Аслияб гьумералде

Бергьенлъиялъул къо

Бергьенлъиялъул къо

Дагъистаналъул тарих ккола гIасрабаз жидерго ракьал ва рухIиял къиматал цIунараб халкъазда гьоркьоб бахIарчилъиялъул ва къвакIиялъул цIар араб ракь. Бищун захIматал балагьазул заманалда Дагъистаналъул бусурбаби цогидал халкъазул ва диналъул вакилзабазда цадахъ рахъана хIажатазе кумек гьабизе ва гьединго ВатIан цIунизе.

 

Хасаб бакI ккуна дагъистанияз КIудияб ВатIанияб рагъулъ ва гьанжесеб СВОялъулъ. Гьаб кIиябго лъугьа-бахъиналъулъ кIудияб бакI ккуна диниял церехъабазги ва бихьизабуна иманги ВатIан бокьиги цоцада хурхараб бугеблъи.

КIудияб ВатIанияб рагъул заманалдацин совет улкаялъ диналде данде гьабулеб букIараб пропагандалъухъ балагьичIого, 1942 соналъ бусурбабазул Динияб идараялъ лъазабуна немцазул фашизмалде данде рагъизе кколин абун.

Дагъистаналдаса КIудияб ВатIанияб рагъда гIахьаллъи гьабуна 142 азаргоялдасаги цIикIкIун чияс. Гьезда гьоркьор рукIана республикаялъул тIолалго халкъазул вакилзаби. Къоло анкьго дагъистанияв вахъана Совет Союзалъул БахIарчилъун. Хасаб кIвар буссинабизе бегьулеблъун ккола дагъистаниязда гьоркьоса цониги дезертир яги хиянатлъи гьабурав вукIинчIеблъи. Гьелъги бицуна дагъистаниязул тIадегIанал яхI-намусазул ва ракIбацIцIадаб ВатIаналде бугеб рокьул.

 

 

 

 

Дагъистаналъул бусурбабаз гIицIго рагъулъ гIахьаллъи гьаби гуребги, жигараб квербакъи гьабулеб букIана фронталъеги. Рагъулъ гIахьаллъи гьабулеллъун гьечIел гIадамаз бакIарана танказул колонна базе гIарац, гьелъие бакIарун букIана 10 млн гъурущ гIарцул ва гьелдалъун бана халкъияв бахIарчи имам Шамилил цIаралда танказул колонна. Гьеб рагъулъ гIахьаллъи гьабуна тIарикъаталъул гIадамазги, Болъихъа устар Бадрудин-афанди вукIана гьеб рагъул гIахьалчи.

Бусурбабаз улкаялъе гьабулеб кумек бихьун, 1944 соналде советияб нухмалъиялъ рагьана чанго рухIияб идара ва мажгит, Шималияб Кавказалъул бусурбабазул рухIияб идара рагьана Буйнакскиялда.

Жакъаги, Украиналда унеб бугеб СВОялъулъ дагъистанияз иргадулаб нухалдаги бихьизабулеб буго иманалъул ва патриотизмалъул цолъи. Гьениб гIахьаллъи гьабулеб буго аза-азар дагъистанияс. 19 дагъистаниясе щвана «Россиялъул бахIарчи» абураб тIадегIана цIар, нус-нусазе щвана къиматал цIарал. Гьелдаги гIахьаллъи гьабулеб буго диниял идарабазул хIалтIухъабазги.

Дагъистаналъул муфтияталъ, шайих АхIмад-афанди ГIабдулаевасул нухмалъиялда гъоркь, хасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса жигараб кумек гьабулеб буго рагъул гIахьалчагIазеги.

 

 

 

 

Хасаб кIвар кьезе мустахIикъаб буго улкаялъул Оборонаялъул министерствоялъулгун контрактги хъван имамзабазги гьениб гIахьаллъи гьабулеб букIиналде. Рагъ унеб бакIалда рукIаго гьез тIубазабулеб буго диниял тадбиразул гIуцIиял, моралиябгун психологияб квербакъиялъулал вагIза-насихIатал, рагьун руго киналго шартIал жанир чIезарурал какие рукъзабиги.

Щибаб анкьида жаниб гIадин халкъаз данде гьабун битIулеб буго гуманитарияб кумек. Гьел гIахьалчагIазул цIаразда тIоритIулел руго батIи-батIиял спортивиял къецал, ралел руго мажгитал, паркал, ракIалдещвеялъулал цIарал хъварал гъутIби чIун гIуцIулел руго ахал.

КIудияб ВатIанияб рагъда ва СВОялда Дагъистаналъул бусурбабазгун диниял церехъабаз гIахьаллъи гьабиялъул хIужа ккола ВатIаналъе ритIухълъиялъул, бахIарчилъиялъул ва халкъ цолъиялъул тарих.

 

 

 

 

Хириял газета цIалулел, дагъистаниял, хIурматиял ветеранал ва Хасаб Рагъулаб Операциялъул гIахьалчагIи! Гьарула ветераназе щулияб сахлъи, халатаб гIумру, СВОялъул гIахьалчагIазе - бергьенлъиги босун рокъоре тIадруссин, киналго хъизамазе рекъел, хинлъи, талихI. Аллагьас ﷻ хадубккун нилъеда бихьугеги рагъ-кьал, питна, балагьалги тIаса росаги! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...