру бугесе бигьалъи

ТIоцебе кIалгьикъи гьабизе бугелдасан ккола как. Гьединлъидал щивав чияс хIаракат бахъизе ккола букIине кколеб куцалда как базе, ай киналго шартIалги цIунун. Гьединго цIунизе какилъ рихьизарурал суннатал гIамалалги.   Фикъгьиялъул тIахьазда хъван буго как балелъул вахъун чIезе бажарулеб...


Жакъаго пайда босе

ТIадегIанав Аллагьас нилъее гIемерал сайгъатал кьун руго. Гьезие гIоло нилъеца БетIергьанасе реццги гьабун, рихьизарураб гьабураб куцалда гьел хIалтIизаруни, щивасе дунялалдаги ахираталдаги кIудияб пайда щвела.   Бокьараб нигIматалъухъ инсанас ТIадегIанав Аллагьасе шукру гьабуни, Гьес...